11 июналда Хунзахъ районалда к1одо гьабуна Россиялъул къо. Райадминистрациялъул х1аракаталдалъун г1уц1араб тадбир т1обит1ана Хунзахъ Жамаг1атчи Гьит1инов Мух1удадал ц1аралда бугеб парк-фонтаналда.
Тадбиралъул официалияб бут1а байбихьилелде т1обит1ана «Трикомор» абураб акция ва флешмоб, паркалда аск1обго бугеб г1урдаллъиялда киназго т1ибит1ана улкаялъул к1удияб байрахъ.
Гьелдаса хадуб баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас «Россиялъул къо – гьеб ккола бах1арчияб тарихги гвангъараб бук1инесебги бугеб жидерго улка рак1-рак1алъ бокьулел чаг1азул байрам. К1удиял зах1малъаби дандч1валел ругониги нилъер улка цебет1ун унеб буго ва дунялалда гьелъул къадру борхулеб буго. Нилъер районалъул г1умруги улкаялда цадахъ цок1алго унеб буго. Г1агараб Хунзахъ район цебет1еялъе нилъерго лъайгун бажариги х1алт1изабулаго, нилъеца квербакъула т1олабго Россия цебет1еялъеги, щайгурелъул, росабазул, шагьаразул ва регионазул зах1маталдасан ва х1алт1удасан г1уц1ула улкаялъул къуватги. Баркула киназдаго байрам, биччанте гьаб къоялъ нилъер Ват1аналдаса ч1ух1иги бижизабун гьелъие г1оло гурун гъуждулгун х1алт1изе нилъее къуват кьезе», - ян абуна гьес.
Баркиялъулал к1алъаял гьаруна райсобраниялъул председатель Хваджа Хваджаевас, республикаялъул г1олилазул ишазул рахъалъ министерствоялъул вакил, т1олабго улкаялъулаб г1олилазул фронталъул координатор Магьди Гьит1иновас, ц1а ккеялдаса ц1униялъул рахъалъ районалъул бет1ерав инспектор Мурад Х1амзатовас ва цогидазги.
Гьединго т1обит1ана «Дун Россиялъул гражданин» абураб акцияги. Гьелда рекъон 11 г1олилазе кьуна паспорталги.
Ахиралда районалъул культураялъул бут1аялъул х1аракатчаг1аз бихьизабуна концертги.
|