Четверг, 02.05.2024, 10:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Август » 3 » ГЬАСИЕ КЪУРКЬИЧ1ЕБ САНГАРГО БАТИЛАРО.
09:55
ГЬАСИЕ КЪУРКЬИЧ1ЕБ САНГАРГО БАТИЛАРО.

Дагъистаналъул политикияв ва жамг1ияв х1аракатчи Шагьрудин Шамхалов гьавуна Авар округалъул Т1ануси росулъ 1914 соналъул 8 июналда. Х1алт1ана КПССалъул обкомалъул секретарьлъун, Дагъистаналъул Совнархозалъул председательлъун, Министерзабазул Советалъул председателасул заместительлъун, ДАССРалъул Верховный Советалъул  Президиумалъул председательлъун.

Т1оцебесеб иргаялда дие бокьун буго нилъерго ракьцоязда Дагъистан г1уц1улаго  гьев унго-унгояв патриотас гьабураб х1алт1ул х1акъалъулъ лъазе.

К1удияб Ват1аналъул рагъул заманалда Шагьрудин х1алт1ана Буйнакскиялъул горисполкомалъул председательлъун. Т1аде рагъ щваралдаса т1урун рач1арал лъимал-руччабиги, лъукъаразул ц1урал госпиталалги, гьеб киналъулго т1алаб гьабизе кколаан г1олохъанав Шамхаловас. Кив х1алт1аниги гьес бихьизабулаан унго-унгояб гьунар ва бажари.

Шамхаловасе бищунго бокьулеб заман бук1ана 1957-1964 соназ Совнархозалъул председательлъун х1алт1улеб мех. Гьенив х1алт1изе байбихьараб заманалда  Дагъистан бук1ана Северияб Кавказалда бищун нахъе ккараб промышленность бугеб бак1. Совнархозал риххараб 1964 соналъ нилъ рук1ана к1иабилеб бак1алда, Ростов областалдаса хадур.

Гьеб заманалда Шамхаловасул нухмалъиялда гъоркь рана ц1акъго к1удиял заводал: Буйнакскиялда  агрегатазул, шинабазул, Кизляралда «КЭМЗ», «Электроаппарат», Мах1ачхъалаялда «Авиаагрегат», сепараторазул, приборазул, судоремзавод, «Стекловолокно», Кизилюрталда «Дагэлектроавтомат», «Химзавод», Дербенталда завод шлифовальных станков, электросигнал, Дербенталда ва Кизляралда  коньяказул заводал. Киса-кирего рана чагъир гьабулел, чед бежулел заводал.

Ц1акъго гьеч1ого г1оларел рукъзал  ралел комбинатал рана  Гъизилюрталда, Мах1ачхъалаляда, Дербенталда.

Къокъаб заманалда  Шамхаловасул нухмалъиялда гъоркь рана 100 г1ан фабрик завод. Аза-азар чиясе  щвана х1алт1изе бак1, жанир рук1ине рукъзал, ц1ализеги рит1ун рахъинаруна лъик1ал специалистал. Гьанже нилъер бугеб аслияб бечелъилъун рик1к1ине бегьула гидроэлектростанциял.

Рагъдаса хадуб т1оцебе балеб Чирюрт ГЭСалъул управлениялъул начальниклъиги жинцаго т1аде  басана гьес, Шамхалов вук1ана Совнархозалъул председательлъун вугев чи. Чиркеялъул ГЭСалъеги байбихьи  Шамхаловасул бук1ана. Киналъего жиндие кумекалъе  рук1анин Данияловги Г1умахановгиян бицунаан Шагьрудиница.

90 абилел – кинабго биххулел соназда г1адат лъугьун бук1ана, лъик1аб-квешаб данд базе к1удиял заводазул директорзаби данделъулел.

Цо нухалъ Бакьагьеч1иса Гапуров Игорица (Сепараторазул заводалъул директор) ва Хунзахъ Г1алиев Мах1ачица (директор центральных электросетей) абуна Шамхаловас 85 сон  т1убанила, гьеб нилъеца гьесда баркизе ккелин. Киналго гьелда т1ад рекъана. Пивзаводалъул директор Асиятилов Мух1амадица абуна жиндир заводалда к1одо  гьавизе бокьилин жиндие Шагьрудин – ян.

Заводалъул столоваялда  Суракъатил Мух1амадица г1уц1ун батана ц1акъ лъик1аб стол. Ниж киналго къоялъ рук1ана  Шагьрудинида гьавураб къо баркулел, араб заман рак1алде щвезабулел.  КЭМЗалъул директор Ах1ат1ов Ибрагьимица бицана заводалъул ц1ик1к1араб г1ел кидаго Шамхаловасул бицунел рук1унин: г1аданлъиялъул, г1адамал рокьиялъул, жив ц1акъ вохарав  вугин гьадин берцинго Шагьрудингун г1одор ч1езе щвеялдасаян. Киналго данделъараз бицана жиде-жидер  коллективазда Шамхаловасул бугеб къадру, къимат, зах1матаб мехалда гьес гьабураб кумекалъул. Данделъи берцинго тамадалъи гьабун бачана  Гапуров Игорица.

