27 июналда Хунзахъ райадминистрациялъул данделъабазул
залалда т1обит1ана Дагъистан Республикаялъул Президентасул районалда
вихьизавурав вакил ва куратор, республикаялъул туризмалъул комитеталъул
председатель Мух1амад Г1исаевасулги районцоязулги дандч1вай.
Р. Г1абдулат1иповасул бихьизабиялда рекъон щибаб
шагьаралдегун районалде гьарулел руго гьединал
ишалъулал сапарал, муниципалитетазда бугеб социалиябгун экономикияб ах1вал-х1ал, президентасул
т1адкъаял т1уразариялъул ин лъазелъун.
Цойгидал районазда данде ккун нилъер гьаниб ч1ара-хьараб
ах1вал-х1ал ва г1одобебиччай бугилан
бихьизабуна республикаялдаса вач1арав гьоболас ва божилъи загьир гьабуна
социалиябгун экономикияб цебет1еялда араб соналъ ккарал х1асилал гьаридал,
районалъе республикаялда цебесеб бак1 щвезе бук1иналда. Районалда халкъиял
дружинаби г1уц1иялда сверухъ гьабураб х1алт1ул баян кьуна районалъул
нухмалъулесул заместитель А. Г1абдуразакъовас. Гьесул раг1абазда рекъон, жакъа
районалда хъвай-хъваг1ай гьабун буго 130 ялдасаги ц1ик1к1ун халкъияв дружинникасул,
т1обит1улеб буго экстремизм т1ибит1иялде данде
профилактикияб х1алт1иги.
Хадусеб иргаялда байбихьана ракьцоязул республикаялъул президентасухъе рахъинаризе
бокьарал, районалда жаваб щвеч1ел суалазе жавабал кьезе. Рук1ана тахшагьаралдаса щив вач1аниги гьезда
цере рорхарал ва чанц1улго «не
компетентен – не знаю» ян жаваб щварал,
ч1алг1иналде сверарал суалалги, гьаб гурого т1ок1аб ургъел гьабизе жогойищ
районалда гьеч1ебан рак1алде ккезабулел
к1алъаялги. Районалда к1иго моц1алъ т1ат1алаго харж кьеч1олъиялъе г1илла
ц1ехана лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул
профсоюзазул райкомалъул председатель М. Мах1мудовас. Федералияб бюджеталдасан – республикаялде - республикаялдасан - районалде дотация
бач1арабго, гьеб щвезе бук1иналда иргадулаб нухалъ рак1 ч1езабуна районалъул
бет1ер Х1. Дарбишевас. Коммуналиял хъулухъазухъ учительзабазе, медиказе г1арац,
гьелъие квитанциял щвеялда ругел г1унгут1абазул гьикъидал, президентасул
вакилас раг1и кьуна гьеб суал
республикаялъул нухмалъиялда дандбан раг1алде бахъинабизе, цойгидал суалазда
хурхунги жиндасан бач1араб кумек
ват1аналъе гьабизе. Бук1ана суал нилъер
ракьцояв, машгьурав шаг1ир Х1амзатил Расулил 90-сонилаб юбилей
к1одо гьабиялда хурхарабги. Гьеб
т1адег1анаб даражаялда т1обит1изелъун районалъе
ДРялъул президентас 5 млн.гъурущ т1адеги биччан бугилан бицана
районалъул нухмалъулес. Макьаст1а туристазулаб кластер баялда, цо-цо х1алт1улал
г1уц1аби Хунзахъа нахъе рахъинариялда хурхарал ва гь.ц. суалалги рук1ана г1одорч1аразул.
Амма залалда
рук1аразул щивас бот1ролъ кьолеб бук1араб ва цо-цояз ц1ияб жо лъазе бугеб
гъираялъ (любопытство) ах1ун гьикъараб, аслияб суаллъун бук1ана районалъул
администрациялъул бет1ер Х1. Дарбишев х1алт1удаса нахъе ин-унгут1иялъул,
г1емерал харбал жинда сверухъ рижараб суал.
Сентябралда т1орит1изесел рищиязда
халкъалъ жинда ц1ар ч1варав вач1инин районалъул нухмалъиялде, гьелде
щвезег1ан районалъе пайдаяб цадахъаб х1алт1и бачине бугилан жаваб кьуна ракьцоязе вук1аравги вугевги к1иявго бет1ерас. Районалъе жиндасан жеги
пайда ц1ик1к1араб цойги х1алт1и щолеб
бугони, гьелдасаги инкар гьабиларин
абуна Х1. Дарбишевас.
Г1аммаб къаг1идаялъ босани республикаялъул нухмалъулесул
Хунзахъ районалде хасаб рокьиги, лъик1аб бер балагьиги бугилан баян кьуна
районалъул кураторасги.
Р. Г1абдулат1иповас бачунеб бугеб политикаялъул рахъ кколевлъун вугин районалъул бет1ер Х1.
Дарбишевги, гьединаллъун нужги рук1аян т1адеги жубана Мух1амад Г1исаевас.
Гьедин ана районалъул активалъулгун республикаялъул
президентасул вакиласул дандч1вай. Аллагьас районалъе лъик1аб хъван батаги.
Амин.
Ф. Мух1амадова.
|