6-7 апрелалда Хунзахъ Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана хъачагъаздаса Ват1ан ц1унулаго къадаралде щварав «Мужество» орденалъул кавалер Х1усенов Мух1амад рак1алде щвезавиялъул мурадалда иргадулаб волейболалъул турнир. 1995 соналдаса байбихьун, Хунзахъ гьоркьохъеб т1оцебесеб школа лъуг1ун арал выпускниказда гьоркьоб щибаб санайил т1обит1улеб гьеб турнир к1удияб рохеллъун бук1уна росдал ва районалъул спорт, хасго волейбол бокьулезе. 2003 соналдаса нахъе гьеб бухьинабун буго Х1усенов Мух1амадил ц1аралда.
Цереселго г1адин, исанасеб турнирги г1уц1ун бук1ана бах1арчиясул цадахъ ц1аларазул, х1алт1аразул, гьудул-гьалмагълъиялъул ва г1ага-божаразул х1аракаталдалъун. Исана гьелда г1ахьаллъи гьабуна 14 командаялъ. Школлъималаздасан байбихьун ветераназде щвезег1ан бат1и-бат1иял ригьазул командаби рук1ана гьенир. Тадбир рагьулаго к1алъаял гьаруна райадминистрациялъул спортивияб отделалъул начальник Х1айдарбегов Г1абдулкъадирица, Х1усенов Мух1амадил классцояз ва цогидазги. Хадуб байбихьана х1аязде. Командаби рикьун рук1ана 4 группаялде ва щибалъусан финалалъул ункъил бут1аялде рорч1изе рес бук1ана к1и-к1и командаялъул. Х1алуцарал х1аязул х1асилалда цин группаязда жаниб, хадуб финалалъул ункъил бут1аялда ва полуфиналалда дандиязда т1ад бергьенлъиги босун, финалалде рач1ана 2004 сонил ва ветераназул командаби. Байбихьудаго х1алуцана гьезул х1ай, амма ветераназ жидерго бечедаб х1албихьиялъул кумекалдалъун 2-1 х1исабгун зах1матаб бергьенлъи босана дандиязда т1ад. Лъабабилеб бак1 щвана 2003 соналъул выпускалъул волейболистазе.
Чемпионлъун бахъараб ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, грамотаби, медалал ва г1арцулал сайгъатал. Хасал сайгъатаздалъун к1одо гьаруна 1-4 бак1ал ккурал командабазул бищун лъик1ал игрокал: Нуричуев (ветеранал); Къебедов Арсен (2004); Хочоев Халид (2003); Мух1амадрасул (2011).
Гьенибго абизе ккола ц1акъ лъик1аб даражаялда анин исанасеб турнирилан. Цебе жеги бук1инч1еб ц1ик1к1араб къадар командабазулги х1алуцарал, балагьаразул гъира базабулел х1аялги цересел бак1ал ккуразе кьолеб лъик1аб сайгъат-саламги кинабго бук1ана мисалияб къаг1идаялда. Ц1алуда, ва х1алт1уда дора-гьанире ккеялъ г1емер цоцада рихьизе рес рекъоларел, 11 соналъ школалда цадахъ ц1аларал классцоял цоги нухалъ дандч1вазе лъик1аб рес кьола гьеб турниралъ
И.Мух1амадов
|