Районалъул бет1ерасул х1алт1ул анкь
Г1енеккана г1адамазухъ, халгьабуна объектазухъ
Гьаб анкьил арбаг1 къоялъ районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиев, МБУ ОКСалъул нухмалъулев Саг1адула Батировгун ва цойгидал жавабиял х1алт1ухъабигун щвана Харахьи ва Г1орут1а росабалъе. Баянаб бук1ахъе, Федералияб программаялда рекъон, Г1орут1а росдал культураялъул рокъоб ине буго капиталияб ремонт. Жанисан мина къач1ай гуребги, т1ох хисун, фасад къач1ан х1алт1аби гьаризе руго гьеб социалияб объекталда. Лъаг1алил ахиралде киналго х1алт1аби раг1алде рахъинаризе рак1алда буго подрядчикасда. Культураялъул к1алг1а гуреб, росдал ясли-ахалъегун спортзалалъеги х1ажат буго Г1орут1а ремонт гьабизе. Г1арадерил гьариялда нахъвилълъун, районалъул нухмалъулес раг1и кьуна т1адеялъулниги федералияб программаялдасан ясли-ахалда капиталияб ремонт гьабиялъе сурсатал ралагьизе.
Гьебго къоялъ т1алъи щвана школалдегун росдал советалдеги, дандч1вана г1адатал г1адамалгун, ц1ехана къвариг1араб-тараб.
Гьелдаго релълъараб бук1ана Харахьибе гьебго къоялъ районалъул бет1ерас бухьараб сапарги. Киналгоязде г1унт1ун росдал г1уц1абаздеги щун, гьес хал-шал гьабуна ругел г1унгут1абазул, г1енеккана г1адамазухъ. Бищунго унтараб суаллъун херехьдерие жакъа къоялдаги хут1улеб буго лъим г1унгут1и. Хасго ц1акъ гьелъ рах1ат хвезабулеб буго хасалил г1ужалъ. Чара гьеч1ого х1ажат буго росулъе ц1ияб лъел мухъ бахъизе. Гьелъие х1адурараб проектги бихьизабуна Харахьи росдал бегавул С. Мух1амадкамиловас районалъул нухмалъулесда. Жиндасан бач1араб кумек бук1инабилин гьеб к1вар бугеб суал т1убазабиялъулъан абуна Н. Задиевас.
Гьединаб бук1ана районалъул нухмалъулесул Харахьи участкаялде сапар.
Ф. Мух1амадова.
|