Суббота, 20.04.2024, 11:30 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Апрель » 29 » ЧЕРХ ГУРЕБ РАК1ГИ САХ ГЬАБУЛА ЧУЯЗ.
20:43
ЧЕРХ ГУРЕБ РАК1ГИ САХ ГЬАБУЛА ЧУЯЗ.

Исмаг1илидасан (р.г1) бач1араб ирслъун рик1к1унеб рух1ч1аголъи буго чу. Цойги, Бухарил х1адис буго: «Чол надалда Къиямасеб къо ч1езег1ан лъик1лъи бухьун бук1ине бугилан». Х1акълъунго, инсанасе пайдаялъе, гьесие кумекалъе ва рак1 сагьвиллъиялъе бижараб гьеб берцинаб рух1ч1аголъи бокьуларев чиго вук1унев ватиларо. Хасго тарих бечедал дагъистаниязул. Унго-унгояв маг1арулавин абидал, щаяли, дида цеве вач1уна чухъагун, гъалгъалараб бухаригун ва ярагъгун чода рек1арав. Къамарт1ав джигит. Ва амма жакъа къоялда камулел гьеч1о, бихьиназдаса расги нахъе къач1ого, гьездасаги лебалго, тириго (рекъав Тимурида данде ягъарай дой бах1арч1ужу Парту Пат1има кинниги) чуял квегъулел, гьезда гьунарал рихьизарулел ясалги. Лъай-хъвай гьабе гьезул цояйгун. Аминат Шамсудинова. Реабилитолог. Иппотерапиялъул ва чода рек1иналъул инструктор. «Миг1раж» инсан цевет1езавиялъул централъул директор. Гурх1ел-рах1муялъул х1аракатч1ужу. Хунзахъ росулъа г1адатай, амма г1адатаб гуреб х1алт1и бищарай, яс.

-Амина, бокьилаан районалъул газета ц1алулезе цодагьабго дурго х1акъалъулъ бицани.

Дун гьаюна ва г1уна Хунзахъ росулъ. 1998 соналъ Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школаги лъуг1ун, ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб Университеталде.

2003-2006 соназ х1алт1ана ЦУМалда менеджерлъун, 2006-2007 соназ «Тарнаир» санаториялда. 2008 соналдаса 2015 соналде щвезег1ан импорталъул мебель бичиялъул рахъалъ менеджерлъун «Хъиргъуялда». 2016 соналдаса нахъе бачунеб буго иппотерапиялъул (чуяздалъун сах гьари) ва чуязда рек1ине ругьун гьариялъе х1алт1и. Кидаго адаб гьабулаан гурх1ел-рах1муялъул бут1аялда х1алт1улел г1адамазул. 2015-2018 соназ х1алт1ана «Мой солнечный мир» рах1муялъул фондалда.

2018 соналдаса нахъе бачунеб буго лъимерлъудасанго инвалидал ва цебет1еялъулъ хаслъаби ругел лъималазе кумек гьабиялъул «Миг1раж» централъул х1алт1и.

-Кин дур пикру бач1араб чуязулгун г1умру бухьине, дагъистаниялъе хасиятаб гуреб х1алт1и бищизе?

-Дида кидаго берцин рихьулаан чуял. Х1исаб гьабеха, инсанасул гьаркьилъ ццимищ роххелищ бугебали бат1абахъизе лъалеб, жиб къварид гьавурав чи рак1алде ч1езеги гьудул ват1а вахъизеги жидеда лъалилан г1алимзабаз ч1езабураб рух1ч1аголъи кин бокьич1ого бук1инеб?! Чуязулгун спортивияб «Джигит» школалде дун ячана дир ясалъ. Гьелъул бук1ана г1иц1го 2 лъаг1елги бащдабги, тохтурзабаз гьелъие аутизм диагноз лъураб мех. Гьеб бук1ана дие кутакалда зах1матаб, рак1 бакъвараб г1уж. Амма дунго дидаго гурх1иялъ хвезайизе дир заман бук1инч1о-кинаб сабаб батунги яс сах гьайи лъугьана дие цебеч1араб масъалалъун. Т1оцебе к1иго соналъ дир тохлъи ккана нилъер тохтурзабазул дару-сабабалда божун, гьелда г1ей гьабун ч1ей. Х1асил кколеб гьеч1олъи бихьидал, ц1ех-рех гьабуна дица цойгидал дун г1адал улбуз щиб гьабулеб бугебали. Мах1ачхъалаялда махщалилал рук1инч1ого, дун къокъана Москваялда бугеб «Наш солнечный мир» централде. Гьениб бихьана дида унго-унголъунги унтарал лъималазда рак1унтиги профессионализмги. Дир ясалъул к1алдисан араб т1оцебесеб калам бухьараб бук1ана чуялда, гьелъ гьарана жий чода рек1инаюн сверизаеян. Гьелдаса хадубги ниж щугониги нухалъ щвана Москваялде, дир Патюлял х1ал къойидаса къойиде лъик1лъулеб бук1ана. Дие якъинлъана бищун аслияб к1вар лъимал сах гьариялъулъ умумузул бук1ин. Гьеб мехалъ ккана дида гьединал сакъатал, лъималгун х1алт1изе бокьилилан. Бич1ч1ана Москваялде-къват1ире хьвадизе рес гьеч1езе гьанибго кумек бук1инабизе расниги зах1матаб ва хирияб иш гуреблъи.

-Щиб х1икматаб г1елмуха гьеб иппотерапия, гьелъ унголъунги сахлъизарураб х1ужа кканищ?

Латин мац1алдасан таржама гьабуни гьеб раг1ул маг1наго ккола чуяздалъун сах гьариян абураб. Амма г1иц1го гьеб гьабун инсан сахлъилищха, т1обит1изе ккола сахгьари комплексалда, лъик1абщинабги цадахъ ккезабун. Чуяздалъун сахгьариялъе буго к1иго х1ужа-психоэмоционалияб ва биомеханикияб. Т1оцебеселъ-чуязда рек1ун хьвадиялъ инсанасул рек1ее кьола парахалъи, лазат, гьесул нервабазул х1ал г1одобе биччала. К1иабилеб бухьараб буго физикаялда: чуялъул температура ц1ик1к1араб бук1уна инсанасулалдаса 1,5-2 градусалъ, гьединлъидал чоде рахиналъ инсанасул киналго ччорбал чучизарула. Чол галаби релълъарал рук1уна инсанасулалда, гьедин рек1ун унаго киналго лугбиги х1алт1ула, нилъ лъелго унеб мехалъ г1адин. Хасго гьеб лъик1аб буго ДЦП бугел лъималазе. Чуялда хъван рук1иналдалъун лъимералъул кьижун рук1аралщинал нейронал х1алт1изе лъугьуна. Дида гьеб бихьана дирго ясалъул мисалалда. Гьединго вук1ана дир цо ц1алдохъан, сколиозалъ жив унтарав. Анкьие к1иго нухалъ 8 моц1ида жаниб иппотерапия т1обит1иялдалъун гьев сахлъана.

Бугищ чуязда гьоркьоб дуе бищун бокьулеб гьудул? Щай гьеб?

Узухъда! Дир хиси гьеч1еб, бищун лъик1аб гьудул буго Валет чу. Социалиял гьиназда дир хэштегцин буго #ЛюбимыйВалет. Дида жеги бихьич1о гьелде г1адин божилъи гьабизе бокьулеб рух1ч1аголъи. Чу ккола эркенлъи бокьулеб, мег1ер-г1алахалда к1анц1елеб бук1унеб рух1ч1аголъи, узухъда, гьезие к1удияб стресс ккола рухьун х1алт1изари. Амма Валеталда бич1ч1улеб батилин рак1алде кколаха дида жинда т1ад бугебщинаб жавабчилъи, умумуз дихъеги жиндихъеги, божилъи гьабун, жидерго бищун къиматаб хазина-лъимер кьолеб бук1ин. Бихьула дида гьелъул бадиб унтараздехун гурх1ел-ц1обги бич1ч1иги.

-Амина, кинал ругел бук1инеселде хьулал, планал?

-Дие бищунго анищаб жо буго Дагъистаналда иппотерапия цебет1езаби. Г1адатаб халкъалъухъе щолелъуб иппоцентр базеги кутакалда бокьилаан.

Дагьаб цебег1ан пикруцоязулги дирги бач1ана идея, щибаб риидал Хунзахъги унтарал лъималазе кумекалъе чуязул лагерал рагьизе. Бокьилаан дидасан районцоязе гьит1инабниги кумек щвезе.

-Т1ураги дур рак1алда ругел лъик1ал мурадал! Ахиралдаги щиб гьарилеб г1олилазе?

Ц1ализе, ц1ализе ва цойги нух ц1ализе! Г1олилазул рес буго жалго церет1езаризе, стереотипалги гъурун церехун ине. Гьелъие рук1ине ккола ц1алараллъун ва лъай бугеллъун. Балагье заман щибаб къойил цо 20-30 минуталъг1аги т1ахьал ц1алун нужго церет1езаризе. Кире кканиги к1очонге нилъ къадруял умумузул ирсилал, ях1 бугел хунз рук1ин.

Г1ажизал лъималазе кумек гьаби, гьел сах гьари буго Аллагьасул рахъалдасан кири ц1ик1к1араб пиша. Аминал рак1бац1ц1алъиялъулги-гурх1елалъулги бицуна чанги лъик1а-лъик1аб, харж ц1ик1к1араб бак1алда х1алт1иги тун, гьелъ т1аса бищараб ишалъ. Унго-унгояб адаб бижана дир гьей лебалай г1олилалдехун.

Чуял кутакалда берцинги рихьулин гьезукьа х1инкъизеги х1инкъулин дица абидал, жиндехун бухьен ккарав чи жинца чоде вахинавич1ого толарин махсароги гьабуна чот1ахъаналъ дие. Хадусеб репортаж чол кьолонисан ккеч1ониха, х1урматиял газета ц1алулел…

Гара-ч1вари гьабуна Фатима Мух1амадовалъ.

 

Просмотров: 309 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz