Автор.И.Мух1амадов.Июль 2019 сон.
24 июлалда цебеккун лъазабун бук1ахъе, Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевасул халкъалъулгун дандч1вай. Гьелда г1ахьаллъана т1олабго районалъул актив, районалда х1алт1улел ругел федералиял органазул вакилзаби ва г1адатал г1адамал. Бокьарав чиясул рес бук1ана цебеккунго хасаб номералде жиндирго суал бит1изеги.Данделъаразе саламги кьун Нурмух1амад Задиевас бицана гьадинал дандч1ваял т1орит1иялъул маг1на бугин районалъул т1алъиялда г1адамазе къвариг1араб-тараб, гьезул г1олел-г1оларел рахъалги лъазарун, гьел т1уразаризе к1вараб х1аракат бахъи бугилан.