Гьаб ахираб заманалда г1емераб хъвалебги, бицунебги буго маг1арул мац1 ц1унизе ккеялъулги, гьеб к1очон тезе бегьунгут1иялъулги. Нилъер умумузул мац1 т1убанго т1аг1ун иналъе х1инкъи буго г1емерисеб г1олохъанаб г1ел гуребги, ч1ах1иялгицин г1урус мац1алда к1алъалел рук1иналъ. Лъималги умумулги к1алъалел руго г1урусги маг1арулги гъорлъ жубазабураб мац1алда. Гьеб цо-цоязда берцин бихьулебги буго. Ратулел руго г1адамал, маг1арул мац1 г1иц1го росабалъ цоцазулгун гьоркьоблъиялъе бук1ани гуреб, х1ажатаб мац1 гурилан абулелги.
- ц1униялъе нилъеца аслияб къаг1идаялда к1вар кьезе ккола г1олохъанаб г1елалде, школлъималазде. Школалда муг1алимзабазги, рокъоб эбел-инсуцаги, нилъерго мац1ги бицунеб бугони, ч1ах1ияз г1адаталги, умумузул нухги ц1унулеб бугони, г1исинаб г1елалъеги бокьила гьеб нухдасан ине. Гьеле гьеб мурадалде буссараб бук1ана гьал къоязда т1абиг1ат берцинаб «Макьас» майданалда т1обит1араб авар мац1алъул муг1алимзабазул дандеруссин-слет.
13-14июлалда нилъер районалъул бац1ц1адаб гьаваги, гьуинаб лъимги, берцинаб т1абиг1атги бугеб «Макьасда» майданалда т1обит1ана «Нилъ руго маг1арулал» абураб республикаялъул авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъул жигаралдалъун т1обит1араб рахьдал мац1алъул муг1алимзабазул дандеруссин-слет.
Т1убараб Дагъистаналъулго 28 бат1ияб районалдаса, шагьараздаса г1емерал гьалбал рач1ун рук1ана гьел къояз нилъер районалде. Гьезда гьоркьор рук1ана лъай кьей цебет1езабиялъул институталъул ректор Жамалудинов Х1амзат Мух1амадгъазиевич, Дагъистаналъул г1елмияб централъул г1елмияв доктор, профессор Мух1амадов Мух1амад Ибрагьимович, Мух1амадов Мух1амад Г1абдулкъадирович, республикаялъул хъвадарухъабазул союзалъул председатель М. Ах1мадов, авар мац1алъул секциялъул нухмалъулев М. Патах1ов, халкъиял поэтал: Залму Батирова, Мух1амад Х1амзатов, ДАССРалъул мустах1икъав учитель, журналист, шаг1ир Ш. Мух1идинов, хъвадарухъан Париза Гереева, Шамилил фондалъул президент Г1. М. Хархачаев, «Дагъистан» журналалъул бет1ерав редактор М. Бисавг1алиев, ДГПУялъул профессор М. С. Сайгидович, Хасавюрталъул «Гьудуллъи» газеталъул редакциялъул нухмалъулев М-Р. Шайхмух1амадов, Канзула Нух1беговичасул нухмалъиялда гъоркь Гъизляр районалъул директорзабазул к1удияб къокъа, чанго районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулел, директорзаби ва гьел гурел г1емерал цогидалги авар мац1 лъалел, гьеб бокьулел, гьелъул къисматалъул ургъел ва т1алаб бугел маг1арулал.
Миллияб рет1ел-хьитги рет1ун, умумузул къаг1идаялъ квен-т1ехги х1адурун балагьун ч1арал маг1арулаз ах1улел куч1дузулги, зурма-къалиялъулги, гьарулел умумузул кьурдабазулги гьаракь т1ибит1ун бук1ана Макьасалъул майданалда гуребги, т1олабго х1ебдаллъиялъул ракьалдаго.
Байрам байбихьилалде нилъер районалъул нухмалъулев Н. М. Задиев, гьесул заместителал, лъайкьеялъул отделалъул начальник Г1. А. Х1амзатов, рик1к1ен г1емерал гьесул педагогазул коллектив к1удияб рокьиялда ва гъираялда дандч1вана т1аде рач1арал гьалбадерида,лъай-хъвай гьабуна щибаб районалъул вакилзабазулгун ва бич1ч1изабуна гьадинал тадбираз г1ун бач1унеб г1елалъе рух1ияб тарбия кьеялъе гьелъул бугеб к1вар.
Гьалбадеридехун саламалъулаб к1алъай гьабуна ва хадубккун тадбир нухда бачана республикаялъул авар мац1азул муг1алимзабазул цолъиялъул нухмалъулей Баху Мух1идиновалъ.
Гьале байбихьана конкурсалде. Гьелъул щивав г1ахьалчияс бихьизабизе кколеб бук1ана кеч1 ах1иялъеги, кьурдиялъеги, умумузул г1адатал, г1амалал, умумузул квенал гьариялъеги, рет1ел-кун бихьизабиялъеги, искусствалъеги жидерго махщел-гьунар.
Щибаб районалъул щивав махщелчияс цояздаса-цояз лъик1 бихьизабуна маг1арулазул ихтилат-кепги, г1адаталги, г1аданлъиги, кинабго маг1арулазе хасиятабщинабги. Амма киналго цере рахъаразда гьоркьоб т1ок1лъи бихьизабуна Унсоколо районалъул командаялъ, к1иабилеб бак1алде рач1ана Каспийск шагьаралъул г1ахьалчаг1и. Лъабабилеб бак1 гьоркьоб бикьана Мах1ачхъалаялъул, Кизилюрталъул ва Шамилский районалъул педагогазда гьоркьоб.
Хадусеб иргаялда маг1арул мац1алъул муг1алимзабазул слет-дандеруссин бук1ине буго т1оцебесеб бак1 ккураб командаялъул районалда-Унсоколоб.
- тадбирал т1орит1иялъ рес кьела авар мац1алде рокьи бижизабизе, маг1арул лъик1ал г1адатал наслабахъе кьун ц1унизе, маг1арулазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъизе, вацлъи, гьуинлъи бач1инабизе, г1ун бач1унеб г1елалъе рух1иябгун патриотикияб тарбия кьеялъе.
|