Суббота, 20.04.2024, 09:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Май » 19 » БАРКАЛА, К1УДАДА, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУХЪ
10:27
БАРКАЛА, К1УДАДА, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУХЪ

Исана 74-б нухалдаги т1олабго дунялалдаго к1одо гьабуна Гитлерилаб фашизмалда т1ад бергьенлъи босараб къо- 9 май. Лъиего балъголъи гуро гьеб бергьенлъиялъухъ аслияб бут1а нилъер улкаялъул бук1ин ва гьединлъидал, Россиялда гьеб ккола мукъаддисаб байрам т1олабго улкаялдаго г1адин нилъер районалдаги к1одо гьабуна Бергьенлъиялъул къо.

Байрам т1аде щвелалде цересел къоязго субботникал т1орит1ун, баннерал ран, бордюраздагун заборазда лажбар бахун ва рагъул г1ахьалчаг1азе рарал памятниказда сверун бак1а-бахари гьабун къач1а-къат1ан х1адурун бук1ана т1олабго район ва хасго райцентр.

Цебехун интернеталъ кьерхине бугин бихьизабун бук1аниги, роц1ц1араб бач1ана исана 9 май. Байрамалъулаб къо байбихьана районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиев жиндирго заместителалгун, республикаялъул бет1ерасул Муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Мух1амад Камиловгун, Хунзахъ погранотрядалъул нухмалъулев Андрей Ермаковгун цадахъ районалда цох1о хут1арав рагъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматовичасда баркизе иналдасан. Сахлъиялда бан исана митингалда г1ахьаллъун бажаринч1о гьев.

Ветеранасдаги баркун киназго сапар бухьана Ц1ада «Хъах1ал къункърабахъе» венок лъезе. Гьелдаса хадуб Хунзахъ райадминистрациялда цебе бат1и-бат1иял школаздаса ц1алдохъабигун учительзаби ва росабалъа г1адамал данделъизе байбихьана «Хвел гьеч1еб полк» г1уц1изе. Гьедин рагъда г1ахьаллъи гьабурал жидерго умумузул сураталгун, байрахъалгун райцентралъул аслияб къот1носан киналго гочана К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азе бараб памятникалде аск1оре. Гьенибги т1угьдузул горалги лъун, байбихьана г1адатияб митингалде. Районцоязда байрамги баркун к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.

«9 май нилъер щивасе ккола хасаб къолъун. Гьеб ккола нилъер улкаялъул чияда бач1олъи ва эркенлъи ц1унарал нилъер умумузул к1удияб бах1арчилъи ва къох1ехьей рак1алде щвезабулеб къолъун.

Хунзахъ районалдаса 2634 чи вагъана советияб армиялъул кьеразулъ. Гьездасан т1адруссинч1о 1407 чи. Гьезулги жакъа нилъергун рохел г1ахьал гьабизе хут1ун вуго г1иц1го цох1о ветеран –Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматович. Хас гьабун баркизе бокьун буго гьесдаги. Гьединго нижеца бут1рул къулула рагъдаса т1ад руссинч1ел ва жакъа къоялдалъаг1ан нахъе хут1ич1ел ветераназда цебе. Гьезул киназулго мунагьалги чурун, х1ал алжаналъуб батаги. К1очон тезе бегьуларо рагъул заманалда кинабго зах1малъиги баччун, бах1арчиго тылалда х1алт1арал зах1матчаг1иги.

  • парадалда г1ахьаллъи гьабулеб буго фронталда рагъаразул лъималазул лъималазги ва гьезул лъималазги. Рук1инесел г1елазул ракълилаб ва эркенаб баркалаги кьолаго гьел унел руго «Хвел гьеч1еб полкалъул» кьеразулъ. Нилъер пачалихъалъ К1удияб Ват1анияб рагъулъ бергьенлъи босана халкъазул гьудуллъи, цолъи ва къох1ехьей бук1иналъ, ва гьеб гьунар абадиялъ хут1ила наслабазул рак1азулъ. Баркула киназдаго к1удияб байрам!» ан абуна гьес.

Гьединго баркалалъулал к1алъаял гьаруна Мух1амад Камиловас, Андрей Ермаковас, районалъул рагъулав комиссар Багьавудин Шапиевас, Имам Мух1амад Бац1аловас ва цогидазги.

Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Т1алх1атова Айизмеседоца г1енеккаразул рек1елъе бортиледухъ пасих1го рик1к1ана кеч1.

Митингалдаса хадуб, г1адатлъун лъугьахъе «Г1алаг1арт» майданалда т1обит1ана чуял риччаялъул тадбир. Цересел соназде дандеккун, исана ц1акъ дагьал гурони чуял рук1инч1о гьенир. Цебе бук1унаан 80-90 чу, исана бук1ана г1иц1го 17 чу. Кинабниги чуял риччана 3,5 ва 7 сверуда. Гьединго цо свери бук1ана юргъа чуязеги. 7 сверуда бергьана Г1орут1аса Мух1амадов Сиражудинил чу, 5 сверуда т1оцебе финишалде бач1ана Хунзахъа Атаева Зайирбегил чу, 3 сверуда бергьана Гьамишт1аса Къурамух1амадов Мух1амадил чу. Юргъа чуязул сверуда ч1ч1ел босана Т1анусиса Х1усенов Г1абдуллагьил чуялъ. Райадминистрациялъул рахъалдасан кьуна сайгъатал, рана горал, гьединго академик Шамил Г1алиевасул ц1аралдасан «Хунзахъ общество» жамг1ияб г1уц1иялъги гьаруна г1арцулал сайгъатал. Т1орит1ана цо сверуда бихьинал рекериялъул къецалги. Гьезда г1ахьаллъана 10 ялдаса ц1ик1к1ун чи. Т1оцебесеб бак1 ккурасе кьуна г1арцулаб сайгъатги.

И.Мух1амадов

Просмотров: 435 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz