Суббота, 27.04.2024, 15:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Апрель » 30 » Г1УМРУ БУК1АНА Х1АЛХЬИ ГЬЕЧ1ЕБ.
18:46
Г1УМРУ БУК1АНА Х1АЛХЬИ ГЬЕЧ1ЕБ.

Г1адатияв, иман-ях1 ц1ик1к1арав, бах1арчияб г1амал-хасияталъул чи вук1анин абула Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа Писрибегил Myxlaмад. Г1адамаз гьесул адаб-х1урмат гьабулаанила вац1ц1адав муъминчи вук1иналъги. Доб заманаялда Дагъистаналда г1уц1араб рек1аразул аскаралде жиндиего бокьун лъугьарав гьев, Муслим Атаевас бет1ерлъи гьабулел хунздерил рагьухъабазда цадахъ, бах1арчиго вагъула Австро-Венгриялъул ракьалде щвезег1ан бук1араб Т1оцебесеб дунялалъул рагъда.

1932 соналда Писрибегил Мух1амадил хъизаналда гьавуна вас, гьесда лъуна Нурудин абураб ц1ар. Гьев дунялалде вач1ун ватана лъик1ав инсанлъунги унго-унгояв г1уц1арухъанлъунги вахъин мурадгун. Бищунго аслияб жо,  Нурудинил г1умруялъул маг1налъунги мурадлъунги бук1ана вижараб ракьалъеги гьелъул халкъалъеги х1ажатавлъун  ва пайда бугевлъун вук1ин. Араб соналъул 1 сентябралда гьес бана 80 сон. 20 соналъ Нурудиница рак1бац1ц1адго т1убазабуна колхозалъул председателасул ишал ва х1алт1ана цойгидалги хъулухъазда. Х1алт1ана районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялъул начальниклъунги. Рак1 бац1ац1адаб г1емерсоназулаб хъулухъалъухъ х1укуматалъ Нурудин к1одо гьавуна кинабниги 14 шапакъаталдалъун: «За трудовую доблесть», «Ветеран труда», «Шамил имамас 200 сон т1убаялде» (гьесул г1умру  г1адамазда  бич1ч1изабизе бахъараб х1аракаталъухъ) медалал, орденал, х1урматалъул грамотаби. Гьев мустах1икълъана «ДРялъул росдал маг1ишаталъул мустах1икъав х1алт1ухъан» абураб х1урматияб ц1аралъеги.

Сивухъ ва Г1араниб школазда гьоркьохъеб лъай щвараб 1951 соналда Нурудин лъугьана Москваялъул Тимирязевасул ц1аралда бугеб росдал маг1ишаталъул академиялъул агрономлъиялъулаб факультеталде ц1ализе ва щвана г1елмияв агро­ном абураб ц1ар. Ц1алулеб заманин абуни бук1ана зах1матаб, ресукъаб, рагьда хадусеб. Амма гьеб кинабго къезабулаан ц1алуде бугеб гъираялъ.

Росдал маг1ишаталъул махщелчиясул лъай щварав Нурудин т1амуна жидерго рос­дал «Ц1ияб г1умру» колхозалъул агрономлъун х1алт1изе. Гьенив председательлъун вук1ана Хунзахъ росулъа Т1алх1атов Гьит1инамух1амад. Гьев вук1ана маг1ишат бачиналъул х1албихьи бугев, г1и-боц1ул г1елму лъик1 лъалев нухмалъулев. Гьесда цадахъ ункъо соналъ агрономлъун х1алт1арав Нурудиние щвана ц1ик1к1араб кумек ва х1албихьи.

1960 соналда, живго нахъе унеб мехалъ, Т1алх1атовас колхозчаг1азе лъик1аблъун бихьизабуна маг1ишаталъул бет1ерлъун Нурудин вищизе ва гьез гъираялда гьесул рахъги ккуна. Къого соналъ колхозалъе нухмалъи гьабуна Нурудиница ва гьесда к1вана колхозчаг1азул, хасго жавабиял ишазда рук1арал г1адамазул жигараб х1алт1ул х1асилалда, районалда гуребги, Дагьистаналдаго ругел церет1урал колхозазул кьерде маг1ишат бачине. Гьединал, бажари бугел, х1алт1улъ лъик1ал х1асилал рихьизарулел г1уц1арухъабилъун ва унго-унгоял маг1ишатчаг1илъун рук1ана Шагьрудинов Мух1амад, Хъазанбиев Мух1амад, Г1аликъебедов Г1умар, Патах1ов Къурбанг1али, Т1айгибов Мух1амад ва г1емерал цогидалги.

- Дун нахъе вачараб 1980 соналда «Ц1ияб г1умру» колхоз бук1ана экономикияб рахъалъ цебет1ураб, хурул бач1ин, г1и-боц1ул ниг1мат бахъи ц1ик1к1араб, х1алт1улев чиясе разияб мухьги щолеб, пачалихъалда цебе жиндир налъиги гьеч1еб, мисалияб маг1ишатлъун, - илан рак1алде щвезабуна Нурудиница.

Гьелдаса хадув гьев т1амуна Хунзахъ районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялъул начальниклъун. Гьенив х1алт1араб микьго соналда Ну­рудин Мух1амадовас х1аракат бахъана, лъаялдаса ва х1албихьиялдаса пайдаги босун, т1олабго районалъул экономика цебет1езабизе. Доб заманалда киналго маг1ишатал х1алт1улел рук1ана лъик1аб даражаялда ва районалъ щулаго ц1унун рук1ана улкаялъул бищунго т1адег1анал идарабаз ц1акъго церет1уразе кьолел шапакъатал - хьвадулел Баг1арал байрахъал.

Дол соназда жидер экономика заг1ипал колхозазе ва совхозазе нухмалъи гьабизе партиялъ рит1улаан бажари бугел специалистал. Гьедин, 1987 со­налда Нурудинги вит1ана Г1орот1а росдал Димитровасул ц1аралда бугеб колхозалде, гьелъул членаз гьев лъик1 къабул гьавуна ва вищана г1аммаб маг1ишаталъул председательлъун. Щуго соналъ гьенивги х1алт1ун, Нурудиница рак1бац1ц1адго т1убазабуна жинде гьабураб божилъи ва гьелъул х1асилалда г1арадерил г1аммаб маг1ишаталъ «юргъа хисана». Гьеб маг1ишаталда, г1емерал нухмалъи гьабулел чаг1и хиси гурони, экономикаялда жаниб кинабг1аги хиса-баси кколеб бук1инч1о. Гьелъул х1исабалда бук1инч1о цо гъурущцин гlaрац, чанго соналъ кьун батич1о колхозчаг1азе х1алт1ухъ мухь, бук1ана ц1ик1к1араб къадар къарзалъул. Абулеб бук1ана гьеб колхоз цебе бачиналъе лъиданиги щибниги гьабизе к1оларилан. Амма Нурудиница х1аракат бахъана гьеб пикру мекъи бук1ин ва живго божизе бегьулев чи вук1ин бихьизабизе. Х1укму ккана пачалихъалъул кумекалдалъун, колхозалъул рехун тараб гъутаналда пиринч1 бекьизе ракьал къач1азе, гьенир г1адамазе рукъзал разе, нухал гьаризе. Цебе лъураб аслияб масъала бук1ана пиринч1 бекьулеб ракь 500 гаялде бахинаби. Т1адч1араб ва цадахъаб зах1маталъул х1асилалда к1вана т1оцересел соназдаго 4900 тон­на пиринч1алъул бак1аризе. Гьел ва цогидалги х1алт1абазул х1асилалда колхоз бач1ана гlapцул доходазул рахъалъ районалдаго бищун лъик1ал х1асилазде. Кинаб хъулухъалде кканиги, т1адаб иш мух1канго, унго-унгояб жавабчилъиялда гьабулаан Нурудиница. Гьелъги батила, 1994 соналда гьев вищана районалъул Собраниялъул т1оцевесев председательлъун. Гьеб х1алт1иги гьес цебе бачана Уставалда рекъон. Рак1-рак1алъго т1уразарулаан жамг1иял «хъулухъалги». Лъеберго соналъ т1ат1ала Сивухъ, Г1орот1а, Ко­ло-Хьиндахъ росабазул избирателаз гьев вищана районалъул Советалде ва Собраниялде депутатлъун. Гьес х1аракат бахъулаан халкъалъул мурадалги т1адкъаялги т1уразаризе.

- Дица нахъа тана 52 соналъулаб х1алт1ул нух. Гьеб нухда дагьал рук1инч1о зах1малъабиги. Амма дица, кинаб х1алт1уда вугониги, диде божилъи гьабурал коллективазе хилиплъараб ва нижерго умумузда батич1еб къадараб жоги гьабич1о, - ян абуна Нурудиница.

Абула гьит1инаб бугониги жавгьар рик1к1аде бихьулилан. Х1аракатав чиясул лъик1ал ишалги рихьич1ого хут1уларо. Рихьана Нурудинил х1аракатал ишалги, гьелъул ккарал х1асилалги, мустах1икълъана г1емерал бат1и-бат1иял шапакъатазеги ц1аразеги. 13 бат1ияб ц1ар, грамота, медаль ва орден буго гьесул. Гьезда гьоркьоб буго к1иго орденги - Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул ва Октябралъулаб Революциялъул. Х1алт1улги цереч1арал масъалабазулги бицун Нурудин к1алъазе вахъана 1982 соналъул июлалда Москваялда т1обит1араб Т1олгосоюзалъул колхозазул советалъул данделъиялда.

Дол соназда Хунзахъ район бук1ун батани Дагъистаналъул церет1урал районазда гьоркьоб, гьелъулъ мустах1икъаб бут1а бук1ана коммунист, гьунар бугев г1уц1арухьан ва paxlaт лъалареб хасияталъул инсан Нурудинилги. Гьаниб рехсела гьелъие нуг1лъи гьабулеб цо х1ужа. 1975 соналда Нурудиница нухмалъи гъабулеб сахъадерил колхозалъ г1езабуна 140 тонна гьанал, 500 тонна рахьдал, 17 тонна квасул ва 101 тонна т1ощалил. Рук1ана жеги лъик1ал х1асилал ккарал соналги.

- Нижер колхозалъе бит1 ккана, - ян бицана Нурудиница, - дидаса цеве гьанив колхозалъул председательлъун х1алт1ана Хунзахъ росулъа лъеберазарилав Т1алх1атов Гьит1инамух1амад. Досда лъик1 лъалаан щивав колхозчиясул г1амал-хасият ва ракьул щибаб цедералъул кьимат гьабизе. Гьединлъидал Гьит1инамух1амадида к1вана колхозияб маг1ишат лъик1го цебехун бачине...

Бигьаго бук1унаро лъик1ав г1уц1арухъанасдаса хадуб маг1ишаталъе нухмалъи гьабизе, гьеб жеги цебехун бачине. Амма Нурудинида к1вана. Гьесда лъана х1алт1и ва г1умруялъул бечедаб х1албихьи бугел г1адамазул малъа-хъваязухъ г1енеккизе, гьезул г1акълу босизе ва цогидазда жо малъизе лъалевлъун живгоги вук1ине. Гьединал гlaдамазул цоявлъун Нурудиница рик1к1уна Г1акъилов Къурбанг1али. Хабар-к1алалда рук1аго гьес г1емерал мустах1икъал раг1аби абуна Къурбанг1алил х1акъалъулъ. Лъаялъухъ ва бажариялъухъ балагьун кадраби т1аса рищиялъул, гьездаса х1алт1и т1алаб гьабиялъул ва гьеб г1елмияб кьуч1алда г1уц1иялъул х1асилалда Нурудинида к1вана соналдаса соналде колхозалъул экономика борхизабизе. Гьениб г1ухьбузе, механизаторазе ва дояркабазе моц1рое щолеб харж 200 гъурщидаса цик1к1унаан. Дол соназда гьеб бук1ана къиматаб ва баракат бугеб гlaрац. Районалдаго т1оцебе, щибаб гектаралдаса 32 центнер т1ощелги бак1арана сахъадерил колхозчаг1аз. Кинха к1вараб гьединаб бергьенлъи босизе? Нурудинил цебелъеялда рекъон, колхозалъул правлениялъ гъутаналда бугеб хурухъанлъиялъул бригадаялъе нухмалъи гьабизе т1амуна xlapaкатав г1уц1арухъан Мух1амадаминов Мух1амад. Гьоркьоса къот1ич1ого к1вар кьуна ракь х1алт1изабиялъул культура борхизабиялде. Щибаб соналда хис-хисун бекьана ролъ ва пурч1ина, хьана т1аса рищарал сортазул хьонал, хурзабазе ч1езабуна гьарзаго беэнлъи ва лъим, гьабуна лъик1аб хъулухъ. Гьелъул х1асилалда ракьалъги кьолаан «ц1уралъухъ ц1ун». Х1асил, г1аммаб маг1ишат цебет1еялъулъ росарал бергьенлъабазе г1оло «Ц1ияб г1умру» колхоза­лъул ц1ар анкьго нухалда босана республикаялъул Х1урматалъул хъорщоде.

Доб мехалда цояс бицана, чанго соналъ цебе, малъараб х1алт1иги гьабич1ого, бигьаго бет1ербахъи гьабизе рес балагьулев вук1унаанила колхоза­лъул цо вехь. Нурудиница гьев чанго нухалда жиндихъего axlaна, г1акълу кьуна, данде кканщинахъе гьесулгун гара-ч1вари гьабуна. Ахирги, лъадал къат1рабазги гамач1 борлъулин абухъе, председателасул сабурал раг1абаз гьев кант1изавуна ва х1аракатал колхозчаг1азул «чот1ролъе» вач1ана. Гьанже к1очон тараб, г1адамазе тарбия кьей доб мехалда рик1к1унаан х1алт1ул аслулъун.

- Рак1алда буго гъутаналда г1ияе т1адеги ч1ах1иял бокьал разе, маг1арухъ ункънусго г1акдае бак1 бугеб рахьдал комп­лекс базе. Гьеб базе ккола нижерго колхозалъул х1исабалдаса. Хадубин абуни гьеб сверизе буго маг1ишатазда гьоркьосеб комплексалде, - ян бицун бу­к1ана нижеда Нурудиница. Амма гьев т1уван мурадалде щвеч1о - байбихьана «ц1игьабун г1уц1и» абулеб жо...

Гьабсаг1ат бугеб росдал СПК-ялъул х1алт1ул х1акъалъулъ дурго бугеб пикру бицеян абидал Нурудиница бицана:

- Щибха гьелъул бук1инеб гьанже. Цебе х1укуматалъ къот1и-къаял гьарун рук1унаан колхозазулгун, колхозаз  г1езабураб продукцияги гьез босулаан. Гьанже маг1ишатал жалго жидедего рехун тун руго, кадраби т1амиялда ва цогидалдаги  хадуб хъаравуллъи гьабулеб гьеч1о, колхоз – совхозалги хъами-хъут1ул гьарун лъуг1ана. Гьанже сундулниги жавабчилъи гьеч1о, хурзал рекьулел гьеч1о, рекьарал рак1арулел гьеч1о. Хурзал ч1унтун  г1алахазде, г1алахал зазиде сверун руго, ахал руго ракъван, г1адамаз бак1арараб пихъ босулеб бак1ги къанаг1ат гурони гьеч1о. Сивухъ росу буго кинабго бугеб бак1: муг1рул, рохь, лъинал, хьиндаллъи, г1ат1идаб ракь.  Гьелдаса пайда босич1ого  теялъ ц1акъ квешаб бак1алде ккела. Къвариг1ун буго г1адамал цолъун, гъункун  х1алт1изе.

Соназ жидерабго гьабич1ого толаро. Нурудинил дагь-дагьккун бераздаса  канлъи ана.

- Щиб х1ал бугеб, Нурудин, дур? Рак1 бакъван вук1унищ дурго къисматалдасаян гьикъана нижер мухбиралъ гьесда.

- Дун талих1ав чи вуго. Унтун ккеялъ дие рес щвана г1умруялъул анализ гьабизе,  Аллагьасе т1аг1аталда  ч1езе. Х1ежги дица вакилзабиги рит1ун т1убана. Дир к1удияб адаб-х1урматалда йик1уна хъизан Шансадай. Г1олохъанаб мехалда рукъалъул ишги лъималазе тарбия кьейги ккана гьелде, гьанже дие хъулухъалда йиго. Исана ниж цадахъ ругелдаса т1убала 50 сонги («меседилаб бертин»). Дун разиял лъималги руго нижер: 3 ясги 1  васги. Лъималазе щвана т1адег1анаб лъайги. Яс Умахайрат х1алт1улей йиго Хунзахъ ЦСОНалда, цогидал ясалги х1алт1улел руго г1адамазе хъулухъ гьабулел г1уц1абазда, вас Миякьоб ГЭСалда. Гьединал лъимал лъугьиналдаса дун вохарав вуго.

Нижеца Нурудиние  гьарула ц1ик1к1арал сахал сонал, гьадин хъизан-лъималгун берцинго хут1и.

Камалудин Г1АБДУРАЗАКЪОВ, П. Гунашева 

 

Просмотров: 762 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz