Четверг, 18.04.2024, 10:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Ноябрь » 2 » ЛЪАЙ-ХЪВАЯЛЪУЛАБ ГАРА-Ч1ВАРИ.
22:10
ЛЪАЙ-ХЪВАЯЛЪУЛАБ ГАРА-Ч1ВАРИ.

Гьал къоязда жиндирго хъулухъалъулал ишазде лъугьана районалъул централияб больницаялъул бет1ерав врач Кураев Наби Шамильевич. Районалде вач1инег1ан Наби Шамильевич х1алт1улев вук1ана Республикаялъул клиникияб больницаялъул тохтур-анестезиологлъун ва реаниматорлъун. Хадуб гьев т1амуна клиникияб больницаялъул ва ЦСМПялъул анестезиологиялъул, реанимациялъул ва интенсивияб терапиялъул отделениялъул заведующийлъун. Гьенисан конкурсалъул х1асилалда бергьенлъиги босун Наби Шамилович Кураев вач1ана нилъер районалъул централияб больницаялде. Жакъа нижгун дандч1варав Наби Шамильевичасда нижеца ц1ехана гьаниве вач1иналъе гьесул мурад кинаб бугебали.

- Наби Шамильевич, бокьилаан лъазе шагьаралда гьавурав, гьенив г1урав ва гьенив лъик1аб х1алт1уда х1алт1улев вук1арав тохтурас х1алт1изелъун муг1рузул район кинан т1аса бищарабали.

-Гьаб ккола дир эмен, инсул эмен ва гьесулги инсул район. Нижго Илълъаса ругелъул. Щай бегьулареб дирго районалъе дидасан бач1араб кумек гьабизе? Дагъистаналъул Сахлъи ц1униялъул Министерствалъ лъазабун бук1ана Хунзахъ районалде бет1ерав врачлъун ине бокьаразул конкурс. Дида рак1алде ккана щай дицаги гьеб хъулухъалъул х1ал бихьизе бегьуларебан. Кьуна гьенире документал ва конкурсалъул комиссиялъул х1укмуялдалъун дун гьениве ворч1ана.

-Щибха Дуда аниб гьабизе рак1алда бугеб? Кинал ц1илъаби, рук1инч1елдаса т1аде гьаризе ругел?

-Бит1араб бицани, дун гьабсаг1аталда райбольницаялъулгун ва гьелъул коллективалъулгун лъай-хъвай гьабулев вуго. Хадуб дие бокьилаан дирго коллектив цоцалъ гъункараб, цолъун цо мурадалъе г1олон къеркьолеб, калам гьеч1ого х1алт1улеб командалъун гьабизе.

-Щив чи кколев врач?

-Врач гьев ккола Т1адег1анав Аллагьас г1адамазе кумекалъе вижарав багьадур, жив бихьулеб къоялде, унеб заманалде вач1инч1ого, унтаразе г1оло рух1ги кьезе х1адурав чи. Гьев г1едег1изебегьуларо дир лъимал ругин, хъизан-рукъ бугин, х1алт1ул къоги лъуг1ун бугилан абун рокъове ине. Мун врач ватани, ч1а х1ал1туда нахъа сундухъго балагьич1ого. Ине ккани, а бокьараб мехалда шагьаралдецин.

- Цо-цо г1адамазул щаклъи бач1унеб буго мун «Земский доктор» программаялда рекъон кьолеб миллионалъе г1олон вач1арав чицин гуродаян.

-Гуро. Гьеб бет1ерал врачазе кьоларо. Кьола, мисалалъе босани, цо больницаялда кинав ватаниги специалист г1олев ватич1они, гьеб х1алт1уде вач1арав чиясе. Бет1ерав врачасеялдаса гьединав специалистасе ц1ик1к1ун мухь-харжги щола. Бет1ерав врачасул х1алт1и ц1ик1к1ун г1арац щолеб бак1 гуро. Цо ламинат кколев х1алт1ухъанасе щола гьесиеялдасаги ц1ик1к1ун г1арац моц1рое.

-Нилъер районалда ругищ «Земский доктор» программаялда рекъон х1алт1изе рач1арал врачал? Кинаб пикру бугеб дур гьеб программаялда хурхун?

- Нилъер районалде бат1ияб бак1алдаса жакъа къоялде щвезег1ан 5 чи вач1ун вуго гьеб программаялда рекъон х1алт1изе. Рак1алде ккола жидерго рак1бац1ц1адаб х1алт1иялдалъун ва махщалидалъун гьез нилъер г1адамазул рак1ал роххизарилилан. Дица рик1к1уна «Земский доктор» бугин г1езаг1ан хайир ц1ик1к1араб программа, щай гурелъул гьелъул кумекалдалъун рес буго гьеч1еб бак1алде х1ажатал специалистал рит1изе. Гьелъул буго к1иябго рахъалдасан г1адамазе лъик1лъи. Т1оцебе босани, унтаразе х1ажатав специалист щвей, к1иабизе босани, живго специалистасе г1арацги, заманаялъе гуреб, кидагоялъе цо ккураб х1алт1иги щвей, ц1ияб бак1алда г1адамазулгун лъай-хъвай гьаби, х1албихьи щвей ва г1емераб цогидабги.

- Цо-цо бак1азда, хасго республикаялъул больницабазда, унтарасе операция гьабуралъухъ г1арац босула. Щиб Дуца гьелда хурхун абилеб?

-Нижер буго киналго медицинаялъул х1алт1ухъабазул хъизан. Врачазул х1акъалъулъ абулеб рекъеч1еб раг1иги дица нижерго хъизан х1акъир гьабилъун рик1к1уна. Амма, киг1ан нилъее бокьаниги, бокьич1ониги, гьединал х1ужжаби ккеч1огоги хут1улел гьеч1ин абулеб буго. Дида яги дир хъизаналда гьединаб г1арац бихьараб жо гуро. Кин к1олеб унтарав чиги цеве тун, гьесухъа г1арац босун гурого, гьев сах гьавич1ого тезе. Унтарасухъа г1арац босилалде нилъеца цере ч1езаризе ккола цин нилъерго г1агарал: эбел, эмен, хъизан, лъимал. Пикру гьабизе ккола киндай бук1ина г1арац босун гурого гьезул т1алаб гьабич1ого таниян. Жакъа, цо чи вук1ине бегьула чода, метер гьев чода гъоркье ккезеги бегьула. Бат1ияб иш буго зах1матго унтун вук1арав г1агарав чи сахлъун рокъове унелъул, гьес рак1-рак1алъ гьабулеб сайигъат.

-Нилъер больницаялда къабул гьаризе ругищ рак1-рак1алъ кьолел сайигъатал?

-Гьаб больницаялда х1алт1улаго, дие г1унги т1ок1аб бук1инаан доб цебе бук1арабг1адаб ц1ар больницаялъе бач1инабизе к1вани. Гьеб мехалъ г1адамаца дие кьезе бугеб баркалаялдаса т1ок1аб сайигъат дие х1ажат гьеч1о.

Амма дица абила къасилъи-къадлъи бат1алъи гьеч1ого унтаразул ургъалида, гьезие хъулухъалъе ч1арал киналго медицинаялъул х1алт1ухъабазе рук1ине ккелин, гьезул х1алт1уде гъира базабулел лъик1ал харжал. Дида рак1алде ккола ва дун божизе вач1унев вуго нижер коллектив, унтаразул мурадал т1уразаризеялъе г1оло, киналго цоял г1адин, къеркьезе рук1иналда.

Гьабсаг1аталда х1алт1уда хурхун дир т1ок1аб бицине жо гьеч1о. дица кинабго дидасан бажарарабщинаб гьабизе буго. Нилъ дандч1вала дун х1алт1изе лъугьун бащдаб лъаг1ел ун хадубги иншаАллагь.

Баркала гара ч1вариялъухъ.

-Дуеги баркала нижехъе яч1аралъухъ.

Н. Г1алиева

 

Просмотров: 476 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz