Умумузул лъик1ал г1адатазул нилъее батараб ва Гьамущи росдал
г1адамаз алхинч1ого щибаб санайил т1убазабулеб тадбирлъун ккола оцбаялъул
байрам. Гьале исанаги т1обит1ана гьеб 1989-90 соназ Гьамущи школа лъуг1аразул
х1аракаталдалъун. Ц1ияб Гьамущи росу г1уц1аралдаса 40 сон т1убаялда бухьинабун бук1ана гьеб гьаб
нухалда. Байрамалда г1ахьаллъи гьабуна районалъул администрациялъул, сверухъе
ругел росабазул вакилзабаз гуребги,
Гумбет, Болъихъ районалдаса гьалбадерицаги. «Гьава-бакъ рекъаги, хур
ц1ун бач1аги!» ян гьара-рахьиял гьарулел рук1ана киналго к1алъазе рахъараз.
К1алъазе вахъарав районалъул нухмалъулесул заместитель С. Батировас районалъул
администрациялъул рахъалдасан росдал х1ажалъабазе бук1инеян сайгъат гьабуна
гьамщадирие 100 азарго гъурущ г1арцулаб
сайигъатги.
Кодор ккун бат1и-бат1ияб т1ут1алгун гьаб соналъ лъимал
гьарурал улбул ва гьезул г1агарлъи, кьурди-хъат, ихтилат кеп, т1оцебесеб рахъ
бай – гьеле, щибаб санайил т1обит1улеб байрамалъулаб программа. Рак1алдаса
унареблъун хут1ила г1ахьаллъаралщиназе исанасеб
оцбаялъул байрамги.
|