Районалъул бет1ерасул ишал т1уралевги вихьизавуна
31 июлалда Хунзахъ райадминистрациялъул данделъабазул
залалда т1обит1ана Дагъистаналъул Президентасул жанисеб политикаялъул
управлениялъул начальник Артур Исрапилов, республикаялъул промышленносталъул ва
энергетикаялъул министр Ризван Гъазимух1амадов, росабазул администрациязул
бут1рул, районалъул учреждениязулгун организациязул нухмалъулел,
райсобраниялъул депутатал ва гь.ц. г1ахьаллъараб данделъи.
Тахшагьаралдаса рач1арал гьалбадерил сапаралъул аслияб мурад
бук1ана, районалъул администрациялъул бет1ер Х1. Дарбишев отпускалде ва
хадубккун бат1ияб х1алт1уде унев вук1иналда бан, «Хунзахъ район» муниципалияб
г1уц1иялъул бет1ерасул ишал т1уралевлъун Юсупов Саг1ид Камилович вихьизави. 37
сонил ригьалда вугев гьев г1олохъанчи жакъа къоялде щвезег1ан х1алт1улев
вук1ана «Новороссийский комбинат хлебопродуктов» ОООялъул нухмалъулевлъун.
Хунзахъ районалда бугеб социалиябгун экономикияб рахъалъе
къиматги кьолаго, А. Исрапиловас бихьизабуна Х1. Дарбишевас районалда
ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал ц1униялъе г1езег1ан х1алт1и гьабун бук1ин ва
хадубккунисеб х1алт1улъ гьесие бергьенлъабиги гьарулаго, баркалаги загьир
гьабуна.
Гьаб нухалда иргадулаб муниципалитеталъул бет1ер х1алт1удаса
вахъи гурин, х1алт1улаб къаг1ида хисизабизе гъира, районалде, республикаялде
инвестициял ц1азе нухал ралагьи бугиланги бихьизабуна к1иявго президентасул
вакилас.
Жиндир иргаялда к1алъазе вахъарав 1 августалде
щвезег1ан нухмалъулевлъун вук1арав Х1.
Дарбишевас баркала кьуна ункъабго соналъ живгун цадахъ х1алт1араб районалъул
активалъе, г1адатаб халкъалъе ва гьарана нигатги бук1ун, гьарич1ого хут1арал
х1алт1абаздаса, хвараб рак1алдаса т1аса лъугьаян. Ц1и т1амурав районалъул
нухмалъулесул ишал т1уралесги раг1и кьуна жиндасан бач1араб пайда-хайир
г1агараб районалъе гьабизе.
Ахиралдаги г1одорч1аразул суалазе жавабалги кьуна т1аде
рач1арал республикаялъул гьалбадерица.
Ф. Мух1амадова.
|