Вторник, 07.05.2024, 01:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Март » 8 » ГIОДОЙ КЪУЛУН КЪОЧУЛА РУЧЧАБАЗУЛ КВЕРАЗДА.
12:05
ГIОДОЙ КЪУЛУН КЪОЧУЛА РУЧЧАБАЗУЛ КВЕРАЗДА.
   Байрам байбихьана «ГIакаро» ансамблялъул васазул кьурдиялдасан. Берцинал кочIол рагIабазул баркиялдалъун гIодорчIей рагьана гьеб бачунел культураялъул управлениялъул начальник МахIач ХIасановас ва Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъай артистка ГIайшат Тажудиновалъ. Цояздаса цоял берцинал рагIабаздалъун руччабазе къиматги кьун, гьезда байрамги баркун, кинабго лъикIабщинаб гьарарал кIалъаял гьаруна районалъул нухмалъулев ХIажияв Дарбишевас, прокурор Запир МухIамадовас, казначействоялъул нухмалъулев МухIамад ГьитIиновас, бетIерав врач МухIамад Мусаевас, финансовияб управлениялъул нухмалъулев ХIайдар ХIайдарбековас, гIемерал соназ учительлъи гьабулей йигей Роза Качаловалъ, № I7 аптекалъул заведующая Султану ГIамирхановалъ, Хунзахъ, ТIануси, Харахьи росабазул бегавулзабаз Хунзахъ росулъа ГъазагIилав МухIумаевас ва цогидазги.
   КечI-бакъанги, кьурди-хъатги гьечIеб байрам – байрам кколаро. Хасаб гвангъи базабун букIана цIар рагIарал эстрадаялъул «цIваби» байрамалде рачIиналъги. Сапият ИсмагIиловалъ, ПатIимат МухIамадовалъ, «Юг» группаялдаса ХIамид ГIабдулаевас ва нилъерго ПатIимат СултIановалъ, Чаран СултIанбеговас ахIарал кучIдуз чIаголъизабуна залго. ЦIакъго лъикI къабул гьаруна ГIайшат Насрулаевалъ щибаб столалде аскIое ун, гIодорчIаразе сайгъат гьарурал кучIдуз. Унго-унгояб махщел бихьизабуна культураялъул хIаракатчи, хореограф МухIамад Мусалаевас кьурдулаго цо квералъ къалиги ххенезебулаго цогидалъ гьеб кьабулаго рихьизарурал гьунараз.
  Жиде-жидер хIалтIи ракIбацIцIадго гьабулел, кIвахI-свак гьечIого мисалияб къагIидаялъ хIалтIулел руччаби районалъул бетIерас кIодо гьаруна ХIурматалъул грамотабаздалъун ва гIарцулал сайгъатаздалъун (гьезул сиях1 халатаб буго).
Байрамалъул байбихьуда залалда гIодорчIаразухъе рикьарал билетаздасан тIобитIараб лотереялъги руччабазул ракIал рохизаруна.
  ЛъикIаб кеп-ихтилатги, аваданлъиги гьабун, разиго, сайгъат-саламалгун рикь-рикьана байрамалде рачIарал жидерго росабалъе. Жидер хIурмат гьабун байрам гIуцIаралъухъ гьенире рач1араз кIудияб баркала кьолеб букIана районалъул нухмалъулев ХI. Дарбишевасе, культураялъул хIалтIухъабазе ва цогидазе. Гьединал, гIадамазе рокьулел тадбирал хадубккунги гIемерлъаги.
П. ГУНАШЕВА.

Просмотров: 1146 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz