Пятница, 29.03.2024, 02:30 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Июль » 7 » Х1АЛТ1И РОЦ1Ц1ИНАБИЗЕЛЪУН.
11:55
Х1АЛТ1И РОЦ1Ц1ИНАБИЗЕЛЪУН.

Гьал къоязда районалъул ветеринарияб управлениялда т1обит1ана 2019 соналъул т1оцебесеб бащдаб лъаг1алида жаниб гьабураб х1алт1ул х1исаб кьеялъулаб данделъи.

Гьебги рагьун ветуправлениялъул начальник Хъарачу Г1амирхановас гьаб соналъул 6 моц1алда жаниб ккарал х1асилазул бицине раг1и кьуна ветуправлениялъул нухмалъулесул заместитель Т1алх1ат Шамхаловасе. Гьес г1одорч1аразе бицана гьадин:

-Районалъул ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъабаз бербалагьиялде росун руго 24 росдал администрациялде гьоркьоре унел 70 маг1ишаталъул г1и-боц1и. Гьезда гьоркьор руго 24233 бет1ер ч1ег1ерх1айваназул, 129930 бет1ер г1и-ц1аназул, 821 бет1ер чуязул, 33676 бет1ер г1анк1у-х1елекоялъул, 737 бет1ер гьабзазул ва кутузул, 4173-найил т1улбузул, жалги Хунзахъ районалда, Кочубеялъул, Бабаюрталъул, Кизилюрталъул гочинабун г1и-боц1и хьихьулел зонабазда ва Калмыкиялда хьихьун ругел.

Т1оцебесеб бащдаб лъаг1алида жаниб ветеринарияб управлениялъ Сибирская язва, Эмкар, Ящур, Нодулярный дерматит, Чума х1анч1азул, гьабзазул ва кутузул т1урищвей г1адал унтабазде данде гьабуна 808765 бет1ер г1и-боц1иялъе дару-сабаб. Бруццелез т1атинабизелъун хал-шал гьабуна 11384 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъухъ, 3908 бет1ер г1и-ц1аназухъ, 224 бет1ер чуязухъ. Хал гьабиялъул х1асилалда баянлъана рехсараб унтиялъ унтун рук1ин 18 бет1ер ч1ег1ерх1айваназул ва 1 г1иялъажо.

Бруцеллез батана Моч1охъ, Харахьи, Г1орут1а, Мущули, Языковка, Багьараб росу, Ц1ада росдал гъутаналда ва Хунзахъ росулъ.

Унти т1атарал х1айванал т1аг1инаруна щибаб рукъ ккун хал-шал гьабун, гьел рук1арал бак1азда гьабуна дезинфекция ва рац1ц1а-ракъалъи.

Лейкоз бугищали лъазелъун хал гьабиялде бачун бук1ана 12021 бет1ер х1айваназул. Гьезда гьоркьосан 30 х1айван унтун батана гьеб унтиялъ. Рехсараб унтиялъ унтараб боц1и батана Хизроевасул ц1аралда бугеб СПКялда, «Баг1арав партизан» СПКялда, Бакьагьеч1и Гъамбулат гъутаналда, Г1обода Гъамбулат, Гьамишт1а Шпрингель, Ц1ада гъутаналда, Бакьагьеч1и Г1арада, Г1ахьалч1и Аслангерей, Самилахъ гъутабазда. Гьеб боц1иги т1аг1инабуна ва гьеб хьихьун бук1араб бак1 дезинфекция гьабун бац1ц1ад гьабуна.

Хламидиоз, лептоспироз, инфекциялъулаб эпидидимит бугищали лъазелъун хал гьабураб боц1уда гьоркьоб гьел унтаби загьирлъич1о.

Цоялдаса цоял бат1иял унтабаз унтула нилъеда унти гьеч1елилан кканиги, х1айваналги. Гьедин, туберкулез бугищали лъазелъун хал-шал гьабуна 11785 х1айваналъулги. Цо талих1алъ гьеб унти загьирлъич1о.

Т1омода гъоркь бук1унеб неца реч1ч1ун бугищ х1айваназдаяли лъазелъун г1умру гьабулеб 14 бак1алда хал гьабиялде бачун бук1ана 23477 бет1ер х1айваназул. Гьездасан 46 х1айваналъул т1омолъ батана неца. Гьел аслияб къаг1идаялда уна Гьоц1алъ ва Г1ахьалч1и участкабазде гьоркьоре.

Роспотребнадзоралъул лъазабиязда рекъон, бруцеллезалъ гьаб соналъул 6 моц1алда жаниб нилъер районалда унтун вуго 5 чи. Гьездасан 3-язул боц1ухъ хал гьабуна гьеб лъарабго, амма боц1уда гьеб унти батич1о. К1игоял больницаялда регизарун сах гьарулел руго. Риидалил муг1рузда ругел гьезул боц1ухъги хал гьабизе буго.

Гьеб роспотребнадзоралъул лъазабиялда рекъон гьвеца яги катица х1анч1аразда гьоркьор ратана районалдаса 13 чи. Гьезул щугоял кколел руго Хунзахъа, цо-цо чи Хьиндахъа, Шотодаса, Ц1адаса, Бакьагьеч1иса, Гьац1алухъа, Харахьиса, Г1орут1аса, Г1урк1ач1иса. Щибаб г1адамазда х1анч1араб катида яги гьведа хадуб хал ккун бук1ана 10 къоялъ. Т1урищвараб гьезда гьоркьоб батич1о.

Щибаб къойилаб х1алт1и т1обит1ула ветуправлениялда х1айваназул, г1иял, х1анч1азул гьан, гьездаса бахъулеб продукция: рахь, х1ан, хоно сахаб, квине бегьулеб бугищали лъазелъун овощал, пихъал турич1ел, хвеч1ел рат1а гьаризелъунги. Гьеб мурадалда гьабун буго 3966 экспертиза. Кинабго х1алт1и бачунеб буго электроннияб х1исаб-суалалда.

Хадубги Хъ. Г1амирхановас жиб-жиб участокалъул ветеринарияв х1алт1ухъан ах1ун, щивасул отчеталъухъ хал гьабун, г1олел г1оларел рахъазул бицун, х1алт1ухъаби ах1ана жиде-жидеда т1адаб х1алт1и роц1ц1инабизе, г1унгут1аби лъуг1изаризе. Лъик1 х1алт1аразе кьуна реццалъул т1амчалги.

Данделъиялъухъ г1енеккидал ветуправлениялъул х1алт1и унеб буго щивасул жинди т1ад къараб х1алт1удехун к1удияб жавабчилъиялда ва рахъи кьеялда. Республикаялъул управлениязда гьоркьобги гьеб лъик1азул кьеразулъ рехсолеб буго.

  • гьезие гьеб х1алт1улъ хадубккунги бергьенлъабиги, бит1 ккейги.
Просмотров: 429 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz