Четверг, 02.05.2024, 04:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Сентябрь » 13 » ЩИВГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1о, ЩИБГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О.
21:38
ЩИВГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1о, ЩИБГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О.

1942 соналъул ц1орораб декабрь моц1, Тверь областалъул ракьалда тушманасулгун ц1об гьеч1еб рагъ, немцазул к1удияб къуват сверунги ккун, т1убан щущахъ  бихизабизе Т1адег1анаб командованиялъул буюрухъ. Амма советиял аскаразул гьеб план г1умруялде бахъинч1о, гьеб рагъулъ г1ахьаллъараб анц1илаич1абилеб механизированнияб бригада жибго ккана тушманасул к1ич1икье. Ц1ияб буюрухъ – немцаз пайда босизе теч1ого кинабго рагъулаб техникаги хвезабун горсверудаса рорч1изе. Анц1ила цо рагъухъанасдасан г1уц1араб разведчиказул къокъа къеркьолеб бук1ана тушманасул  дагьабниги «жагъалаб бак1» батун гьеб т1езабизе. Т1асахун самолетаз, ракьалдасан танкабазгун г1арадабаз къинабулеб бук1ана немцаз гьезул гьужум. Гьале т1уна горсвери, цере разведчикалгун  бригадаялъул рагъухъаби гьениса къват1ире  лъугьунел. Аск1обго бихъараб бомбаялъ разведчикал г1одор лъуна, т1аде хъван бач1араб ракьалъ гьел абадиялъго рахчана…

2013 соналъул август моц1, Тверь областалъул Белый шагьаралда аск1об унел руго дол рагъал рук1араб бак1алда араб бак1 лъач1ого т1аг1арал рагъухъаби ралагьулезул прапорщик Андрей Чекановас нухмалъи гьабулеб  къокъаялъул ц1ех-рехалъулал х1алт1аби. Рохьил раг1аллъуда бомба кьвагьун бахъараб  гвендалъул хут1ел бухъа-хъвалаго гьел т1аде ккола солдатазул хут1елазде.

- Анц1го скелет, дагьабго  добег1ан к1ала гъоркье ккараб цоги скелет, кваранаб квералда аск1об кьвагьич1еб немцазул граната, к1удияб таргьа ц1урал патронал, бомбаялъул г1емерал ч1иралаби, гьезул цояб  бит1ахъе рак1 бук1унеб бак1алда. Гьенибго бугоан Геннадий Гадалаевилан рук1к1еналъ бик1ун т1ад хъвараб эбониталъул мушдук1ги. Х1исаб гьабураб мехалъ гьеб бугоан гьужумалъе унел разведчиказул къокъа,- ян бицана А. Чекановас.

- Москваялда Рагъулаб архивалде ц1ех-рех гьабидал баянлъана гьеб бак1алда горсверуде ккараб анц1ила ич1абилеб  механизированнияб бригадаялъул разведчиказул къокъа гьеб бук1ин, лъана анц1илацоясулго ц1аралги, А. Гадалаев  Мах1ачхъала шагьаралъул военкоматалъ  армиялде вит1ун вук1инги. Гьеб мехалъ дица  бухьен ккуна Чачаналда вугев дирго гьалмагъ  Баймурадов Ризванилгун. Гьес абуна Гадалаевасул хут1елал г1аммаб хабалъ рукъугейин, жинца  гьесул г1агарлъи  ц1ехелилан. Г1емерго заман гьоркьоб иналде Ризваница ах1ун бач1ана  Гадалаевасул г1агарлъиги  батанин, хут1елал Дагъистаналде росизе  Хунзахъ  райадминистрациялъул бет1ерасул ишал т1уралев Юсупов Саг1идица квербакъиги гьабулеб бугилан. Кват1ич1ого гьев т1аде щвана Гадалаевасул цебесеб г1агарлъиялъул вас, Мах1ачхъалаялда вугев предприниматель Гьит1инов Айгумгун.

Август моц1алъул  ахир бук1ана Тверь областалдаса Гадалаев Гъазимух1амадил (Геннадий гуреб, гьеб бук1ана гьесул бит1араб ц1ар) хут1елал гьев вижараб  Хьини  росулъе щвезабурал къоял. Бекьеч1дерида нахъа дандч1вай гьабуна Юсупов  Саг1идицаги районалъул цогидал жавабиял г1адамазги Андрей Чекановасдаги Гьит1инов Айгумидаги гьезда цадахъ ругездаги. Рагъухъанасул хут1елел цоцахъе кьеялъул акталда гъулбасалги гьарун, районалъул нухмалъулел ва т1аде рач1арал гьалбал Хьинире къокъана. Гьениб росдал жамаг1атго  балагьун бук1ана жидерго ракьцоясул хут1елал т1аде щвеялъухъ. Хабзалалъ т1обит1ана гьел г1агараб ракьалда  рукъиялъул данделъи. К1алъаял гьаруна  дол къояз райадминистрациялъул бет1ерасул ишал т1уралев вук1арав Юсупов Саг1идица, Белый шагьаралдаса вач1арав Чеканов Андрейица, Чачанав  Баймурадов Ризваница. 70 г1ан соназ араб бак1 лъач1ого т1аг1арав жидерго тухумалъул вас  Гьит1инамух1амад валагьарав А. Чекановасе, гьесул хут1елал росулъе росизе г1арцулаб кумек гьабурав С. Юсуповасе  баркала кьун к1алъана  Гадалаевасул вацасул лъади Пат1имат, Гъазимух1амадил вацг1ал, гьесулго ц1ар лъурав Гадалаев Гъазимух1амад, Гьит1инов Сайгидах1мад, гьесулго вас Айгум ва цогидалги.

Диниял т1алабалги т1уран, дуг1а – алх1амги гьабун рукъана рик1к1адаб  Тверь областалда бах1арчилъиялда хварав ракьцоясул хут1елал г1агараб ракьалда.

Аби буго ахирисев солдат ракьулъ вукъич1ого рагъ  лъуг1уларилан, гьале цоги багьадурасул ц1аралдалъун ц1ик1к1ана  тушманасда данде гьабураб эркенлъиялъул рагъулъ хваразул сиях1. Гьезул бах1арчилъиялъе налъулал ккола нилъ.

P.S.  А. Чекановас бицана  разведчиказул къокъаялда гъорлъ батанин  Хунзахъа Мавлиев Х1ажи  Г1умаровичасул  ц1аргиян. Амма рукьби цоцалъ журан рук1иналъ гьел цого хабалъ рукъизе  кканилан. Мавлиевги рик1к1унаан гьанжелъаг1ан  араб бак1 лъач1ого т1аг1аразда гъорлъ
Просмотров: 678 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz