17 маялда Хунзахъ тарихиябгун г1агараб ракь лъазабиялъул музеялда т1обит1ана «Музеязул сордо» абураб, т1олабго улкаялда санайил т1обит1улеб акция. Исана гьеб къо Рамазан моц1алде кколеб бук1иналда бан, тадбиралде рач1ун рук1арал Хунзахъ бугеб мадрасаялъул мутаг1илзабаз ах1ана мавлидал, бачана зикру. Как ах1идал, киназго жамаг1ат гьабун какги бан биччана к1алги.
Гьединго киназего рес щвана музеялда тира-сверизе, гьенир ругел экспонатазухъ балагьизе ва цоги нухалда тарихалде гъорлъе раккизе.
Музеялъул директор Г1алиев Шамилил рахъалдасан рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго мутаг1илзабиги рачун вач1арав мадрасаялъул муг1алим Х1адисов Надирие ва цогидалги тадбир т1обит1изе квербакъанщиназе.
|