Автор.Ф.Мух1амадова.Июль 2013с.27 июналда Хунзахъ райадминистрациялъул данделъабазул
залалда т1обит1ана Дагъистан Республикаялъул Президентасул районалда
вихьизавурав вакил ва куратор, республикаялъул туризмалъул комитеталъул
председатель Мух1амад Г1исаевасулги районцоязулги дандч1вай.Р. Г1абдулат1иповасул бихьизабиялда рекъон щибаб
шагьаралдегун районалде гьарулел руго гьединал
ишалъулал сапарал, муниципалитетазда бугеб социалиябгун экономикияб ах1вал-х1ал, президентасул
т1адкъаял т1уразариялъул ин лъазелъун.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Июль 2013с.
Инсанасул г1умруялъул г1урабго заман, г1ага-шагарго
лъабил бут1а, уна х1алт1уда нахъа – цояв
учительлъун, цогидав тохтурлъун, цо-цоял г1ухьбилъун ва гь.ц. Гьединлъидал
рек1ее бокьулеб х1алт1уде ккей, бокьулеб махщел щвей хъизан-рукъалъул талих1
кьей г1адаб жо буго. Аллагьас ц1унаги бокьулареб ишалде щибаб къоялъ ине ккеялъул г1азабалдаса. Гьединаб х1алт1уца
кьолеб пайдаги – дагьаб бук1уна.
|
Автор.
«Дагестанская жизнь»
газеталдасан «Росдал зах1матчи» газеталъе маг1арул мац1алда хъвана Г1. Г1исаевас.
Дагъистаналда щив ватилев «Хунзахъилан» ц1ар раг1ич1ев чи.
Хунзахъ ккола коч1охъабазул, ц1ар арал г1алимзабазул, политикиял
х1аракатчаг1азул, совет власталъе г1оло
къеркьохъабазул ват1ан. Хунзахъ районалдаса ккола К1удияв поэт ва гуманист Расул Х1амзатов.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июль 2013с.Улкаялъул тахшагьар Москва шагьар бакьулъ (Садовияб
кольцоялдаса рик1к1ад гьеч1еб Яузаялъул
бульваралда) дагьал церег1ан къояз рагьана нилъер машгьурав шаг1ир Расул
Х1амзатовасе памятник. Гьеб рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъана РФялъул
президент В. Путин, ДРялъул президентасул ишал т1уразарулев Р. Г1абдулат1ипов,
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Х. Шихсаг1идов, РФялъул
Федерациялъул Советалъул председатель В. Матвиенко, Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер И. Г1умаханов, шаг1ирасул г1агарлъи, гьудулзаби, пачалихъиялгун
жамг1иял х1арактчаг1и Е. Примаков ва А. Дзасохов, СССРалъул халкъияв артист И.
Кобзон, регионазул нухмалъулел ва гь.ц.
|
|