Щибаб завод бай гьеб бук1ана к1удияб история. Нижее киназего кеп щун бук1ана завод «стекловолокно» бараб куцалъул. Гьениб бук1ун буго «химзавод» т1олабго шагьаралъул гьава хвезабулеб. Профсоюзалъул инспекторас актал хъвалел рук1ун руго заводалъ гьава хвезабулеб бугин г1адамал унтулел ругин. Инспектор гьекъолеб жо бокьулев чи вук1ин х1исабалдеги босун, вач1ун акт хъвалеб мехалъ абун буго мун г1адав х1инкъи гьеч1ев чияс завод щайин къаларебан. Хъван буго акт завод къазе. Шамхаловас  кьун  буюрухъгун басрияб заводги биххизабун бана ц1ияб к1удияб завод «Стекловолокно». Гьединаб иш жиндего т1аде босизе к1олев чи гъоб партиялъ нухмалъи гьабулеб мехалъ  щивниги вук1инч1илан абулеб бук1ана цо чияс г1адин киналго директорзабаз. Нилъер киназго адаб гьабулев Социалистияб зах1маталъул Бах1арчи Мух1амад Махуловасги абула щибго х1инкъи гьеч1ого  Шагьрудиница г1адин жиндего  жавабчилъи босулев чи жинда дандч1вач1ила. Дагъистаналъул халкъалъе х1алт1улев вук1индал х1инкъулароан Шагьрудин. Данделъарал директорзабаз бицунеб бук1ана Союзалъул ва Россиялъул нухмалъулезулгун лъик1аб гьоркьоблъи ч1езабизе Шагьрудинил  бук1араб к1удияб гьунаралъул.

Шамхаловасул бук1ана лъик1аб гьудуллъи СССРалъул радиопромышленносталъул министр Плешаковасулгун. Гьев патриотас Дагъистаналда рана чанго завод – Избербашалда ДагЗЭТО, Мах1ачхъалаялда ва Болъихъ радиозаводал. Нижеца рак1алде щвезабуна харж кьун, жанир ч1езе рукъзал кьун. Гьеб данделъиялдаса  ц1акъ роххун рук1ана нижги, разиго вук1ана Шагьрудинги, к1очон  толареб бук1ана юбилей. Шамхаловас республикаялда эркенаб гугари цебет1еялъе, «Лезгинка» ансамбль г1уц1иялъе  гьабураб х1алт1и.

Дагъистаналъул халкъалъе бищунго лъик1 х1алт1араздасан цояв ккола Шагьрудин Шамхалов. Гьесул х1алт1уе жеги бук1ине кколеб къимат  кьун гьеч1о.

Рак1алде ккола бач1унеб соналъ гьев гьавуралдаса 100 сон т1убаялъул юбилей районалдаги республикаялдаги  т1адег1анаб даражаялда к1одо  гьабилилан.

Маг1арулазул  поэтесса Майсарат Мух1амадовалъ ц1акъ лъик1аб гьари гьабулеб буго нилъее Шамхаловасде хъвараб коч1олъ

Г1акълуги камилав, каламги къокъав,

Къадру т1адег1анав т1адмаг1арулав,

Т1аде г1ун рач1унел наслабазда гъорлъ,

Камиларо васал дур ирс босарал.

Ирс босарал васал рахъине ккани дида рак1алде ккола районалъул администрациялъ вацал Мух1амадовазда ва цогидал рес бугел районцоязда гьаризе ккела ц1ализе лъик1ал ц1алдохъаби Россиялъулги, къват1исел улкабазулги бищунго лъик1ал  университетазде ц1ализе рит1изе. Хадубги гьезул т1алабги гьабизе.

Сураталда:  М. Х1ажиевасул ц1аралда бугеб заводалъул генералияв директор Папалашев А. Я.,  «Каспий» фирмаялъул генералияв директор Г1амирханов К. М., «Питательная среда» заводалъул генералияв директор Мажидов М. М., Кизляралъул электромеханикияб заводалъул генералияв директор Х1амзатов Г. М., «Авиаагрегат» заводалъул генералияв директор Ш. Х1амзатов, Мах1ачхъалаялъул пивзаводалъул генералияв директор Асиятилов М. С., ОАО «ЖБК» ялъул генералияв директор Г1алиев М. Б.,  «Стеклопласт» заводалъул генералияв  директор Къурбанов А. С., «Сепараторазул» заводалъул генералияв директор Гарипов И. Г., «Стекловолокно» заводалъул генералияв директор Х1усейнов М. Г., Централиял электросетазул генералияв директор Г1алиев М. М., ОАО «Дагпищепромалъул» генералияв директор Ах1мадов Х. М., «Эльтав» заводалъул генералияв директор Г1алиев Ш. Д.

Просмотров: 571 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz