Х1урматиял, хунздерил жамаг1атал, лъик1ал маг1арулал!
Районалъул экономикаялъул аслияб бут1а – г1и-боц1ухъанлъи цебе т1еялъе квер бакъулел хурухъабазе, т1олалго зах1матчаг1азего г1ахьалаб байрамлъун лъугьун буго апрелалъул ахиралда яги маялъул авалалда Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул Языковка гъутаналда т1обит1улеб тадбир – «Г1и-боц1ухъанасул къо». Киг1анго ихдалил х1алт1аби т1ад рараб, х1алуцараб заман бук1аниги, киназулго г1ахьллъигун уна гьеб.Сулахъ г1урул раг1алда бугеб рохьил рац1алъуда 11 маялъул радалго байбихьана гьенир г1ахьаллъизе рач1арал колхозазул вакилзабаз жиде-жидер къаял лъезе. Рохьобго т1ибит1араб кеч1-бакъан, бак1-бак1алда кьурди-хъат, унго-унголъунги байрамалъулаб ах1вал-х1ал бук1ана сверухълъиялда.