Среда, 24.04.2024, 07:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Август » 2 » РАЙОНАЛЪУЛ ЖАМАГ1АТГУН ДАНДЧ1ВАЙ.
16:58
РАЙОНАЛЪУЛ ЖАМАГ1АТГУН ДАНДЧ1ВАЙ.

24 июлалда цебеккун лъазабун бук1ахъе, Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевасул халкъалъулгун дандч1вай. Гьелда г1ахьаллъана т1олабго районалъул актив, районалда х1алт1улел ругел федералиял органазул вакилзаби ва г1адатал г1адамал. Бокьарав чиясул рес бук1ана цебеккунго хасаб номералде жиндирго суал бит1изеги.

Данделъаразе саламги кьун Нурмух1амад Задиевас бицана гьадинал дандч1ваял т1орит1иялъул маг1на бугин районалъул т1алъиялда г1адамазе къвариг1араб-тараб, гьезул г1олел-г1оларел рахъалги лъазарун, гьел т1уразаризе к1вараб х1аракат бахъи бугилан.

Дандч1вай халат бахъана 3 саг1аталъ. Гьеб заманалда жаниб районалъул нухмалъулес х1аракат бахъана 30 г1ан суалалъе жаваб кьезе. Аслияб къаг1идаялъ суалал хурхарал рук1ана нухал къач1аялда, сахлъи ц1униялъул бут1аялда, росабалъе т1абиг1ияб газ бачиналда, х1алт1улал бак1ал г1уц1иялда, бизнес цебет1езабиялда, къват1ахъ чирахъал рек1инариялда, лъим бачиналда ва районалда социалиябгун спортивияб инфраструктура г1уц1иялда ва гьеб цебет1езабиялда.

Г1емер суалал рук1ана районалъул нухмалъулесул Instagram социалияб гьиналда бугеб аккаунталде хъварал. Мисалалъе, чангиязе рек1ее г1ун гьеч1оан районалда учительзабазулгун директорзабазул аттестация т1обит1и. «Х1акъикъаталдаги лъазе бокьилаан гьеб хасаб бет1ергьан вугеб (частная) компаниялъ т1обит1араб аттестациялъул х1асилал лъазе. Киналго плановиял аттестациял т1уралел районалъул нус-нус учительзабазул махщалидаги бажариялдаги щаклъи ккун, районалъул нухмалъи божулеб буго цох1о г1арцул гурони ургъел гьеч1еб пуланаб компаниялда».

«Интерес ккараб жо, кинандай ва кинаб г1уц1иялдалъундай гьеб компаниялъ т1олабго г1умруялъ школазда х1алт1арал т1адег1анаб категориялъул учительзабазе аттестация т1обит1улеб? Нужерго кеп щолеб гьеч1ищ гьелда?» Гьединал суалал рук1ана интернеталда. Жеги ц1ехолеб бук1ана аттестациялъул кинал х1асилал ккарал,- ян ва киг1ан г1арац гьеб компаниялъе кьурабилан. Нурмух1амад Задиевас бич1ч1изабуна гьеб аттестация т1обит1иялъул г1илла бук1анин нилъер лъималазе дарсал кьолел ругел учительзабазул профессионалияб даража т1атинаби, х1асилал лъик1ал ккеч1ел педагогал ц1ализеги рит1ун, гьезул профессионалияб х1адурлъиялъул даража борхизабизе бугилан. Гьединго аттестация т1обит1ун раг1ула ч1обого ва къот1и бук1ун буго гьелъул х1асилал рагьун рицинарилан.

Данделъиялда хасаб к1вар кьун бук1ана районалъул сахлъи ц1униялъул бут1аялда лъугьун бугеб лъик1аб гуреб ах1вал-х1алалъул бициналде. Муг1рузулаб Дагъистаналда техническияб рахъалъ бищун цебет1ураб больница буго нилъер. Чанго шагьаралдагицин гьеч1о гьединаб больница. Амма цох1о техническияб рахъ бук1араб г1олароха. Нилъер тохтурзабазул рак1ал сог1лъун руго. Унтараздехун буго т1аса-масагояб, х1атта, хъач1абгицин бербалагьи. Коридоралъур ч1ун росабалъа рач1арал г1адамалги тун саг1таца чаял гьекъолел рук1унел руго гьел. Г1адамазда гьоркьоб ц1ех-рех т1обит1ани, гьез цониги нилъер больницаялда х1алт1улев тохтур вихьизавуларо гьасда жал божулинги абун. Цогидал специалистазул гъалат1ал рит1изарун бажараниги тохтурасул гъалат1 бит1изабун бажаруларо. Гьединлъидал, кват1ич1ого тохтурзабазда гьркьобги т1обит1изе буго аттестацияги мастер-классалги»,- ян абуна районалъул бет1ерас.

Дандч1ваялда рорхана г1емераб заманалда райцентралда къват1ахъ чирахъал рек1унел гьеч1олъиялъул ва Г1араниса Хунзахъе рач1унеб нух къач1аялъул суалал. Хунзахъ къват1ахъ чирахъал рек1унгут1иялда хурхун чанго соналъ халат бахъараб вала-рахас буго росдал советалдаги районалъул администрациялдаги ва подстанциялдаги гьоркьоб. Ч1ванкъот1ун лъалеб гьеч1о лъица, лъие ва киг1анасеб къадаралда г1арац кьезе кколебали. Данделъиялдаги гьезул пикру данде ккеч1о. Амма Нурмух1амад Задиевас абуна г1агараб заманалда нухги батун гьеб суал т1убалин ва къват1ахъ чирахъал рек1ине ругин.

Хунзахъ-Г1арани нухлул бицунаго районалъул нухмалъулес абуна гьабсаг1аталда гьеб тендералда лъун бугин ва районалъул юбилей байбихьилелде гьенир гьарулел х1алт1аби лъуг1изаризе ругилан. Амма цох1о хъил т1езе гурони г1арац бихьизабун раг1уларо. Гьединго бук1ана Харахьиса Кьохъе унеб нухлул суалги. Г1арз бук1ана Хунзахъа Заг1ибе унеб нухда хурхунги. Гьелъие жаваб кьуна районалъул нухазул участкаялъул начальникас. Гьес абуна гьеб нухда т1убараб лъаг1елалъ х1алт1улеб техникаги бугин, амма ц1адал ран, гьабураб х1алт1ул х1асил кколеб гьеч1илан.

Гьит1инаб Гьоц1алъан бач1араб суалалда абулеб бук1ана жидер росулъ г1олохъанаб г1ел ва лъимал руссине бак1 гьеч1илан. Гьединго лъик1 раг1уларо ФАПалъул ва ясли-ахалъул ишги. Г1еч1ендерил рах1ат хвезабун бук1ана гьезул росулъ 2008 соналдаса нахъе балеб бугеб, амма кинго бан бахъунареб спортзалалъ. Г1аранисан бач1араб кагътида хъван бук1ана жидер росулъ гьит1инабго х1охьбахъиялъул парк базе рес бук1унарищилан.

Киналго суалазе жавабал кьуна районалъул бет1ерас. Амма гьезул г1емерисел рук1ана т1уразе г1емер заман х1ажалъулел, руго иш т1аде кколел органазде кагътал хъван гурони, районалъул нухмалъулесухъа т1уран бажаруларел суалалги.

  • Нурмух1амад Задиевас бицана гьадинал дандч1ваял щибаб бащдаб лъаг1алил ахиралда т1орит1изе ругилан ва баркала кьуна киналго гьенир г1ахьаллъи гьабуралщиназе.
Просмотров: 355 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz