РакI-ракIалъ баркула нужеда бусурбабазул динияб ва рухIияб гIумруялъул тIей гьечIеб бутIалъун кколеб, нилъер щивас жиб лъикIал ишаздалъун, гурхIел-рахIмуялдалъун, рухIияб камиллъиялдалъун ва къадру тIадегIанлъиялдалъун кIодо гьабизе хIаракат бахъараб Рамазан моцIалъул ахирлъун кколеб КIалбиччаялъул гIид!
Биччанте гьаб къадруяб моцIалъул гурхIел-рахIму нилъер щибаб къойилаб гIумру цадахъаблъун букIине. Щибаб рокъобе, щибаб хъизамалде рохелги, рекъелги, хинлъиги босун бачIараблъун батаги нилъее гьаб баракатаб байрам. Ккурал кIалалги гьабураб гIибадатги Аллагьас къабулги гьабун, нужее Алжаналъе рагьараб кавулъун лъугьаги, хIурматиял ракьцоял!
Къокъун унеб буго Шагьру Рамазан
Баракат ц1ик1к1араб хирияб Шагьру
Нилъер ккурал к1алал рарал тарах1ал
Бит1араб Салават гьабураб дуг1а
Гьабураб г1ибадат лъик1ал г1амалал
Къабулги гьареги нилъер Аллагьас
|