Пятница, 19.04.2024, 23:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Май » 19 » КВАТ1УН БАТАРАБ ИНСУЛ ХОБ.
10:39
КВАТ1УН БАТАРАБ ИНСУЛ ХОБ.

Эмен вукъараб вацлъиялъул хоб Гъизляр шагьаралъул г1урусазул хабалъ бук1ин лъайдал, нижер инсул рахъалъан г1агарлъиялъул лъебергоялдаса ц1ик1к1ун чи (6 машина) щвана гьаб соналъул 3 аб. маялда рузман къоялъ эмен вукъараб бак1алде зияраталъ. Бусурзабазул диналда рекъон, нижеца хабада гьаризе кколел тадбиралги т1орит1ана. Дир эмен Ахъбердиев Иманшапиг1 Давудович, Шамиль имамасул ц1ар раг1арав наиб Хунзахъ Ахъбердил Мух1амадил ирсилав, 1935 соналъ Краснодарь шагьаралда рек1аразул рагъулаб училищеги лъуг1изабун, Баг1араб Армиялъул офицер,-гьес хъулухъ гьабуна Орджоникидзе шагьаралда хадуб Украинаялда рагъулал частазда. Рагъ байбихьараб соналъ гьес хъулухъ гьабулеб бук1ана, Украинаялъул бакъ-т1ерхьул г1урхъуда бугеб Каменец-струмиловка шагьаралда (военный городок). Гьев, рагъ байбихьараб т1оцебесеб къоялъго дандч1вана, тохлъукьего рек1к1ги гьабун нилъер Ват1аналде к1анц1арав къуватав тушмангун. Нахъе къалаго гьев вагъана Украинаялда, Кубаналда. Дир эмен гвардиялъул капитан, Кубаналъул рек1аразул 4 аб. корпусалъул, 9 абилеб дивизиялъул, 32 абилеб рек1аразул полкалъул командирасул заместитель бах1арчилъиялда хвана, Ставрополалъул краялда, Ачикулак ц1ар бугеб росдае г1оло гьабулеб рагъулъ, 1942 соналъул 1-ноябралда.

1942 соналъул август моц1алда гьесие кьун бук1ун буго «Баг1араб ц1ва» - орденги. Гьаб соналъул 7 маялда Гъизляр шагьаралъул администрациялъги ах1ун, дун г1агарал васалгун цадахъ шагьаралъул администрациялде щвана, гьенисан администрациялъул х1алт1ухъабигун щвана эмен вукъараб вацлъиялъул хабаде. Гьенире рач1ун рук1ана Гъизляр шагьаралъул школалъул ц1алдохъабиги. Хабада к1алъай гьабуна Гъизляр шагьаралъул Халкъияб собраниялъул председатель Полюшко Александр Владимировичас, администрациялъул г1олилазул советалъул член Хадижат Мух1амадовалъ, Гъизляр шагьаралъул ветераназул советалъул председатель Старчак Валентина Ивановнаялъ, журналистаз, Гъизляр шагьаралда г1умру гьабун вугев маг1арулав, живго Ч1арада районалдаса Г1абдусалам Халиловас ва гь.ц.

Т1алх1ат ахъбердиев

 

Просмотров: 434 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz