Вторник, 16.04.2024, 16:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Апрель » 7 » РАЙАДМИНИСТРАЦИЯЛДА.
14:44
РАЙАДМИНИСТРАЦИЯЛДА.

Нухазда х1инкъи гьеч1олъиялъул бицана.

1 апрелалда райадминистрациялда т1обит1ана районалъул нухазда х1инкъи гьеч1олъи ч1езабиялъул бицараб данделъи. Гьеб нухда бачана х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас. Гьединго данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна районалъул ГИБДДялъул начальник Бат1ал Мух1амадовас, нухазул участокалъул нухмалъулев Мух1амад Сайгидовас, «Хунзах АТП» ОАОялъул начальник Мурад Г1умаровас, Хунзахъ росдал бегавул Т1алх1атов Хизрица, росдал дибир Г1абдулхаликъов Мух1амадица, лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас ва цогидазги.

Данделъиялда х1асилал гьаруна лъаг1алил т1оцебесеб кварталалда жаниб нухазда х1инкъи гьеч1олъи ч1езабиялда хурхун гьабураб х1алт1ул.

Бицана гьабсаг1ат районалъул нухазда бугеб ах1вал-х1алалъулги. ГАИялъул нухмалъулес бицана районалда камулел гьеч1ин цо-цо авариял ккеялъул х1ужаби, гьездасан аслияб бак1 кколеб раг1ула къват1иса рач1арал шоферзабаз. Гьединго гьес абуна шагьра нухда аск1ор ругел лъай кьеялъул учреждениязда аск1об хасал знакал ва нухда переходал рук1ине кколилан.

Гьединго АТПялъул нухмалъулесда лъазабуна шагьаралде нахъе хьвадулел такси ва маршруткаби законалъул т1алабалда рекъон х1алт1изе кколилан. Х1амид Гьит1иновас бицана г1адамазул г1арзал ругин Хунзахъе Г1аранибе хьвадулеб маршрутка х1алт1улеб гьеч1иланги. Хундерил дибирасда абуна мажгиталда нухазда правилаби ц1униялда хурхун зама-заманаялдасан ваг1за-насих1ат гьабеян.

 

 

2 апрелалда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул ракьал х1алт1изариялъул ва гьенир бак1ал раялъул бицараб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместителаз, республикаялъул кадастровияб палатаялъул директорасул заместитель Апанди Даргуевас, Буйнакскалъул районазда гьоркьосеб отделалъул ракьазул пачалихъияв инспектор Рамазан Г1умарасх1абовас, росабазул бегавулзабаз ва цогидалги жавабиял г1адамаз.

Данделъи рагьулаго Нурмух1амад Задиевас бицана ц1акъ зах1матаб х1ал бугин жакъа районалъул ракьазда хурхунилан. Чанго росабалъ ракь данде кколеб категориялде бачун гьеч1олъиялъ рукъзал разе планал кьун бажарули гьеч1ила. Г1емер раг1ула ракьал кадастралде росулаго гъалат1ал ккарал х1ужабиги. Дандч1валел руго г1адамаз киналг1аги документалги гьеч1ого, жалко лъик1ал лъугьун ракьал ккун ч1арал (самозахват) бак1алги. Г1емерлъун руго мина базе кьураб ракь коммерциялъулаб мурадалда х1алт1изабулел чаг1иги, хасго Хунзахъ ва Г1арани росабалъ. Гьезул цонигиязул раг1уларо законалда рекъон рук1ине кколел документал.

Районалъул щибаб росулъ руго бат1и-бат1иял ракьазда хурхарал суалал. Мисалалъе, Хьиндахъ ц1ик1к1араб къадаралда гьезего гьеч1ел ракьалги г1адамазда т1аде хъван, гьезухъа налогал рахъулел ругилан бицана росдал бегавул Х1усенов Лъараг1ас. Г1орут1а х1адурараб генплан щаялиго росреестралде босун раг1уларо. Генпланазул бицунаго районалъул архитектор Къебедов Мух1амадица баян кьуна жакъа къоялде 15 росдал советалъул х1адурун бугин гьебилан, хут1арал микьгоязул х1адуризе исанасеб бюджеталда г1арацги лъун раг1ула. Цо-цо бегавулзабаз суал борхана 90 аб. соназ ва дагьабги цебе г1адамазе кьурал ракьазда хурхун жакъа щиб гьабизе бегьулебан, гьединал ракьазда хурхун х1укму г1иц1го судалъ къот1улин жаваб щвана гьезие.

Апанди Даргуевас ва Рамазан Г1умарасх1абовас бегавулзабазда бич1ч1изабуна рихха-хочун, лъида хадур ва киг1анасеб къадаралда ругелали лъаларел ракьал законалъул рахънире рачиналъе х1алт1и сундасан ва кинаб къаг1идаялъ байбихьизе кколебали.

Ахиралда районалъул нухмалъулес абуна ракьал низамалде рачин бигьаяб х1алт1и гурин ва гьелъие г1езег1ан заманги къвариг1ине бегьулин, амма исанасеб лъаг1ел лъуг1илалде гьеб иш раг1алде бахъинабизе кколилан.

И.Мух1амадов

 

Просмотров: 382 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz