18 апрелалда Иорданиялъул тахшагьаралда т1орит1ана «Brave Combat Federation 23» абураб ММАялъул турниралъул чанго къецал. Чемпионасул рачелалъе г1оло къеркьезе цеве вахъана нилъер ракьцояв Эльдаров Эльдарги. Гьесде данде вук1ана Тунисалдаса боец Муир Лацис. Рагъ халат бахъана щуябго раундалъ ва гьезул киназдаго Эльдарица жиндирго т1ок1лъи бихьизабуна. Гьедин судьябазул цок1алаб х1укмуялдалъун дандиясда т1ад рак1ч1араб бергьенлъи босун Эльдар Эльдаров вахъана гьеб г1уц1иялда Россиялдаса т1оцевесев чемпионлъун. Баркула Эльдарида гьесие щвараб меседил рачел, гьарула щулияб сахлъи ва жеги ч1ах1иял бергьенлъаби!
|
Автор.Гара-ч1вари гьабуна Фатима Мух1амадовалъ.Апрель 2019 сон.
Исмаг1илидасан (р.г1) бач1араб ирслъун рик1к1унеб рух1ч1аголъи буго чу. Цойги, Бухарил х1адис буго: «Чол надалда Къиямасеб къо ч1езег1ан лъик1лъи бухьун бук1ине бугилан». Х1акълъунго, инсанасе пайдаялъе, гьесие кумекалъе ва рак1 сагьвиллъиялъе бижараб гьеб берцинаб рух1ч1аголъи бокьуларев чиго вук1унев ватиларо. Хасго тарих бечедал дагъистаниязул. Унго-унгояв маг1арулавин абидал, щаяли, дида цеве вач1уна чухъагун, гъалгъалараб бухаригун ва ярагъгун чода рек1арав. Къамарт1ав джигит. Ва амма жакъа къоялда камулел гьеч1о, бихьиназдаса расги нахъе къач1ого, гьездасаги лебалго, тириго (рекъав Тимурида данде ягъарай дой бах1арч1ужу Парту Пат1има кинниги) чуял квегъулел, гьезда гьунарал рихьизарулел ясалги. Лъай-хъвай гьабе гьезул цояйгун. Аминат Шамсудинова. Реабилитолог. Иппотерапиялъул ва чода рек1иналъул инструктор. «Миг1раж» инсан цевет1езавиялъул централъул директор. Гурх1ел-рах1муялъул х1аракатч1ужу. Хунзахъ росулъа г1адатай, амма г1адатаб гуреб х1алт1и бищарай, яс.
|
Автор.Н.Г1алиева.Апрель 2019 сон
Гьаб дунялалда махщелал г1емерал руго. Киназул бицаниги, г1умруялда жаниб х1ажалъулареб цониги батуларо. Амма гьезда гьоркьобги, лъица щиб бицаниги, махщел камилав тохтур дица т1оцебесеб бак1алда лъола. Щивав чисул бук1уна рак1алъ т1аса бищараб махщел-зах1маталъул нух. Щивасул бук1уна жиндирго къисмат, жиндирго хат1, жиндирго г1умруялъул талих1, ч1ух1и ва жий цеехун унеб аслияб нух. Гьеб тохтурасул бигьаяб гуреб, амма х1урматияб ишалъулъ батана районалъул централияб больницаялъул г1олохъанай врач-педиатр Маджидова Х1апизат Мух1амадовнаялда. Дирги гьелъулги лъай-хъвай ккана, цодагьал церег1ан къоязда г1исинал лъималаз лъач1ого кванараб т1егь-хер сабаблъун дунго райбольницаялде ккараб мехалда. Хехаб кумекалъул отделениялда ратарал медсестрабаз, къасисей кумекалъул врач-ургент рокъоса ах1ун яч1инег1анги, ниж рит1ана лъималазул отделениялде.
|
|