Суббота, 27.04.2024, 03:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Апрель » 29 » «ДУН ЙОХУЛА, УНТАРАЛ ЛЪИМАЛ САХЛЪУН РОКЪОЕ УНЕЛЪУЛ»
20:36
«ДУН ЙОХУЛА, УНТАРАЛ ЛЪИМАЛ САХЛЪУН РОКЪОЕ УНЕЛЪУЛ»

Гьаб дунялалда махщелал г1емерал руго. Киназул бицаниги, г1умруялда жаниб х1ажалъулареб цониги батуларо. Амма гьезда гьоркьобги, лъица щиб бицаниги, махщел камилав тохтур дица т1оцебесеб бак1алда лъола. Щивав чисул бук1уна рак1алъ т1аса бищараб махщел-зах1маталъул нух. Щивасул бук1уна жиндирго къисмат, жиндирго хат1, жиндирго г1умруялъул талих1, ч1ух1и ва жий цеехун унеб аслияб нух. Гьеб тохтурасул бигьаяб гуреб, амма х1урматияб ишалъулъ батана районалъул централияб больницаялъул г1олохъанай врач-педиатр Маджидова Х1апизат Мух1амадовнаялда. Дирги гьелъулги лъай-хъвай ккана, цодагьал церег1ан къоязда г1исинал лъималаз лъач1ого кванараб т1егь-хер сабаблъун дунго райбольницаялде ккараб мехалда. Хехаб кумекалъул отделениялда ратарал медсестрабаз, къасисей кумекалъул врач-ургент рокъоса ах1ун яч1инег1анги, ниж рит1ана лъималазул отделениялде.

Нилъеда гьикъун бач1унаро инсанасде унтиги, къварилъиги. Зах1матго унтарав чиясе, гьесие сабаялъе вач1унев тохтург1ан х1ажатав чи щивха вук1инев. Гьеб гурищ унтарасе к1удияб талих1.

Къаси-мех бук1аниги, ниж гъираялда къабул гьаруна рехсараб отделениялъул х1алт1ухъабаз. Т1аде яч1уней тохтуралъул хурхенги ккун, лъимал хвасар гьариялъе хехал тадбирал гьаруна отделениялъул медсестра Пат1иматица.

Г1емер заманго иналде т1аде щварай врач Маджидова Х1апизат Мух1амадовнаялъ лъималазул хал-шал гьабуна, кинабго х1акъикъат лъазабуна ва дару-сабаялде жуяна. «Абула, берцинаб раг1иялъ, дару гьабич1онигицин унтарасул мадар лъугьунилан».

Гьел раг1аби рит1ухъ гьаруна дие калам берцинай, к1удияв вук1а, гьит1инав вук1а унтарасулгун гьоркьоблъи батун бажарулей, гьуинаб, берцинаб раг1иялъ унтаразул рак1ал рохизаризе лъалей Х1апизат Мух1амадовнаялъ.

Г1одулел, унтарал лъималазе гьел руц1инаризе бицунеб мац1 бат1ияб, лъимал унтиялдалъун рак1 бакъварал эбел-инсуе бицунеб мац1 бат1ияб бук1ана гьелъул.

Дидани, г1адамазул рек1елъе нух батун, гьезул рек1ел ах1вал-х1ал бич1ч1ун, гьел г1одоре риччазаризе Х1апизатил бугеб махщел бихьараб мехалда рак1алде ккана, гьай тохтурлъиялъе гурейги, г1адамазул рек1ел х1ал лъазабулезул мактабалдаги ц1алун ятилилан.

Гьеб отделениялда лъимал ургьиса рац1ц1ад гьарун, капельница лъун бахъун хадубги, Маджидова лъималазухъ хал ккун ч1ана гьезул ах1вал-х1ал бич1ч1изелъун. Ахиралдаги кинабго гьабунщинаб бит1ун ккун бугищали лъазабич1ого ва гьезие хадубккунги гьаризесел дарманал хъвач1ого, аск1оса ягъарич1о. Цо-цояз абизе бегьула, гьеб гьелда т1адаб иш бук1анилан. Бук1ун батизеги бегьула, амма Х1апизатил берцинаб каламалъ, гьелъул дару гьабизе бугеб гъираялъ ниж х1айран гьаруна.

2008 соналда Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъулаб академиялъул педиатриялъул факультетги лъуг1изабун яч1ана Х1апизат Мух1амадовна жиндиего гьит1инаб къоялдаса нахъего хирияб бук1араб тохтуралъул махщалида х1алт1изе.

Врачасул махщел т1аса бищизе к1вейги, гьеб г1езаг1ан к1удияб бах1арчилъи ккола, гьезухъ кодоблъидал бук1унеб инсанасул г1умру.

Унтарав щиб унтиялъ унтун вугебали лъазе махщел г1ейги, гьесие бит1араб дару-сабаб гьабизе лъайги – гьеб кинабго врачасда бараб буго.

Врач вук1ине ккола щибго х1инкъи гьеч1ев, к1удияб таваккалалда х1алт1и гьабун бажарулев, гьелдаго цадахъ инсанасда гурх1ел бугев чи.

Дица гьелда ц1ехана врачасул махщел т1аса бищиялъе кинаб г1илла гьелъул бук1арабилан.

Гьелъ щибго ургъич1ого жаваб кьуна, жидер хъизанго медиказул бугилан. – Эмен, Маджидов Мух1амад Х1ажиевич, ккола медицинаялъул г1елмабазул доктор, сахлъи ц1униялъул академик, профессор. Х1алт1улев вуго Дагъистаналъул медакадемиялда онкологиялъул кафедраялъул заведующийлъун, эбелги ккола гьебго кафедраялъул медсестра.

Дир яцги х1алт1улей йиго нилъерго районалъул больницаялда неврологлъун. Дицаго педиатриялъул факультет т1аса бищиялъе г1иллалъун ккана диего лъимал рокьулел рук1ин. Унтараб гьит1инаб лъимер бихьани, дир рак1 гурх1улаан гьелда, гьелъие кумек гьабизе бокьун, щиб дару-сабаб гьабундай гьеб лъилъизабилебан йик1унаан. Школаги лъуг1ун махщел т1аса бищулелъул, лъималазул тохтурлъун инилан рак1алде ккана. Медакадемиялда ц1алулелъулги дица жигар бахъана лъималазул унтабазул х1акъалъулъ, нижеда малъулелдасаги ц1ик1к1ун баянал лъазаризе, бат1и-бат1иял инновациялъулал къаг1идабаздасан пайда босун гьелгун х1алт1изе.

Гьабсаг1аталда дун х1алт1улей районалъул централияб больницаялъул щуабилеб участокалъул лъималазеги дица кинабго дидасан бач1арабщинаб, дирго лъимал рук1аралани, гьезие гьабизе бук1аралдаса жеги ц1ик1к1ун кумек гьабула.

Х1апизатица абула, жий кутакалда йохулила, жинца гьабураб х1алт1ул х1асилалда сахлъун, больницаялдаса лъимер рокъобе унелъул абун.

Унтарал лъималазул эбел-инсул пикру гуребги, дица лъазабуна аск1ор х1алт1улезул гьелдехун бугеб бербалагьиги. Гьезги к1удияб къимат кьун рехсана Х1апизатил ц1ар.

Гьеле гьединай, унтаралги, аск1ор х1алт1улелги разияй йиго нилъер централияб больницаялъул г1олохъанай врач Маджидова Х1апизат Мух1амадовна. Гьелъ т1аса бищун буго унго-унгояб – лъимал рокьиялъул, гьезие кумек ва лъик1лъи гьабиялъул г1умрудул нух. Гьарилинха, гьелъие х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби, хъизан-рукъалда баракат, чорхое щулияб сахлъигун рохел.

 

Просмотров: 396 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz