5 октябралда районалъул культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана Т1олгодунялалъул учителасул къо к1одо гьабиялъул рохалилаб данделъи.
Гьелда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, районалъул депутатазул Собраниялъул председатель Хваджа Хваджаевас, районалъул лъайкьеялъул отделалъул начальник Г1абдулпатах1 Х1амзатовас, лъайкьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзалъул райкомалъул председатель Мух1амад Мах1мудовас.
Данделъиялда баркиялъулаб к1алъай гьабизе вахъарав Нурмух1амад Задиевас к1удияб къимат кьуна учителасул х1урматияб х1алт1иялъе.
Учителасул ц1ар, - ян абуна Н. Задиевас, - нилъеца ч1ух1ун рехсезе бегьулила, щайгурелъул учителасул лъаялда, гьесул к1вах1 гьеч1еб зах1маталда бараб бук1унелъул нилъер улкаялъул къисмат, гьелъул бук1инесеб, гьелъул цебет1ей. Учителасул махщелалъ, гьесул лъималазде бугеб рокьиялъ ва т1алаб-агъазалъ, гьесул сабруялъ ва лъималазулгун гьоркьоблъи батизе бугеб махщелалъ г1емераб лъик1абщинаб жанибе бачунила. Нилъер районалъул учительзабазги бихьулеб бут1а лъолеб буго г1ун вач1унев инсан лъик1аб тарбия-лъай кьун куцаялъе. Г1емерал руго районалда церет1урал г1алимзабиги, тохтурзабиги, муг1алималги… Х1ажат бугила нилъее жакъасеб лъайкьей доб цебесеб даражаялде бачине.
Гьес нилъер х1урматиял педагогазе гьарана щулияб сахлъиги, х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъабиги, г1умруялда жаниб гьабулщиналъулъ бит1 ккейги.
Гьединго данделъиялда байрам баркарал к1алъаял гьаруна райсобраниялъул председатель Х. Хваджаевас, лъайкьеялъул отделалъул начальник Г1. Х1амзатовас, профсоюзалъул райкомалъул председатель М. Мах1мудовас.
Х1алт1улъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал педагогал гьенир к1одо гьаруна лъайкьеялъул министерствалъул, райадминистрациялъул, районалъул депутатазул собраниялъул, профсоюзалъул комитеталъул Х1урматиял грамотабаздалъун ва г1арцулал шапакъатаздалъун.
- лъайкьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзалъул комитеталъул председатель М. Мах1мудовас баркала кьуна районалъул администрациялъул бет1ер Н. Задиевасе гьес лъай кьеялде кьолеб бугеб к1удияб бут1аялъе г1оло. Мисалалъе босани, учительзабазда к1очон бук1анила кидал командировочныял щваралали, школазе ремонталъе г1арац кидал биччарабали, минабахъ ц1а ккеч1ого бук1иналъе х1алт1аби гьаруралъухъ кьезе харжал кидал кьолел рук1аралали. Щибаб к1алъаялдаса хадуб куч1дул ах1ун, кьурдаби гьарун педагогазул рак1ал рохизаруна районалъул культураялъул х1алт1ухъабаз. Данделъи махщалида нухда бачана Г1арани гьоркьохъеб школалъул директоралъул заместитель Ирайгьанат Мух1амадовалъ.
Гьеб киналъухъго ва т1адеги х1алт1абазе г1арац биччалеб бугила ц1ияв нухмалъулес. Кинаб х1алт1и гьабулеб бугониги г1адамазул мац1алги, раг1и-питнаги
къот1инабизе мурадалдайилан киналго муг1алимзабазул рахъалдасанилан ханжарги сайигъат гьабуна гьес гьесие.
|