Главная » Архив материалов
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2019 сон.
Гьал къоязда жиндирго хъулухъалъулал ишазде лъугьана районалъул централияб больницаялъул бет1ерав врач Кураев Наби Шамильевич. Районалде вач1инег1ан Наби Шамильевич х1алт1улев вук1ана Республикаялъул клиникияб больницаялъул тохтур-анестезиологлъун ва реаниматорлъун. Хадуб гьев т1амуна клиникияб больницаялъул ва ЦСМПялъул анестезиологиялъул, реанимациялъул ва интенсивияб терапиялъул отделениялъул заведующийлъун. Гьенисан конкурсалъул х1асилалда бергьенлъиги босун Наби Шамилович Кураев вач1ана нилъер районалъул централияб больницаялде. Жакъа нижгун дандч1варав Наби Шамильевичасда нижеца ц1ехана гьаниве вач1иналъе гьесул мурад кинаб бугебали.
|
Автор.И.Мух1амадов.Октябрь 2019 сон
23 октябралда районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиев администрациялъул х1алт1ухъабигун цадахъ г1ахьаллъана республикаялъул Х1укуматалъул рокъоб Х1укуматалъул председателасул заместитель Екатерина Толстиковалъул нухмалъиялда гъоркь т1обит1араб данделъиялда. Гьединго гьениб г1ахьаллъана чанго районазул нухмалъулелги, Дагъистаналъул ракьазулгун мал-мулкалъул министр Агъарагьим Къагьирх1ажиев, ДРялъул «Дагтехкадастр» РБУялъул нухмалъулев Александр Беднягин, республикаялъул парламенталъул ва муниципалиял депутатал, УФНСалъул ва экономикаялъулгун территориалияб цебет1еялъул министерствоялъул вакилзаби ва цогидазги.
|
Автор.И.Мух1амадов.Октябрь 2019 сон.
16 октябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана муг1рузул районал церет1еялъул бицараб данделъи-семинар. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул Жамг1ияб палатаялъул х1алт1улаб къукъаялъул нухмалъулев Деньга Халидовас, районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас, администрациялъул отделалъул начальникзабазгун х1алт1ухъабаз, росабазул бегавулзабаз, районалъул предпринимателаз ва фермераз.
|
Автор Н.Г1алиева.Октябрь 2019 сон.
5 октябралда районалъул культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана Т1олгодунялалъул учителасул къо к1одо гьабиялъул рохалилаб данделъи.
|
Автор.И.Мух1амадов.Октябрь 2019 сон.
1 октябралда Харахьи росулъ т1обит1ана районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комитеталъул АТК иргадулаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ерасул х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель Х1амид Гьит1иновас, райсобраниялъул председатель Хважа Хважаевас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Г1абдулпатах1 Х1амзатовас, АТКялъул специалистаз, Харахьи участокалда ругел росабазул советазул бегавулзабаз ва лъай кьеялъул учреждениязул нухмалъулез.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2019 сон.
Гуманитарияб ва тарихазулаб лъай кьеялъул «Точка роста» ян ц1ар тарал централ рагьун руго, В. Васильевасул т1адкъаялда рекъон, Дагъистаналъул 168 росдал школалда. Гьел ккола техникияб прогрессалъул киналго т1алабазе жаваб кьолел ва лъай кьеялъул даража борхизабулел кабинетал. Щибаб кабинет хьезабун бук1ине буго интерактивияб къайи-ц1аялдалъун, хасал компьютераздалъун, 3d принтераздалъун, квадрокоптералдалъун, видсова суратал рахъулеб техникаялдалъун ва г1емераб цойгидаб, советияб заманалъул школлъималазда бихьич1ебщинаб, къайи-ц1аялдалъун. Гьениб ц1алдохъабазда малъизе буго жидецаго программаби, проектал ва приложениял г1уц1изе, суратал ва репортажал рахъизе.
|
Автор.Г1амирханов Расул, Дагъистаналъул мустах1икъав учитель, Россиялъул лъайкьеялъул отличник.
Гьале т1аде щвана ц1ияб ц1алул сон. Учителасул х1алт1уда гъорлъ г1емер дандч1вала бат1и-бат1иял лъималазул г1амал-хасиятал. Рук1уна лъимал рецц рекъолелги г1адлу гьабизе кколелги хехго жо босулелги заг1ипалги рокъосан эбел-инсул тарбия щваралги щвеч1елги. Бищун цебе учителасе лъимал рокьизе ккола ва гьезда гъорлъ восун вук1ине ккола. Бегьуларо лъимал рат1а гьаризе, гьеб жо рек1еда бала лъимералда. Дарсил заманалда ц1алдохъанас лъик1аб жаваб кьураб мехалъ гьесул рак1 батизабизе ккола, гьев хадувги жеги лъик1 х1адуризе лъугьуна. Бокьараб дарсил заманалда учителас дарс бачине ккола ц1алдохъабазе бокьулеб х1алалъ ва гьел г1енеккиледухъ, гьоркьо-гьоркьо махсаро хоч1-гьабун, г1умруялда жаниб ккараб интересаб лъугьа-бахъиналъул бицун ва хасго физкультураялъул минуткаялде к1вар кьезе ккола, 4-5 мин зарядка гьабизе ккола, лъималазул жигар бач1ине.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2019 сон.
Гъаб анкьил арбаг1 къоялъ районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиев, МБУ ОКСалъул нухмалъулев Саг1адула Батировгун ва цойгидал жавабиял х1алт1ухъабигун щвана Харахьи ва Г1орут1а росабалъе. Баянаб бук1ахъе, Федералияб программаялда рекъон, Г1орут1а росдал культураялъул рокъоб ине буго капиталияб ремонт. Жанисан мина къач1ай гуребги, т1ох хисун, фасад къач1ан х1алт1аби гьаризе руго гьеб социалияб объекталда.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2019 сон.
11 сентябралда Дагъистаналда ахиралде бахъана халкъазда гьоркьосеб Расул Х1амзатовасул «Хъах1ал къункърабазул къоял» литературияб фестиваль. Исана гьеб т1обит1улеб бук1ана ХХХ III нухалъ. 8 сентябралда республикаялъул нухмалъулезул, хъвадарухъабазулгун поэтазул делегация шаг1ирасул хабаде бахиналдасан байбихьана фестиваль. Гьебго къоялъ Ц1адар рещт1ана исана ич1абилеб нух т1обит1араб, Расул Х1амзатов рак1алде щвезавиялъул автопробегалъул г1ахьалчаг1иги.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2019 сон.
Исана районалъул школазда т1оцебесеб нух т1оцебесеб классалде гали т1амизе буго 300 гьит1ичас. Батаги гьеизе г1елмудал к1алг1адухъе нух г1урччинаб, жидедаса умумулги учительзабиги рохараб, пайдаяб!
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2019 сон.
Араб шамат къоялъ Хунзахъ район г1уц1аралдаса 90 сон т1убай к1одо гьабуна райцентралъул Г1урдада майданалда. Хундерида байрам баркизе республикаялъул т1алъиялъ вакил гьарун рач1ун рук1ана: ДРялъул Бет1ерасул ва Х1укуматалъул Администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, гьесул заместитель В. Деревянко, республикаялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Абулмуслим Абулмуслимов, Муг1рузул территориалияб Округалда вакил Мух1амад Камилов, Халкъияб Собраниялъул депутат Х. Хучбаров ва гь. ц. Х1урматияб делегациялда гьоркьор гьединго рихьулаан цере районалъе нухмалъи гьабуралгун мадугьалихъ районазул бут1рул.
|
Автор.И.Мух1амадов.Июль 2019 сон.
24 июлалда цебеккун лъазабун бук1ахъе, Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевасул халкъалъулгун дандч1вай. Гьелда г1ахьаллъана т1олабго районалъул актив, районалда х1алт1улел ругел федералиял органазул вакилзаби ва г1адатал г1адамал. Бокьарав чиясул рес бук1ана цебеккунго хасаб номералде жиндирго суал бит1изеги.Данделъаразе саламги кьун Нурмух1амад Задиевас бицана гьадинал дандч1ваял т1орит1иялъул маг1на бугин районалъул т1алъиялда г1адамазе къвариг1араб-тараб, гьезул г1олел-г1оларел рахъалги лъазарун, гьел т1уразаризе к1вараб х1аракат бахъи бугилан.
|
Автор.Н.Г1алиева.Июль 2019 сон.
Гьаб ахираб заманалда г1емераб хъвалебги, бицунебги буго маг1арул мац1 ц1унизе ккеялъулги, гьеб к1очон тезе бегьунгут1иялъулги. Нилъер умумузул мац1 т1убанго т1аг1ун иналъе х1инкъи буго г1емерисеб г1олохъанаб г1ел гуребги, ч1ах1иялгицин г1урус мац1алда к1алъалел рук1иналъ. Лъималги умумулги к1алъалел руго г1урусги маг1арулги гъорлъ жубазабураб мац1алда. Гьеб цо-цоязда берцин бихьулебги буго. Ратулел руго г1адамал, маг1арул мац1 г1иц1го росабалъ цоцазулгун гьоркьоблъиялъе бук1ани гуреб, х1ажатаб мац1 гурилан абулелги.Мац1 ц1униялъе нилъеца аслияб къаг1идаялда к1вар кьезе ккола г1олохъанаб г1елалде, школлъималазде. Школалда муг1алимзабазги, рокъоб эбел-инсуцаги, нилъерго мац1ги бицунеб бугони, ч1ах1ияз г1адаталги, умумузул нухги ц1унулеб бугони, г1исинаб г1елалъеги бокьила гьеб нухдасан ине. Гьеле гьеб мурадалде буссараб бук1ана гьал къоязда т1абиг1ат берцинаб «Макьас» майданалда т1обит1араб авар мац1алъул муг1алимзабазул дандеруссин-слет
|
Автор.И.Мух1амадов.Июль 2019 сон.
10 июлалда Хунзахъ районалда к1одо гьабуна г1олилазул къо. Гьеб байрамалда хурхун т1обит1ана чанго бат1ияб бут1аялдасан г1уц1араб тадбир. Гьеб г1уц1ун бук1ана райадминистрациялъул г1олилазул ишазул комитеталъул х1аракаталдалъун. Гьез х1исабалде росун рук1ана лъималазулгун г1олилазул киналго мурадал. Гьедин, тадбиралъул программа байбихьана радалго Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда лъималазе мультфильмал рихьизариялдасан. Гьебго заманалда байбихьана Хунзахъ чвердолеб бассейналда г1олилазда гьоркьоб лъим ххаялъул, к1анц1иялъул ва турникалда ц1аялъул къецазде.
|
Автор.Н.Г1алиева.Июль 2019 сон.
Гьал къоязда районалъул ветеринарияб управлениялда т1обит1ана 2019 соналъул т1оцебесеб бащдаб лъаг1алида жаниб гьабураб х1алт1ул х1исаб кьеялъулаб данделъи.Гьебги рагьун ветуправлениялъул начальник Хъарачу Г1амирхановас гьаб соналъул 6 моц1алда жаниб ккарал х1асилазул бицине раг1и кьуна ветуправлениялъул нухмалъулесул заместитель Т1алх1ат Шамхаловасе.
|
« 1 2 ... 13 14 15 16 17 ... 85 86 » |