Суббота, 27.04.2024, 09:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Май » 24 » Г1И-БОЦ1УХЪАНАСУЛ КЪО.. ЗАХ1МАТГИ Х1УХЬБАХЪИГИ ЦАДАХЪ РЕКЪАРАЛ.
22:04
Г1И-БОЦ1УХЪАНАСУЛ КЪО.. ЗАХ1МАТГИ Х1УХЬБАХЪИГИ ЦАДАХЪ РЕКЪАРАЛ.

Районалъул экономикаялъул аслияб бут1а – г1и-боц1ухъанлъи цебе т1еялъе квер бакъулел хурухъабазе, т1олалго зах1матчаг1азего г1ахьалаб байрамлъун лъугьун буго  апрелалъул ахиралда яги маялъул авалалда Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул  Языковка  гъутаналда т1обит1улеб тадбир – «Г1и-боц1ухъанасул къо». Киг1анго ихдалил х1алт1аби т1ад рараб, х1алуцараб заман бук1аниги, киназулго г1ахьллъигун уна гьеб.

Сулахъ г1урул раг1алда бугеб рохьил рац1алъуда 11 маялъул радалго байбихьана гьенир г1ахьаллъизе рач1арал колхозазул вакилзабаз жиде-жидер къаял лъезе. Рохьобго т1ибит1араб кеч1-бакъан, бак1-бак1алда кьурди-хъат, унго-унголъунги байрамалъулаб ах1вал-х1ал бук1ана сверухълъиялда.

Рохалилаб данделъиги рагьун, киназдаго байрам  баркараб к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс. Жиндирго к1алъаялда гьес т1адч1ей гьабуна араб соналъ г1и-боц1ухъанлъиялда ккарал х1асилазда. – 2013 соналъул  авалалде маг1ишатазда буго 4506 ч1ег1ерх1айван, 57913 г1и-ц1ани, гьездасанги 2239 г1ака, 39788 чахъу ккола. Араб соналъ маг1ишатазда г1езабун буго 98723 центнер гьанал, 36155 центнер рахьдал, лъаг1елалъ  гьоркьохъеб х1асилалда цо-цо г1акдадаса беч1араб рахь 1700 килограммалде  бахуна, г1иядаса къунц1ун буго 1186 центнер квасул. Араб хасалоде г1и-боц1уе х1адур гьабун бук1ана 16227 тонна харил, 398 тонна соломадул, 200 тонна силосалъул ва 4115 тонна  сенажалъул. Гьеб ккола нужер к1вах1-свак лъалареб рак1бац1адаб зах1маталъул х1асил, хадубккунги жеги ч1ах1иял бергьенлъаби, х1алт1улъ цебет1ей ва щивасул рокъоб талих1-рохел нужее х1урматиял, - ан абуна районалъул нухмалъулес жиндирго к1алъаялда.

Росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазда байрамги баркизе, гьелги к1одо гьаризе  рохалилаб тадбиралда г1ахьаллъана нилъер районцоял, Дагъистан республикаялъул росдал маг1ишаталъул министрасул заместитель Г1абдуразакъов Сайгидг1али, росдал маг1ишаталъул министерствалъул тайпадулаб г1и-боц1ухъанлъиялъул отделалъул начальникасул заместитель Гъазиев Мухтар. Г1и-боц1ухъабазул къоялда г1ахьаллъана Кизляр районалъул «Вперед» СПКялъул председатель С. Барановасул бет1ерлъиялда  колхозчаг1азул къокъаги.

Данделъаразда байрамги баркун к1алъазе вахъарав С. Г1абдуразакъовас бицана жакъа къоялде  республикаялъул росдал маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1алалъул, рихьизаруна ругел церет1еял, т1адч1ей гьабуна г1унгут1абазда. Баркиялъулал к1алъаял гьаруна Гъазиев Мухтарица, Кизляралъулазул вакилас ва  цогидазги. Г1аммал маг1ишатазда бугеб ах1вал-х1алалъул, г1олел-г1оларел рахъазул бицун к1алъана цо-цо маг1ишатазул нухмалъулел, жалго г1и-боц1ухъаби, хур-хералъул х1алт1ухъаби.

Районалъул г1аммаб маг1ишат цебет1езабиялъулъ х1аракат бахъарал, х1алт1улъ лъик1ал х1асилал ругел зах1матчаг1азул к1удиябго къокъа бугоан  республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствалъ ва райадминистрациялъ к1одо гьарун. Министрасул ц1аралдасан байрамги баркун микьго зах1маталъул цевехъанасе Дагъистан республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствалъул  дипломал, Х1урматиял грамотаби кьуна М. Гъазиевасги С. Г1абдуразакъовасги. Райадминистрациялъул  Х1урматиял грамотаби, г1арцулал сайгъатал кьуна 12 цевехъанасе Х1. Дарбишевасги. Г1емерго гьеч1ониги г1арцудалъун к1одо гьаруразул къадар 90 чиясдасаги ана. Жиде-жидер церехъаби к1одо гьарун конвертал кьолел ругоан цо-цо колхозазул нухмалъулезги.

Данделъиялда араб соналъул х1асилазда рекъон т1оцебесеб бак1 «Гьац1алухъ» СПКялъе кьуна. Колхоз к1одо гьабуна росдал маг1ишаталъул министерствалъул дипломалдалъун, гьелъулго ва райадминистрациялъул Х1урматалъул  грамотабаздалъун, кьуна 20000 гъурущги. К1иабилеб бак1 ккураблъун рик1к1ана Т1ануси росдал «Машгьурал г1адамал» колхоз. Гьебги к1одо гьабуна диплом – грамотабаздалъунги 15 азарго гъурущалъги. Лъабабилеб бак1 бикьана Хунзахъ Хизроевасул  ва Бакьагьеч1и Дудар Г1алиевичасул ц1аразда ругел маг1ишатазда гьоркьоб. Гьезиеги щвана грамотабиги г1арацги.

Ахиралде щвана байрамалъулаб тадбир. Районалъул  культураялъул х1аракатчаг1аз щибаб колхозалъул рещт1аде щун, зах1матчаг1азе куч1дул ах1и, кьурди-хъат гьаби, церехъабазул ц1аралда реццалъул раг1аби аби, зах1маталъулав чи к1одо гьави, квана-гьекъей  бук1ана тадбиралъул к1иабилеб бут1а. Халатаб хасалил бак1аб х1алт1удаса хадуб лъик1аб х1ухьбахъиги щун руссана Языковкаялдаса г1и-боц1ухъаби жиде-жидер гъутабазде.

Просмотров: 773 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz