Суббота, 27.04.2024, 11:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Май » 24 » ДИР РЕК1ЕЛ АХ1И!
22:19
ДИР РЕК1ЕЛ АХ1И!

Х1урматиял, хунздерил жамаг1атал, лъик1ал маг1арулал!

Дие бокьун буго «Росдал зах1матчи» газета гьоркьоб ккун нужеде хит1аб гьабизе ва рек1ел пикраби загьир гьаризе. Гьаб ахираб къогог1ан соналда жаниб улкаялда ва Дагъистаналъул жамаг1аталда гьоркьор лъугьарал рак1 гъанц1улел, киназулго рах1ат хвезабулел ишаца рак1 ц1акъ пашман гьабун буго дир. Нилъер халкъалъ къулч1изе ккана г1емераб къварилъиги, г1акъубаги, маг1уги. Бац1азе гъуризе бараб г1ияда релъун хут1ана халкъги, гьелъул къисматги. Квер хьваг1ун тараб басрияб кули г1адин бук1ана халкъалъул г1умруги гьелъул яшавги. Лъиего балъгояб жо гуро, нилъер г1емерисел т1адчаг1аз халкъалъул гьабулеб агъаз лъуг1ана, дагьалъана халкъалде бугеб бербалагьиги. Гьеб кинабго х1исабалдеги босун дагь-дагьккун жагъал гьабуна кинабго нилъер г1уц1и. Лъуг1изе гьаруна иргадал сиях1 бахъараб г1адин . диналъулги, политикаялъулги церехъаби ва гьунарчаг1и, т1урк1изабуна вах1шиял ишаз халкъго, гьел киналго г1унгут1аби ва г1узраби ккезаруна ва ккана г1адатияб, бук1ине бегьулеб

ишлъун. Ругьунлъизабуна халкъ къварилъабазде ва балагьазде, рак1 бух1ун балагьич1о гьелъухъ т1алаб гьабизе кколел т1адчаг1иги, чиновникалги, идарабиги. Г1емерисел т1адчаг1азул х1алт1аби сверана жалго ц1унулел жидерго маг1ишат ва мал понц1озабулел тайпабазде. Гьел киналго г1узрабаз нилъ рачана pax 1атхвеялдеги г1умруялдаса рак1 бусинабиялдеги. Бихьана халкъалда «ц1унарав чи» Дагъистаналда щивниги гьеч1олъи. Ч1вана нилъер т1адрищарал г1адамал ва гьелъул сас салулье араб лъимг1адин т1аг1ана. Г1асрабаз вацлъиялда ва гьудуллъиялда рук lapал  нилъер г1емер миллатазул халкъазда гьоркьоб заг1иплъана гьуинлъи. Жанисел ва къват1исел вах1щиял къуватазда бажарана цо къадаралда жидер нахъег1анал1 ишал раг1алде рахъинаризе ва рилъанхъизаризе. Т1ад рарал къварилъабазги, къойилал квешал харбазги т1аг1ам бахъараблъун лъугьана киназулго г1умру г1агараб рокъобгицин.

Кверкьовудаса-кверкьовуде, маг1ирокъоса-маг1ирокъоре хьвадулел хут1ана нилъ палгъан сахалщинал г1олилал ва г1елму бугел г1алимзаби ч1ваялъги. Балагьаца рагьана Дагьистаналде каву, амма гьеб къазе нахъ балагьулел лъуг1ана ва дагьлъана.

Инсанасул хьул кидаго халатаб бук1уна ва кинабго лъик1алде анищ ва хъул бук1уна гьесул. Х1ажалъун бук1ана нилъее киназего гьеб нилъер Ват1аналда бугеб х1апу-чапуралдаса халкъги, дагъистаниялги нахъе рачунеб пикруги, къуватги.

Дир х1исабалда, гьединаб ишлъун ккана лъаг1алил авалалда Дагъистаналъул нухмалъиялда ккарал хиса-басиял. Х1ажат вук1ана г1акълуги, пикруги барщарав рит1ухъав цевехъан ва нухмалъулев.

Болжал щвеч1ого щибго кколарин абухъе, гьале ахир-къадги, гьеб болжал щун, гьеб талих1 нилъее гьимана, гьеб рит1ухълъиялъул бакъул ч1орал Дагьистаналдеги щвезе байбихьана. Щибав пикру бугев чиясда лъазе ккола лъик1абги-квешабги, рит1ухъабги-т1екъабги бат1а бахъизе. Гьединав рит1ухълъиги бугев, г1акълу-пикруги барщарав чи х1исабалда лъалаан ва

лъана нилъеда нилъер ракьцояв - Рамазан Г1абдулат1ипов.  Г1емераб бицинаро гьесул х1акъалъулъ. Нилъеда киназдаго лъала гьесул г1умрудул нухги, г1акълу-пикруялъул гъварилъиги ва гьесул х1акъикъияб бажариги. Гьев ккола Россиялъул масштабалъего къуватав политик ва г1алимчи. Гьале, ахир-къадги вач1ана нилъее гьединав нухмалъулев. Аби буго: «Цо чиясдасан бо бак1арулин, цо чиясдасан гьеб биххизеги биххулин». Гьеб биххараб бо бак1аризе вач1арав х1исабалда вихьула дида гьев жакъа.  Гьев Москваялда вук1араваниги толарев чи вук1ун ватиларо, х1алхьиги, парахалъиги гьесие гьениб бук1унги батила. Амма жиндирго г1агараб Дагьистаналда бугеб ах1вал-х1алалъ рах1ат хун, гьелъул къисматалъ къварид вук1ин бихьула гьесулъ, гьедин вач1арав вук1инги якъинаб буго. Нилъеда т1оцересел къояздасанго бич1ч1ана гьесул мурадги,пикруги, бич1ч1ана гьесие хьуц1илъ бугеб Дагьистан нахъе бахъизе бокьун бук1инги.

Бигьаго бук1инаро гьесие ва гьесда сверухъ ругезе байбихьуда ч1ах1иял чиновниказда постал тезаризеги, г1адлуялъул ва законалъул нухде киналго г1уц1аби рачинеги ва цебет1еялъул нухде гьеб ккезабизеги. Гьез гьеб кинабго гъираялда г1уц1изе буго, халкъалъул рахъкквей загьирлъани ва бич1ч1ани.

Гьединлъидал щибав чияс кинабго борцун-къот1ун х1исаб гьабизе ккола квешалъулги-лъик1алъулги. Халкъалъ рахъ кквеялда бараб жо г1емер бук1ине буго, хасго байбихьуда. Дица т1олго рит1ухълъи х1ажатал, ват1аналъухъ рак1 бух1арал дагъистаниял ах1улел руго, ищаздалъун ва раг1удалъун нилъер ц1ияв президентасул ва гьесда цадахъ ругезда сверухъ гъункиялде варахъ кквеялде. Гьев чиназда хадув вач1арав чи гуревлъи нилъеда лъазе ва

бич1ч1изе ккола. Гьединлъидал, хириял, дица нуж ах1улел руго рит1ухълъиялъул рахъ кквеялде. Кканани гьесухъа халкъалъе данде кколареб иш, гьеб гьесда абизе ккола ва бит1изабизе ккола-гьеб кинабго бич1ч1уларев чи гьевги ватиларо. Дир пикру гьадинаб буго, бугеб axl вал-х1алалъул. Цойгидаб пикру батани, бегьилаан гьебги загьир гьабизе.

Аллагьас киназулго гьабулеб рит1ухъаб иш бит1ун ккаги.

Адабгун ва киналго цолъиялде ах1ун Дагъистаналъул мустах1икъав муг1алим, Россиялъул хъвадарухъабазул союзалъул член Шарапудинов Г1иса Гумбет район.

 

Лъик1 щварав,Рамазан Дагъистаналде

Лъик1 щварав, Рамазан Дагъистаналде,

Дурго Ват1аналде, инсул ракьалде.

Рокьулел, г1агарал дурго халкъахъе,

Хвалда х1инкъи бугеб улка г1уц1изе.

Эркенлъи хирияб муг1рузул улка,

Маг1ирокъоб буго къойилго жакъа.

Жидерго гурони ургъел гьеч1еца,

Иргадал ч1ван холел руго дур васал.

Вацлъиялъ г1асрабаз г1урал миллатал ,

Миллатчаг1аз буго минатахъ балеб.

Мунги, дунги г1адал данде кколарез

Дагьистан чакмабаз мерхьунеб буго.

Гьаб нилъер Дагьистан, дурищ-дирищан,

К1ал гьикъулел къоял т1аде щун руго.

Къарнабаз ц1унараб адабгин-намус,

Наслабаца нилъер тезехъин буго.

Тушман вихьулареб, тыл нахъа гьеч1еб,

Рагъул корниб буго нилъер гьаб Ват1ан.

Ват1ан бичулеца , чинал хирияз

Чорок гьабун буго Шамилил улка.

Лъик1 щварав, Рамазан, лъик1ав политик

Лъик1ав, г1адатияв, г1акъилав инсан.

Г1адлуги-низамги гьал т1адчаг1азе,

Дуца гьабилилан-гьаб халкъ божула.

Дуде гьари буго, гьудул Рамазан,

Гьал т1олго халкъазул, дур Ват1аналъул,

Ват1анги рихарал, халкъги ч1алг1арал,

Гьал цо х1акимазда т1алъи тезабе!

Божи буго дуде, Г1абдулат1ипов,

Г1адлуги-низамги щулияб лъелин.

Г1акълуги-пикруги, дур бажариги,

Жеги дур халкъазе бук1ине бугин.

Рамазан, гьабулеб бит1ун ккаги дур,

Рит1ухъав чи вук1ин лъалеб лъидаго.

Дур бет1ерлъиялда т1егьан Дагъистан,

Т1олго дунялалда раг1ила нилъер.

Г1иса Шарапудинов, шаг1ир Гумбет район.

Просмотров: 1230 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz