Четверг, 02.05.2024, 04:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Август » 7 » ХАСАБ ПИКРУ.
15:11
ХАСАБ ПИКРУ.

Россиялъул  ч1ах1иял х1акимзабазул доходазул х1акъалъулъ деклорация къват1ибе бач1индал, рак1алде бач1ана «Росдал зах1матчи» газеталъ къват1ибе кьураб  Бакьагьеч1иса Ш. Расуловалъул кагъат Шагьзанатица хъвалеб бугоан квачараб  хасалоги хинаб риидаги рагьараб зодикь х1алт1улев слесарасе 4500 гъурущ бугин харжан. Гьелъ щивниги г1ажаиблъизавич1о: гьединаб  гьит1инаб харжида ругелги, харжго гьеч1елги Россиялда миллионал руго. Гьеб 20-25 соналъ нилъ ругьунлъараб х1акъикъат буго гьеб.

Дида лъала 2000-2300 гъурущ харж - мухь бугелги. Дир мадугьалихъ вуго 4100 гъурущ хъаравуллъи гьабун щолев к1удияб хъизамалъул эмен. Гьит1инаб бугониги моц1рол  ахиралда ч1ара-хьараб мухь бугеб хъулухъ щварав чи талих1авлъун рик1к1уна гьанже.

Т1адег1анаб лъай  бугел къол 6-7 саг1аталъ лъималгун х1алт1улей садикалъул  воспитателалъул буго гьит1инаб бицине нечараб харж (лъималгун х1алт1иялдасаги росдал бегавуллъиялдасаги зах1матабги баркала гьеч1ебги хъулухъ дицаго гьабич1о). Мухъилав х1алт1ухъанасе – х1аким гуресе, лъие щолеб бугеб дагьабниги мадараб харж. Мухьилан абизе бегьулебниги, г1арцулабин абулелги хъулухъал («денежные места») х1акимзабаз, жидерго тухумалда гьоркьор рикьун, цогиясде ирга щоларо (Гьелдайин доб «клановостан», ялъуни  тухунизмаян (буц1улдерица) абулеб).

Г1адатал г1адамазеги лъимал садикалде росаралъухъги, школалда 2  хисун 4-5 къимат лъуралъухъги, медаль бичун босизеги, ЕГЭ гьабурасеги, жанире риччаралъухъги ва гь.ц. институт лъуг1изег1анги лъуг1ун хадуб х1алт1уде росаралъухъ жалго х1акимзабазе кьезеги г1арац х1ажалъулеблъиялъул х1акимасе ургъел гьеч1о. Пикруцин гьабуларо больницабазде, милициязде, судьясухъе, прокурорасухъе ч1обого унераблъиялъулги. Гьелъие г1арац балагьунин г1адатал г1адамал рекерахъдилел ругел. Сахалиналдаса бахъараб Калининградалде щвезег1ан щущараб г1алам рух1алдаса хириял хъизан-лъималги  херал эбел-эменги тун, цоцалъ ч1ван гъурщал ралагьулел  руго. Огь, мискин, бокьа-бокьараб  гьабулев вугев щив  х1акимасул зулму бергьундай зах1мат бихьун, лъик1аб рет1инч1ого, т1аг1амаб квинч1ого, данде гьарун  маг1арухъе щварал г1ет1уца чурарал гъурщадаса мун мах1рум  гьавилев! Г1емер халалъиларо дур чвантинир гьел. Гьедин руго г1адатал г1адамал. Кинха вугев х1аким (чиновник), чехь бицатав буржуй – олигарх «владелец заводов, газет и пароходов»?

Лъаларо доб дунялалда, Аллагьас гьезие ц1а  боркьулеб бугищали, гьаб дунялалда  гьел «Бажарараб куцалъ х1алт1ун, х1ажатабщинаб босун» руго. Гьедин рук1ине ругин коммунизмаялда советиял г1адамалан малъулаан научный коммунизма абураб г1елмуялъ.

 Х1ажатабщинаб пачалихъалъул чвантинисаги босун, жиндиего коммунизмаги г1уц1ун вуго х1аким – откатчик, бюджеталъул ц1огьор. Амма х1инкъи хадуса  лъуг1улареб парахалъи гьеч1еб, рах1атаб макьу щун  кьижулареб буго х1акимасул  коммунизм.

 Дионесийица Дамоклил бот1роде г1адин, теренаб расудаги бан, гьезул бут1рудеги далун буго законалъул меч. Кидакъадги мунагьал г1емерлъун т1ела рас, бортила гьезул бот1роде меч, рат1алъила гьел жалго т1ад регун ругел г1арцул къандалъабаздаса. Гьал къояз нилъеда раг1ана Ярослав шагьаралъул мэрасул къимат «Матросская тишинаялъул» нарал х1адурун рук1ун руго къисматалъ С. Амировасе. Гьесда хадур цогидал ц1огьал нуха рег1езеги вертолет заказ гьабизе батила, иншаАллагь, Рамазаница. Х1акимзабазул лъаг1алил коррупциялъул к1одолъи 300 млд.долларазда бащалъулин хъван бихьана дида. Цогидаздаса нахъе ккезе дагъистаниялги ч1ун ратиларо, гьезул ц1огьол къадар нилъеда лъач1ониги.

Хъант1арал, г1орц1и лъаларел нартил къиралзаби газил ханзаби, г1оразул, ралъадазул бет1ергьаби – халкъ бет1ергьанаб буголъиялъул триллионал рикъарал ц1огьал – олигархал, г1унхрул г1адин, заграницабазда г1арац – меседалъул къорал гьарулел, ялъуни къо бихьич1ого щварал миллиардал Лазурный берегабазда, Гаваязда, Таиландазда ва гь.ц. бохдул халатал ясалгун х1арамаб рокьуда рух1улел руго.

Футболалъул клубал, Европаялда бищун хириял к1алг1аби, гьоркьохъел г1асрабазул феодалазул замокал ва гь.ц. ричун росун г1урусазул нуворишаз х1икмалъизарун буго дунял. 83 ялдасан 72 дотацияз хьихьараб регион бугеб Россиялда  олигархазул доходал 2011  соналде дандеккун 2012 соналъ 10 нухалъ ц1ик1к1ана. Алишер Г1усмановасулги Михельсонилги доходал цоясул 18 нухалъ, к1иабилесул 36  нухалъ ц1ик1к1ана. Централъ республикабиги гьез регионалги к1иабилеб  моц1алъги харжал гьеч1ого тун руго, бюджеталда г1арац гьеч1ого.

Кинабго жоялъул х1акъикъат (сущность) гвангъун, якъинго  т1атинабула данде кквеялъ. Ч1ег1ераб фоналда хъах1аб мух1канго цебе рехула. Гьабизин гьадинаб дандекквей. Дир мадугьалихъ йиго 2300 гъурщиде х1алт1улей ялгъузай эбел. Нилъеда лъалев «прихватизациялъул» автор А. Чубайсил моц1рол харж бащалъула 1 млн. 867.500 гъурщиде. Гьелъул маг1на ккола жив г1ахьалабщинаб жо ч1унтизе, биххизе гьабурав Чубайсие 826 т1адехун рехсарай нянькаялъул харж щибаб  моц1алъ щолин абураб. Политэкономиялъ бицунаан зах1маталъул багьа, ай харж (цена труда бараб бук1унин гьабураб х1алт1ул къадаралдаги качествоялдагиян. Щивха божилев 826 нянькаялъ г1анасеб х1алт1и А. Чубайсица гьабулин абураб жоялда?

Х1акимзабазулги г1адатал г1адамазулги харжазда гьоркьоб бугеб к1удияб бат1алъиялда абула социалияб рит1ухълъи гьеч1олъиян. Россиялда «социальная несправедливость – вопиющаяйин» абула. Гьоркьо-гьоркьоб гьелъул  бицуна нилъер президентас, хасго рищиязда цебе. Амма биценлъун хут1ула. Гьеб к1удияб бат1алъи ц1ик1к1унеб буго, ай бечедал х1аталдаса ун бечелъулел руго, мискинал гьединго мискинлъулел руго. Гьеб бат1алъи дагь гьабулеб нух буго прогрессивияб налог. Западалда бечедаздаса  босулеб налог доходазул 70-75 проценталде бахунел пачалихъалги руго. Нилъер президент гьединал налогазул система гьабизе разилъуларо, олигархаз доходал рахчилин багьналги  ургъун. Ракьалда буго г1адатал г1адамазе харжал ц1ик1к1инаруни инфляция ц1ик1к1унилан гьес абулеб бук1ин. Х1акимзабазул харжал щайха  ц1акъ ц1ик1к1арал ругелан кьураб суалалъе гьес жаваб кьуна, г1ураб харж гьеч1они, чиновник ц1огьодулила, ришватал росулилан. Экспертаз абула харжал ц1ик1к1инарунилан чиновниказул ц1огь, ришватал роси дагьлъараб мисал лъаларин дунялалъул х1албихьиялдаян. Х1акимзабазул харжазулги олигархазул г1емерал миллиардазулал доходазулги бицунаго, аслияб жо буго нилъер пачалихъ чиновниказулабгун олигархазул власть бук1ин. Гьеб власталъ жидеразухъаго бахъун г1адатал г1адамазе  щибниги кьоларо. «Ворон ворону глаз не выколитан» абула г1урусаз. Жидедего  ц1ач1они, ц1ахдаца хинлъизаруларин абула маг1арулаз. Жидеразего бикьун хут1араб гурони г1адатал г1адамал руц1ун ругебг1ан мехалъ нилъеразе  щунгут1и бич1ч1ила ц1одорав чиясда.

Г1иса Г1исаев.

Просмотров: 575 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz