Вторник, 07.05.2024, 01:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Апрель » 13 » «САГЪРИ KЬOTIA ГЬАБУРАБ - ГЬИМА Г1ОРУХЪ БАТАРАБ».
15:53
«САГЪРИ KЬOTIA ГЬАБУРАБ - ГЬИМА Г1ОРУХЪ БАТАРАБ».

Г1ажаибав чи вуго инсан. Инсанасул рек1елъ г1емераб мехалъ ц1унун хут1ула жиндиего гьабураб квешлъиялъул лъалк1ал. Лъик1лъиялъул лъалк1алин абуни ц1акъго заг1ипал рук1уна, цо-цоязда гьелъул т1анк1цин хут1уларо. Инсанасул тушман ункъго бат1ияб бук1уна: гьаваги, напсги, дунялги, илбисги, амма гьел къезаризе ц1акъ зах1малъула, к1вах1аллъула, хасго илбисалъ биччаларо яги квал-квалал гьарула.

Дие бицен гьабизе бокьун буго, гьабураб лъик1лъи к1оченч1ев, жиндиего лъик1лъи гьабурав чи валагьулаго г1емерал сонал арасул х1акъалъулъ,-ян абуна Г1умарица, алъул бицун, долъул рак1алде щвезарулел ругел годек1анир г1одор ч1араздехунги вуссун.

-Мах1ачхъалаяде щведал, дун т1оцебесеб иргаялда  кьвагьдолеб тиралде щола. Дунго туманк1 кьвагьарав ва гьеб г1ужилго реч1ч1улев чи гьеч1ониги ц1акъ бокьула гьенире рач1унел бер ц1одорал, кверал щулиял г1олохъабазухъ хал гьабизе, гьезул бах1сазухъ г1енеккизе, бит1 ккеч1есул г1амал-хасият хисулеб куц бихьизе, бит1 ккарасул рорч1улел гьаркьазул сиях1 босизе.

Гьаб нухалда дида тиралда кьвагьделев цо г1олохъанчи гурони ватич1о. Гьес щибаб нухалда реч1ч1улеб гулла, анц1илаб хъвараб т1анк1алда щолеб бук1иналъ дун х1икмалъана. Киг1ан лъалев чи вук1инч1ониги дица гьесда гьикъана:

-Гьай х1алч1ахъад, дуда г1ужилго реч1ч1изе махщел бихьула, ц1акъ бер ц1одорав чи вук1ине ккола мун?! Кив мун гьедин г1ужилго реч1ч1изе ругьунлъарав? Г1олохъанчияс гьимулаго дида абуна:

- Кинан дир берал ц1одорал рук1унел? Дир ал доба Афгъанистаналда, госпиталалда хирургас рахъизехъин рук1араб мехалда. Хирургас дида цебе лъун бук1ана зах1матаб суал. Гьес кьварун абуна: «-Я г1умру яги беццлъи, бище бокьараб т1аса, т1ок1аб бат1ияб нух гьаб бак1алда дуе гьеч1о»,- ян. -Берал рахъун рук1аралани кодоб туманк1али щиб гурин кколеб, рукъалъул рагьу-мах1у бахунцин къват1иве дун вахъин щакаб жо бук1ана. Ц1акъ рек1елъе вортулев, г1адамасдехун хурхен гьабизе лъалев ва бокьулев чи вук1ин бич1ч1идал, дун ц1ехолдизе лъугьана:

-Кин гьеб иш ккараб, дуда гьабсаг1ат лъик1 бихьулеб бугогури?-ян.

-Кинха бук1инеб,-ян бицине жувана г1олохъанчи. - Кинабго ккана Афгъанистаналда. Дун армиялда  хъулухъ гьабулев вук1ана дова. Дун хвасар гьавурав чи ккола госпиталалъул начальник Г1амир Мух1амадович. Лъаларо гьабсаг1аталда кив х1алт1улев ва г1умру гьабун   вугевалиги, амма лъала гьев Дагьистаналдаса вук1ин. Дица гьев чи валагьулев вуго анц1гониги соналъ.

- Вах1, дур берал рахъич1ого дудаго хут1изе х1аракат бахъулев вук1арав чи дуда доваго лъазе ккелароанищха вац? - ян дица гьикъидал гьес абуна:

- Гьедин гуро иш бук1араб. Дун цо операциялда гулбузул ц1адукье, рехулел бомбабазул участкаялде ккана, дун г1акълуядаса ана, ворч1ана рагъулаб госпиталалда. Дир бет1ер, гьумер бук1ана лъукъун. Беразда т1асан жемараб катаналъ дида щибго бихьулеб бук1инч1о. Дир палатаялда аск1ор регаразул гаргар бук1ана дида раг1улеб. Гьезго бицана дида дун госпиталалда вук1инги. Обходги гьабун тохтурас дида абуна: -«Дур зах1матаб х1ал буго, к1иябго берги бахъизе ккола. Рахъич1ого тани г1адалзул нахулъе инфекцияги ккола, мунги хола. Дуе операция гьабизе ккола»,-ян.

Нахъисеб къоялъ обходалда дир тохтурас госпиталалъул начальникасе баян кьуна метер гьав солдатасул к1иябго бер бахъизе операциялде жив х1адурун вугилан.

- Дие ц1акъ зах1малъана гьеб калам. Дида рак1алде ккана: - гьанже дир г1умру хванин, кин дун нахъ вуссинев дирго ват1аналде -Дагъистаналде. Беццук вач1инев вугилан абиларищ? Дир абурай, дие йокьулей ясалъул дидехун кинаб бербалагьидай бук1инеб? Кидаго аваданлъи бокьулев, рохел цогидазе бикьизе х1адурав, сунда квал-квадунги х1алхьи лъаларев, дун рокъов ч1езе ккела. Хъизан-рукъ дир лъугьинаро. Берцинаб, гьайбатаб т1алъи, т1огьол  байдаби, полпилал лъарал, муг1рузул г1аздалал т1огьал т1ок1ал дида рихьиларо. Гьел гурелги цогидалги рач1унел пикрабазул карачелал ч1езаруна цо кинабалиго хинаб, х1еренаб, дир рек1елъе бортулеб гьаракьалъ. Гьеб гьаракь бук1ана госпиталалъул начальникасул. Гьес дару гьабулев тохтурасда абуна: «Гьав солдат дуца союзалъул госпиталалде вит1ани  лъик1 бук1ина. Доба къот1ила гьасие х1укму, берал рахъизейищ яги рахъич1ого тезейищ. Дуца гьасие операция гьабуге»,-ян.

- Дилъ цодагьаб паракъалъиялъул г1аламат бижана ва ахир лъик1 ккелилан гьарулел хьулазул ц1адул х1енех1 кунч1изе лъугьана. Хадуб дида лъана дов хирургас Афгъанистаналда беразда ругъун щварав зах1матго лъукъарасул кколесулги кколаресулги берал рахъулел рук1ин. Дун  вит1ана цин Алма-Атаялъул  ва хадуб Москваялъул госпиталалде. Дун нуха рег1улелъул, диде аск1овеги вач1ун, дир кверги босун, госпиталалъул начальникас дида абуна: «Кинабго лъик1 ккезе буго, ургъел гьабуге, беразда канлъиги бихьила, мунги хъулухъалъул болжал лъуг1игун, сах-саламатго дурго Ват1аналде нахъ вуссина» - ян. Гьел раг1абаз дида куркьбал рижана, вохиялъ бугеб унти бигьалъана. Вохиларищха - гьесул калам бук1ана рак1ч1араб, ч1ван  -къот1араб, гурх1ел-рах1муялъул ц1ураб, инсул, вацасул г1адаб т1алаб ва жавабчилъи ц1ик1к1араб. Х1асил-калам дун сахлъана, беразеги операция гьабизе ккеч1о. Госпиталалдаса дун къват1иве виччалелъул дида бук1араб рохалил бицун х1ал г1еларо. Амма цебеса унев вук1инч1о Афгъанистаналъул госпиталалъул начальник, гьесул хинаб квер, хьул бижизабулеб калам.  Цох1о дие гуребги г1емерал нилъеразе кумек гьабун батизе ккола гьев тохтурас. Москваялъул госпиталалда дида цадахъ сах гьавулев вук1ана дунго г1адин Афгъанистаналда хвалил ругъун щварав дагъистанияв.

Гьес дида бицаралъ, ц1акъ к1удияб асар гьабуна дир черхалъе.

Гьес гьадин бицана: «Дун нахъисеб къоялъ, г1аммаб хобалъуб рукъизе х1адурараб жаназабазул гох1илъа нахъеги восун, жиндирго харжиде союзалъул госпиталалде вит1ана гьев дуе кумекалъе квер бегьарав сахаватав инсанас. Ва гьале ч1аго-г1ат1го дуда вихьулев х1алалдаги вуго. «Дун мискин, риц1ил т1ил г1адинав чи, кидаго Аллагьасде гьарделев вук1уна, гьесие паракъатаб г1умру, халатал сонал ва сахлъи кье», - ян.

-Дида досул гьумер, лага-черх кинаб бук1арабали лъаларо, рак1алдаса унаро гьесул гьаракь, макьилъгицин раг1ула дида гьеб. Гьеб къоялдаса нахъе, дица гьев чи валагьулев вуго. Дун гьесие г1умруялъго налъулавги вуго. Дун гьабсаг1аталъ лъик1аб яшавалдаги, ресалдаги вуго. Дой дие йокьулей йик1арай ясги ячана дица лъадилъун, лъималги руго дир меседил гарал г1адал. Дун хвасар гьавурав тохтур дида ватанани сундулъниги ресукъго, къваридго, дица гьев гьеб х1алалдаса ворч1изе х1аракат бахъила сундего вач1инч1ого. Гьеб г1умруялде бахъинабизе къуватги дихъ, ресги дихъ.

- Дие гьев чияс бицаралъ рекlee к1удияб асар гьабуна. Дида рак1алде бач1ана нилъер районалдаса цо тохтур Афгъанистаналда госпиталалда х1алт1улев вук1аравлъи ва гьанже гьев Мах1ачхъалаялда цо институталъул  рагъулаб кафедраялда х1алт1улев вук1инги. Гъос дида гьарана заман батани цадахъ вилълъани ц1акъ бокьилаанин. Ниж къват1ире рахъана, щвана доб бицен гьабулеб бук1араб институталъул кафедраялде. Нижеда аск1ове вач1ана подполковникасул чиналда вугев, рагъул форма рет1арав, бот1рода хъах1ал расаз рещт1ен гьабурав, къамарт1аб черхалъул чи.

-Лъие дун къвариг1арав, щиб нужее х1ажат бугеб,-ян ц1ехана гьес нижеда. Дида  лъалев вук1аниги, Г1амирида дун лъалароан. Дида  цадахъ вук1арав, Г1амирил гьаракь ч1вайгун, г1ажаибго г1енеккун ч1ана, гьесул гьурмалъ гьими рехана ва гьаракь борч1ана: «Гьав чи, дов чи ккола!»-ян.

-Baxl, дида лъаларел, дида киданиги рихьич1ел, нуж щал ва киса кколел?-ян абуна подполковникас.

-Мун ккола дун хвасар гьавурав, дир берал рахъизе гьукъарав, дир т1алаб гьабурав тохтур.

-Baxl, дида мун т1оцеве вихьулев вуго. Гьабго кинаб г1аламат?-ян абуна подполковникас.

- Дидаги мун т1оцеве вихьулев вуго, дур куц-мухъги, лага-черхги дидаги лъалароан амма  дур х1еренаб каламги, инсулаб т1алабги, хинаб кверги, дида доба Афгъанистаналда бихьун бук1ана ва жакъа гьанибги бихьулеб буго. Дуй дун налъулав вуго, гьадин дуда цеве ч1езе к1веялдаса,- ян абуна дида цадахъ вук1арас.

- Baxl, мун госпиталдайищ вук1арав? Лъукъун вук1ун ватила? Дица дирго налъи т1убалеб бук1ана, т1ок1 борч1араб, цо хасаб дуе гьабураб х1алт1и дир бук1ун батиларо,- ян абуна подполковникас сабурго, х1еренаб гьаракьалъ.

-Дида гьеб лъаларо, амма дида лъала дида бук1араб х1алги, гьеб дида т1аса нахъе босизе сабабалъе мун ватиги,-ян абуна дир гьалмагъас. Гьес, жиндирго ккараб-таралъул бицана ва бицун бахъингун к1ияцаго кверал рачана ва цоцазда къвалал рана. Цинги дир гьалмагъас Г1амиридехунги вуссун абуна:

- Дир буго к1ит1алаяб  мина, гьеб дица дуе кьела. Дир буго г1емераб г1арац щолеб бизнесалъул х1алт1и, дуе къвариг1арабг1ан г1арац кьела дица. Х1ажатаб, гьабизе кколеб щибниги батани, гьеб т1убала. Дир г1емерал божарал чаг1и руго Мах1ачхъалаялдаги, Дагьистаналдаги. Бокьани т1адагьаб машина кьела.

Г1амирица абуна: - Дуе к1удияб баркала гьадин дун рак1алдеги щун гьаниве вач1аралъухъ. Дие щибго х1ажат гьеч1о. Дир буго цо рукъалъул секция, дие гьебги г1ола. Дие щолеб харжги диеги ч1ужуялъеги кваназеги рет1инеги г1ола. Лъималги дир т1урарал чаг1и руго.

Дир гьалмагъас абуна : Гьедин батанани мун дида цадахъ маг1арухъе вилълъине ккола.  Дие  ц1акъ бокьун буго дир эбел-инсуда мун вихьизавизе. Дица х1адурлъи гьабила, дуца инкар гьабуге.

-Гьабиларо, амма дун шамат яги гьат1ан къоялъ гурони рег1уларо,- ян абуна Г1амирица. Шамат къоялъ радалго «Мерседесалдаги» рек1ун ниж щвана маг1арухъе-даргиязул росулъе. Росу раг1алда ругоан нижеда дандч1вай гьабизе рач1арал чаг1азул къукъа, квен-т1ех, сух1мат-къали, кеч1-бакъан. Хадур ниж рокъоре рачана ва лъик1 къабул гьаруна эбел-инсуцаги.

Гьеб сапаралъ дида г1емераб жо бихьана, лъик1абги квешабги лъана. Пикру гьабуна: Гьав к1иявго чиясул ц1акълъиян ва  кинал азул цояв цогиясдаса т1ок1ав кколеван къимат кьун дихъа бажарич1о, нужеца кье.

Гьале доб нилъер умумуца абухъе «Сагъри кьот1а гьабураб - Гьима г1орухъ батараб»,-ян абулеб кици рит1ухъ гьабулеб лъугьа-бахъин. Г1адамасда ункъабго тушманасда т1ад бергьенлъи босизе к1веялъул нуг1.

Г1алиев Гъайирбег, Бакьагьеч1и росу.

Просмотров: 755 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz