Суббота, 18.05.2024, 19:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Гьале цоги пашманаб хабар. Нилъедаса ват1алъана районалда цого-цо хут1ун вук1арав К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, зах1маталъул ветеран, РСФСРалъул ва ДАССРалъул школалъул мустах1икъав учитель Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматович.Гьев гьавуна 1927 соналъул 1-себ марталда векьарухъанасул хъизаналда. Г1умруялъул сонал 2 соналъги ц1ик1к1инарун, бокьун К1удияб Ват1анияб рагъде аразул кьеразулъ вук1ана М. Гьиматов.

Просмотров: 611 | Добавил: NiGMaT | Дата: 21.06.2019 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Июнь 2019 сон.

11 июналда Хунзахъ районалда к1одо гьабуна Россиялъул къо. Райадминистрациялъул х1аракаталдалъун г1уц1араб тадбир т1обит1ана Хунзахъ Жамаг1атчи Гьит1инов Мух1удадал ц1аралда бугеб парк-фонтаналда.

Просмотров: 431 | Добавил: NiGMaT | Дата: 15.06.2019 | Комментарии (0)

РакI-ракIалъ баркула нужеда бусурбабазул динияб ва рухIияб гIумруялъул тIей гьечIеб бутIалъун кколеб, нилъер щивас жиб лъикIал ишаздалъун, гурхIел-рахIмуялдалъун, рухIияб камиллъиялдалъун ва къадру тIадегIанлъиялдалъун кIодо гьабизе хIаракат бахъараб Рамазан моцIалъул ахирлъун кколеб КIалбиччаялъул гIид!Биччанте гьаб къадруяб моцIалъул гурхIел-рахIму нилъер щибаб къойилаб гIумру цадахъаблъун букIине. Щибаб рокъобе, щибаб хъизамалде рохелги, рекъелги, хинлъиги босун бачIараблъун батаги нилъее гьаб баракатаб байрам. Ккурал кIалалги гьабураб гIибадатги Аллагьас къабулги гьабун, нужее Алжаналъе рагьараб кавулъун лъугьаги, хIурматиял ракьцоял!

Просмотров: 536 | Добавил: NiGMaT | Дата: 02.06.2019 | Комментарии (0)

23 маялда районалда к1одо гьабуна ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. Исана районалда школалъулгун къщ-мех лъик1 гьабуна 153 выпускникас, 295 чиясул лъуг1ана ич1го класс. Районалъул нухмалъиялъ, жамг1ияб палатаялъ жигараб г1ахьаллъи гьабуна байрамалъулал линейкабазда.

Просмотров: 523 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.05.2019 | Комментарии (0)

17 маялда Хунзахъ тарихиябгун г1агараб ракь лъазабиялъул музеялда т1обит1ана «Музеязул сордо» абураб, т1олабго улкаялда санайил т1обит1улеб акция. Исана гьеб къо Рамазан моц1алде кколеб бук1иналда бан, тадбиралде рач1ун рук1арал Хунзахъ бугеб мадрасаялъул мутаг1илзабаз ах1ана мавлидал, бачана зикру. Как ах1идал, киназго жамаг1ат гьабун какги бан биччана к1алги.

 

Просмотров: 351 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.05.2019 | Комментарии (0)

Автор.Т1алх1ат ахъбердиев.Май 2019 сон.

Эмен вукъараб вацлъиялъул хоб Гъизляр шагьаралъул г1урусазул хабалъ бук1ин лъайдал, нижер инсул рахъалъан г1агарлъиялъул лъебергоялдаса ц1ик1к1ун чи (6 машина) щвана гьаб соналъул 3 аб. маялда рузман къоялъ эмен вукъараб бак1алде зияраталъ.

Просмотров: 441 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.05.2019 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Май 2019 сон.

Исана 74-б нухалдаги т1олабго дунялалдаго к1одо гьабуна Гитлерилаб фашизмалда т1ад бергьенлъи босараб къо- 9 май. Лъиего балъголъи гуро гьеб бергьенлъиялъухъ аслияб бут1а нилъер улкаялъул бук1ин ва гьединлъидал, Россиялда гьеб ккола мукъаддисаб байрам т1олабго улкаялдаго г1адин нилъер районалдаги к1одо гьабуна Бергьенлъиялъул къо.

Просмотров: 442 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.05.2019 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Май 2019 сон.

29 апрелалда райадминистрациялда т1обит1ана районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) иргадулаб данделъи.Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер, АТКялъул председатель Нурмух1амад Задиевас, республикаялъул Бет1ерасул кумекчи, ДРялъул АТКялъул Муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Сайпудин Сайповас, районалъул нухмалъулесул заместитель Х1амид Гьит1иновас, РФялъул МВДялъул Хунзахъ районалда бугеб отделалъул начальник Мух1амадх1ажи Сайбулаевас, Муфтияталъул просвещениялъул отделалъул нилъер районалда вугев вакил Г1алиасх1аб Мух1амадовас, Хунзахъ бугеб г1орхъаби ц1унулеб хъулухъалъул командир Андрей Ермаковас, прокурорасул заместитель Мух1амад Г1исалмух1амадовас, цогидалги АТКялъул г1ахьалчаг1аз, СМИязул ва жамг1ияталъул вакилзабаз.

Просмотров: 502 | Добавил: NiGMaT | Дата: 03.05.2019 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов Май 2019 сон.

26 апрелалда Мах1ачхъалаялда «Гьудуллъиялъул рокъоб» т1обит1ана районалъул г1олилазулгун интеллигенциялъул форум. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул т1алъиялъ, цо-цо республикаялъул министерствабазулгун ВУЗазул нухмалъулез, СМИялъул вакилзабаз, районалъул студентазгун г1олилаз ва цогидазги. Цереселго г1адин, исанасеб форум т1обит1иялъул г1илла бук1ана районалъул ц1алудехун ва спорталдехун гьет1и бугел г1олилал цолъизари, гьезда кверч1вай.

Просмотров: 457 | Добавил: NiGMaT | Дата: 03.05.2019 | Комментарии (0)

18 апрелалда Иорданиялъул тахшагьаралда т1орит1ана «Brave Combat Federation 23» абураб ММАялъул турниралъул чанго къецал. Чемпионасул рачелалъе г1оло къеркьезе цеве вахъана нилъер ракьцояв Эльдаров Эльдарги. Гьесде данде вук1ана Тунисалдаса боец Муир Лацис. Рагъ халат бахъана щуябго раундалъ ва гьезул киназдаго Эльдарица жиндирго т1ок1лъи бихьизабуна. Гьедин судьябазул цок1алаб х1укмуялдалъун дандиясда т1ад рак1ч1араб бергьенлъи босун Эльдар Эльдаров вахъана гьеб г1уц1иялда Россиялдаса т1оцевесев чемпионлъун. Баркула Эльдарида гьесие щвараб меседил рачел, гьарула щулияб сахлъи ва жеги ч1ах1иял бергьенлъаби!

Просмотров: 382 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.04.2019 | Комментарии (0)

Автор.Гара-ч1вари гьабуна Фатима Мух1амадовалъ.Апрель 2019 сон.

 

Исмаг1илидасан (р.г1) бач1араб ирслъун рик1к1унеб рух1ч1аголъи буго чу. Цойги, Бухарил х1адис буго: «Чол надалда Къиямасеб къо ч1езег1ан лъик1лъи бухьун бук1ине бугилан». Х1акълъунго, инсанасе пайдаялъе, гьесие кумекалъе ва рак1 сагьвиллъиялъе бижараб гьеб берцинаб рух1ч1аголъи бокьуларев чиго вук1унев ватиларо. Хасго тарих бечедал дагъистаниязул. Унго-унгояв маг1арулавин абидал, щаяли, дида цеве вач1уна чухъагун, гъалгъалараб бухаригун ва ярагъгун чода рек1арав. Къамарт1ав джигит. Ва амма жакъа къоялда камулел гьеч1о, бихьиназдаса расги нахъе къач1ого, гьездасаги лебалго, тириго (рекъав Тимурида данде ягъарай дой бах1арч1ужу Парту Пат1има кинниги) чуял квегъулел, гьезда гьунарал рихьизарулел ясалги. Лъай-хъвай гьабе гьезул цояйгун. Аминат Шамсудинова. Реабилитолог. Иппотерапиялъул ва чода рек1иналъул инструктор. «Миг1раж» инсан цевет1езавиялъул централъул директор. Гурх1ел-рах1муялъул х1аракатч1ужу. Хунзахъ росулъа г1адатай, амма г1адатаб гуреб х1алт1и бищарай, яс.

Просмотров: 316 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.04.2019 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Апрель 2019 сон

Гьаб дунялалда махщелал г1емерал руго. Киназул бицаниги, г1умруялда жаниб х1ажалъулареб цониги батуларо. Амма гьезда гьоркьобги, лъица щиб бицаниги, махщел камилав тохтур дица т1оцебесеб бак1алда лъола. Щивав чисул бук1уна рак1алъ т1аса бищараб махщел-зах1маталъул нух. Щивасул бук1уна жиндирго къисмат, жиндирго хат1, жиндирго г1умруялъул талих1, ч1ух1и ва жий цеехун унеб аслияб нух. Гьеб тохтурасул бигьаяб гуреб, амма х1урматияб ишалъулъ батана районалъул централияб больницаялъул г1олохъанай врач-педиатр Маджидова Х1апизат Мух1амадовнаялда. Дирги гьелъулги лъай-хъвай ккана, цодагьал церег1ан къоязда г1исинал лъималаз лъач1ого кванараб т1егь-хер сабаблъун дунго райбольницаялде ккараб мехалда. Хехаб кумекалъул отделениялда ратарал медсестрабаз, къасисей кумекалъул врач-ургент рокъоса ах1ун яч1инег1анги, ниж рит1ана лъималазул отделениялде.

Просмотров: 403 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.04.2019 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Апрель 2019 сон.

6-7 апрелалда Хунзахъ Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана хъачагъаздаса Ват1ан ц1унулаго къадаралде щварав «Мужество» орденалъул кавалер Х1усенов Мух1амад рак1алде щвезавиялъул мурадалда иргадулаб волейболалъул турнир. 1995 соналдаса байбихьун, Хунзахъ гьоркьохъеб т1оцебесеб школа лъуг1ун арал выпускниказда гьоркьоб щибаб санайил т1обит1улеб гьеб турнир к1удияб рохеллъун бук1уна росдал ва районалъул спорт, хасго волейбол бокьулезе. 2003 соналдаса нахъе гьеб бухьинабун буго Х1усенов Мух1амадил ц1аралда.

Просмотров: 541 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.04.2019 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Апрель 2019 сон

 Нухазда х1инкъи гьеч1олъиялъул бицана.

Ракьал низамалде рачине ккола.

Просмотров: 392 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.04.2019 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2019 сон.

28 марталда г1умруялъул 55 сонилаб юбилей к1одо гьабуна Гиннесил рекордазул т1ехьалъул чанц1улго рекордсмен нилъер районалъул гьит1инабго Г1амикь росулъа Г1умар Х1анапиевас. Лъидаха рак1алда гьеч1еб 2000 соналъ цабзаз 15 метралъ 576 тонна т1ад бугеб гама лъададасан гьес ц1араб куц? Гьединго ракъдадасан 260 тонна бак1лъиялъул тепловоз 152 метралъ долго «чармил» цаби-г1усаз бехъерхъи? 2001 соналъ ТУ-134 самолет 7 метралъ цабзаз ц1ай? Бигьаго рицатал маг1азул кьурун рак1ал гьари, бот1рода гьец1о гъури, г1усаз маххул рахсал т1ет1ей, арматура кьури, лъугьун руго спортсменасе щибаб къойилал г1адатал ишаллъун. 60 дунялго х1айран гьабураб рекорд ч1езабун буго ракьцояс гьанжелъаг1ан. Ва амма гьеб къадар нусиде г1агар гьабизе сахлъи таваккалги бугин жиндирилан рак1 ч1езабулеб буго Х1анапиевас.

Просмотров: 286 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.04.2019 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 14 15 16 17 18 ... 85 86 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz