Гьале цоги пашманаб хабар. Нилъедаса ват1алъана районалда цого-цо хут1ун вук1арав К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, зах1маталъул ветеран, РСФСРалъул ва ДАССРалъул школалъул мустах1икъав учитель Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматович.
Гьев гьавуна 1927 соналъул 1-себ марталда векьарухъанасул хъизаналда. Г1умруялъул сонал 2 соналъги ц1ик1к1инарун, бокьун К1удияб Ват1анияб рагъде аразул кьеразулъ вук1ана М. Гьиматов.
Байбихьуда гьес рагъулаб хъулухъ гьабула Грузиялъул Тбилиси шагьаралда кьвагьдолел г1арадабазул полкалда наводчиклъун, хадубги ц1алулгин разведовательнияб артиллериялъул полкалда. Хадубги г1ахьаллъула Белоруссия, Литва эркен гьабиялъул, фашистазулаб Германиялъул Бакъбаккул Прессиялда, Балтик ралъдал раг1алда, тушманас ц1акъго щула гьарурал хъулби-Кенигсберг, Инстербург, ва г1емерал цогидалги щулалъаби рахъулел рах1му гьеч1ел рагъазда.
Рагъдаса вуссун хадуб х1алт1ана Хунзахъ, Т1ануси, Ц1ада школазул директорлъун, Гьолокь детдомалда, Г1арани гьоркьохъеб школалда завучлъун, районалъул ОНОялъул инспекторлъун, методкабинеталъул заведующийлъун. Вищун вук1ана Хунзахъ росдал Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул профсоюзалъул председательлъун, районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзалъул райкомалъул председательлъун.
Пенсиялде ун хадуса х1алт1ана районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялда.
Мух1амадрасул Гьиматович вук1ана кутакалда к1вах1-свак лъач1ого х1алт1улев х1алт1ухъанги, т1екълъи-мекълъиялда рекъоларев рит1ухъав инсанги. Мух1амадрасулица аслияб къаг1идаялда хъвалаан г1ун бач1унеб г1елалъе рагъулабгун патриотикияб тарбия кьеялда, инсанасул ях1-намусалда, къадру-къиматалда хурхарал макъалаби.
Мух1амадрасул Гьиматов вук1ана щибаб ишалъулъ росуцоязе мисаллъун, к1удияв насих1атчилъун, жамг1иял ишазулъ цевехъанлъун. Гьев кколаан гьудул-гьалмагъзабазулги, аск1ор х1алт1улезулги божарава кумекчилъунги, рак1 рагьарав махсаро-хоч1 г1емерав, г1амал берцинав, г1аданлъи к1удияв инсанлъунги.
Гьединавлъун хут1ила Мух1амадрасул Гьиматович киналго районцоязул, гьудул- гьалмагъзабазул рак1азулъ.
Т1адег1анав Аллагьас Алжан кьун вохизавун ватаги гьев. Нахъе хут1аразе халатаб г1умруги, рек1ее сабруги кьеги.
Ват1анияб рагъулъ бихьизабураб къох1ехьеялъе, бах1арчилъиялъе ва гьунаралъе г1оло М. Гьиматовасе щвана К1удияб Ват1анияб рагъул орден, «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло», «Кавказ ц1униялъе г1оло», «Кенигсбер бахъиялъе г1оло», «Германиялда т1ад бергьенлъи босиялъе г1оло» медалал. Совет Союзалъул маршал, бет1ерав командующий И. В. Сталинил 7 баркалаялъул кагъатги.
|