Четверг, 02.05.2024, 09:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Август » 3 » «К1АРЧАМАЙ К1ОДОХЪЕГИ РАККЕ!»
10:10
«К1АРЧАМАЙ К1ОДОХЪЕГИ РАККЕ!»

Дагьаб цебег1ан районалъул руччабазул комитеталъул председатель П. Набиевагун цадахъ районалъул росабалъ ругел ригь арал г1адамазухъе гьезул ах1вал-х1ал ц1ехон унелъул нижер лъай-хъвай ккана Г1орот1а росулъа Шамхалова Алипатилгун.

Гьеб росулъ ругел ригь арал г1адамазул ц1ехолелъул нижеда абуна 90 сон балеб бугониги, х1ежги борхарай, г1умруялъул х1албихьиги бугей к1арчамай к1одохъе щвезеги инч1ого рук1унгейилан. Ниж гьелъухъе щведал рукъалда цебе бугеб тахбак1ида г1одойги  ч1ун бакъул кеп босулей ятана нижеда Алипат. Ц1акъ г1адамал хирияй, хехго гьезда гъорлъ жуялей г1адан ятана нижеда  гьей. Алипатица жиндирго г1умруялъул х1акъалъулъ гьадин бицана:

- Дун йиго бет1ергьанчиги нахъе гьеч1ого маг1ишат гьабизе ккарай г1адан. Т1убараб г1умруго ана дир колхозалда х1алт1улаго. Гьанже г1адин рекьич1ого тарал хурзалги, бецич1ого тараб мегъги бук1унароан цебе. Заманалда бекьулаан хур, заманалда бухъулаан, ч1аралаан, лъилъулаан, рокъобе баччулаан. Цин колхозалъул х1алт1и гьабич1ого рукъалъул маг1ишаталде руссине рес бук1унароан. Къасийин, къадин бат1алъи гьеч1ого х1алт1изе кколаан. Бихьич1еб къого хут1ич1о дида. Гьелда т1адеги  рух1алабаз керен судана дир. Хвана бет1ергьанчи, жеги г1олохъанго яс, вас. Бихьун хадуб г1адамаз х1ехьолареб жо бук1унеб гьеч1о. Киналгоги добцояб дунялалде ун васасул лъималазда аск1ой хут1ун йиго дун. Дирго талих1 буго гьелг1аги гурх1ел-ц1об бугел ругелъул. Нусалъ гьабун хинаб квен кьола, гъизараб чурула, хохораб букъула. Бокьа-бокьарабги гьабун херай к1одо рази гьаюла. Дунг1ан Аллагьги разилъун ватаги гьездаса. Гьеб гуребги, гьаб дунялалъул рокъоб бищун дун йохараб ишлъун ккана х1ежалт1е ине рес рекъей. Сахав, лага-щват рекъарав, гьумер-куц берцинав г1олохъанчи вук1ун вуго нилъер цеве вук1арав президент Мух1амадсалам Мух1амадов. Гьес гурищ дун, дица рарал сонал лъайдал, живго т1ад рек1араб самолеталдаги рек1инаюн х1ежалт1е ячарай.

Гьит1инаб лъимерг1адин йохун яч1арай Алипат йихьидал, рак1алде  кколеб бук1ана киг1ан к1удияб киридай гьай х1ежалт1е ячаразе щвелаян.

Г1адамал хирияй, гьезда гъорлъ жуярай йик1иналъ батила, Алипатихъе г1емер рач1уна росдал г1адамал, г1исинаб г1ел.

Гьелъ гьезда малъула цоцалъ рекъон рук1ине, к1удиязул адаб гьабизе, г1адамазда цебе гьумер нечолеб иш гьабунгут1изе.

Алипатида дур анищ щибилан гьикъидал, гьелъ нижеда абуна: - Гьанже Т1адег1анав Аллагьасул фарзги т1убана, дунялалдаги рик1к1ен лъаларел сонал рана, ялагьун ч1ун йиго кидадай дие кьурал  къоял  лъуг1ила,- ян абун. Рух1 иманалда боси – гьеб буго дир анищ. Алх1амдулиллагь, рецц Аллагьасе буго, жакъа къоялде щвезег1ан сах-саламатго тун йигелъул.

Г1адамал гьанже бечелъун руго. Бадибе хъвазег1ан г1емераб г1арацги г1емерлъун буго, амма цебег1адаб гьуинлъи, вацлъи гьеч1о гьезда гьоркьоб. Дие бокьилаан гьудуллъи щулалъизе, ракьалда рекъел бук1ине, кьалул гьаракь раг1унгут1изе.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 636 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz