Четверг, 02.05.2024, 08:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июль » 19 » Т1АНУСИСА БУЛБУЛ.
14:58
Т1АНУСИСА БУЛБУЛ.

Дагъистаналда щив ватилев «Хунзахъилан» ц1ар раг1ич1ев чи. Хунзахъ ккола коч1охъабазул, ц1ар арал г1алимзабазул, политикиял х1аракатчаг1азул, совет власталъе г1оло  къеркьохъабазул ват1ан. Хунзахъ районалдаса ккола  К1удияв поэт ва гуманист Расул Х1амзатов.

Ц1ар арал г1адамаз машгьур гьабураб росу ккола Т1анусиги. Т1анусиса вуго  ц1ар арав академик Шамиль Г1алиев. Т1анусиса машгьурал г1адамазда гьоркьоса ккола гьунар бугей коч1охъан Ах1сарат Мух1амадовна Х1абибулаеваги. Гьелъул булбулалъул г1адаб къанаг1атаб гьаракьалъ х1икмат гьарула г1адамал. Коч1охъаналъ ц1унулеб буго халкъияб коч1ол культура, куцалеб буго гьелде рокьи.

Т1ануси гьоркьохъеб школа лъуг1арай Ах1сарат рек1еца ах1ана Дагъистаналъул культпросветшколалде. Гьеб лъуг1аралдасаго г1олохъанай  коч1охъаналъ жинцаго т1аса бищараб коч1олаб искусствоялдалъун г1адамал рохизарулел руго.

Загьид Х1ажиевасул, Залму Батировалъул, Расул Х1амзатовасул куч1дулгун  кеч1-бакъан бокьулезда цее бат1и-бат1иял аудиториязда куч1дул ах1ула Ах1саратица. Коч1охъаналъул репертуаралда руго к1вар кьун т1аса бищараб 30 кеч1. Гьел куч1дузулъ Ах1саратица рагьун буго  халкъалъул рохелги, рек1ел къварилъабиги, кеч1 ах1иялъул культураги.

Ах1саратил коч1ол  культураялде к1удияб асар  гьабуна эмен Мух1амад Х1абибулаевичасги аваразул машгьурай коч1охъан Г1айишат Тажудиновалъги. Жийго коч1охъаналъул раг1абазда рекъон, Ах1саратие мисаллъун руго П. Магаева, М-Т1. Синдикъов, М. Дибирова.

Жиндирго  куч1дузулъ гьунар бугей коч1охъан Ах1саратица рагьулеб буго авар мац1алъул к1одолъи ва бечелъи. Гьезулъ буго  жиндирго ракьалъулгун, халкъалъулгун, гьелъул бах1арчияб цебесебгун ва гьанжесебгун т1ей гьеч1еб бухьен.

Ах1саратица г1агараб школалда кьолел руго коч1ол ва  музыкаялъул  дарсал. Концерталгун уна мадугьалихъ ругел районазде ва росабалъе, куч1дулгун цее яхъуна Мах1ачхъалаялда. Дагьаб цебег1ан цогидал  коч1ол ц1вабигун гьей цее яхъана Ц1. Х1амзатил ц1аралда бугеб Авар  театралъул сценаялда. Цогидал г1енеккаралго г1адин гьал мухъазул автор х1икмат гьавуна маг1арулазул машгьурай коч1охъаналъул гьаркьица.

Дирго куч1дуздалъун дица бизнес гьабуларо. Дие г1ола дир куч1дуз дихъ г1енеккарал рохизаруна. Гьаб бигъараб заманаялъ г1адамал рази гьаризе к1веялъулъ буго дир талих1,- ан абуна Ах1саратица.

Дие рохел буго мухь босуларел дир концертаз росуцоял рази  гьарулел рук1ин.

Биччанте Ах1саратил бац1ц1адаб, роц1ц1араб, булбулалъулаб гьаркьица хадурккунги г1адамал  рохизаризе.

«Дагестанская жизнь» газеталдасан «Росдал зах1матчи» газеталъе маг1арул  мац1алда хъвана Г1. Г1исаевас.

Просмотров: 936 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz