Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2013с.
ЖамагIаталъ чIезабула оцбалеб къо. Гьеб къо, гIелас гIакIа ахIун, росдадаги лъазабулаан. ГIолохъаби балъго къецалде хIадурлъулаан. Цебесеб соналъго хIадур гьавулаан оц балев чи. Гьесие цебесеб соналъ гьабурас оцол мегьед кьолаан. Гьеб къабул гьаби рикIкIунаан оц баялъе хIажатаб харж гьабизе векьарухъанасул разилъилъун. Оц баялъул къоялъ байданалде бахъунаан тIубанго росу: гьитIиналги чIахIиялги. Бищун къадру-къимат бугев, квер битIарав, икъбал цIикIкIарав векьарухъанас балаан тIоцебесеб рахъ. Рахъ балаго, гьес ретIине кколаан бегуниса тIимугъ. Гьелъул магIна кколаан тIингъида бугеб рас рикIкIун тIощел бижагиян абураб. Рахъ балаго, векьарухъанасда ва оцазда ракьул гIеркъал речIчIулаан, цо-цо бакIалда тIаде лъим тIолаан. Рахъ бан хадуб, цояс дугIаги гьабун, хадусес балаан рахъ.
|
Автор.
Камалудин Г1АБДУРАЗАКЪОВ, П. Гунашева Апрель 2013с.
Г1адатияв, иман-ях1
ц1ик1к1арав, бах1арчияб г1амал-хасияталъул чи вук1анин абула Хунзахъ районалъул
Сивухъ росулъа Писрибегил Myxlaмад. Г1адамаз гьесул
адаб-х1урмат гьабулаанила вац1ц1адав муъминчи вук1иналъги. Доб заманаялда
Дагъистаналда г1уц1араб рек1аразул аскаралде жиндиего бокьун лъугьарав гьев,
Муслим Атаевас бет1ерлъи гьабулел хунздерил рагьухъабазда цадахъ, бах1арчиго вагъула
Австро-Венгриялъул ракьалде щвезег1ан бук1араб Т1оцебесеб дунялалъул рагъда.
1932 соналда Писрибегил Мух1амадил хъизаналда
гьавуна вас, гьесда лъуна Нурудин абураб ц1ар. Гьев дунялалде вач1ун ватана
лъик1ав инсанлъунги унго-унгояв г1уц1арухъанлъунги вахъин мурадгун. Бищунго
аслияб жо, Нурудинил г1умруялъул
маг1налъунги мурадлъунги бук1ана вижараб ракьалъеги гьелъул халкъалъеги
х1ажатавлъун ва пайда бугевлъун вук1ин.
|
|