23 маялда районалда к1одо гьабуна ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. Исана районалда школалъулгун къщ-мех лъик1 гьабуна 153 выпускникас, 295 чиясул лъуг1ана ич1го класс. Районалъул нухмалъиялъ, жамг1ияб палатаялъ жигараб г1ахьаллъи гьабуна байрамалъулал линейкабазда.
17 маялда Хунзахъ тарихиябгун г1агараб ракь лъазабиялъул музеялда т1обит1ана «Музеязул сордо» абураб, т1олабго улкаялда санайил т1обит1улеб акция. Исана гьеб къо Рамазан моц1алде кколеб бук1иналда бан, тадбиралде рач1ун рук1арал Хунзахъ бугеб мадрасаялъул мутаг1илзабаз ах1ана мавлидал, бачана зикру. Как ах1идал, киназго жамаг1ат гьабун какги бан биччана к1алги.