Пятница, 29.03.2024, 16:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Сентябрь » 2 » БАЙРАМАЛДАСА РЕПОРТАЖ.
11:35
БАЙРАМАЛДАСА РЕПОРТАЖ.

Ивановги К1удияв Г1умаханги, Муслим Атаевги наибзабиги цадахъ цо бак1алда

Араб шамат къоялъ Хунзахъ район г1уц1аралдаса 90 сон т1убай к1одо гьабуна райцентралъул Г1урдада майданалда. Хундерида байрам баркизе республикаялъул т1алъиялъ вакил гьарун рач1ун рук1ана: ДРялъул Бет1ерасул ва Х1укуматалъул Администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, гьесул заместитель В. Деревянко, республикаялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Абулмуслим Абулмуслимов, Муг1рузул территориалияб Округалда вакил Мух1амад Камилов, Халкъияб Собраниялъул депутат Х. Хучбаров ва гь. ц. Х1урматияб делегациялда гьоркьор гьединго рихьулаан цере районалъе нухмалъи гьабуралгун мадугьалихъ районазул бут1рул.

Байрамалде байбихьана Россиялъул Федерациялъул, Дагъистаналъул, къадруяб Сарир пачалихъалъул, районалъул ва бат1и-бат1ияб заманалъ хундерие щварал байрахъал цере росиялдасан. Цинги къоло ункъабго росабазул поселениязул колоннаги ана къокъа-къокъа ккун балагьаразда цебесан. Киналго жамаг1атаз х1аракат бахъун бугоан жиде-жидер росдал хасиятал рихьизаризе: гьале хъубчул рет1ун къокъунел кидаго квачараб Т1ануси росдал вакилзаби, цок1алго, хъах1ал гормендабиги ч1ван т1адагьго гочунел гьоц1дерил берцинал ясал, машгьураб бук1араб бекьеч1дерил фабрикаялъул т1анса-салмаг кодоб ккурал устарзаби, пихъил х1арччалгун хьиндаллъиялдаса ахихъаби.

Героязулин ц1ар тараб паркалдаги г1уц1ун бук1ана г1ажаибаб росу- «Аул мастеровин» ц1ар тараб. Гьаниб бокьарав гьоболасул рес бук1ана маххул къебелъухъ нус лъадаризе, халича бессизе, юргъан букъизе, г1арцул т1аг1ел гьабизе жалго ругьунлъизе, рек1ее г1ураб сувенир бичун босизе. ДДТялъул (пионеразул рукъ), гьоц1дерил махщелчаг1азул, Россиялъул халкъазул традиционнияб культураялъул централъул х1алт1ухъаби рази-ракиго ругоан гьенир т1аде рач1аразе хъулухъалъе ч1ун.

Кванил ниг1матазгун рук1а-рахъиналъул алатаз берцин гьарун къач1ан ругоан Г1урдада росабазул подворялги. Т1аде рач1аразе г1орц1изег1ан кваназе т1идул, куракул карщал, кинал рокьаниги хинк1ал, гьангун-бакь- умумузул богогьанлъиялъул бокьараб квен бук1ана гьанибги! Дагьаб добег1ан, гьелда т1адеги, росдал хьагалги лъун бан бугоан мугь, белъунеб бугоан гьулав, бежулеб бугоан корохъ чед. Рак1алде ккола, лъабазаргоялдасаги ц1ик1к1ун ругин абулел рук1арал гьалбал г1орц1ун, рак1ал разиго ун ратилин Меседил тахалъул Улкаялдаса нахъеян.

Баркиялъулаб ва саламалъулаб раг1игун цеве вахъарав районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас бицана районцоязул рук1а-рахъин лъик1лъизабиялде буссараб х1алт1и хадубккунги гьабизе бук1иналъул, гьарана киназего борхараб рек1ел х1алги, баракатги. Жидер иргаялда к1алъазе рахъарал республикаялъул т1алъиялъул вакилзабазги т1адег1анаб къимат кьуна нилъер творчествалъул, жамг1иябгун политикияб г1умруялъул х1аракатчаг1азе, гьара-рахьи гьабуна г1олеб г1елалда гъорлъги гьезул мустах1икъал ирсилал г1ун рач1ине. Хасаб х1урматгун, халатбахъараб хъатч1ваялдалъун къабул гьабуна халкъалъ Дагъистаналъул т1оцевесев президент Мух1у Г1алиевасул цевевахъин. Бихьулеб бук1ана хундерил гьесул г1адатлъиялдасаги г1акъиллъиялдасаги хасаб ч1ух1и бук1ин.

Официалияб бут1аялдаса хадуб байбихьана 6 районалдаса жал рач1арал культураялъул х1аракатчаг1азул церерахъиназде. Г1ахьаллъи гьабуна концерталда гьединго Россиялъул мустах1икъав артист Т1агьир Къурачевас ва Гиннессил т1охьол анкьц1ул рекордсмен Г1умар Х1анапиевас.

Районалъул культураялъул отделалъ, районалъул г1уц1абазул х1алт1ухъабиги кумекалъе рачун, х1адурун бугоан ц1акъ маг1наяб, районалъул араб заманги, цебет1еялъул нухги бихьизабулеб инсценировка. Балагьаразе кутакаб асар гьабуна К1удияв Г1умаханица (Авар театралъул артист Г1. Г1абдулхаликъовас кутакалда лъик1 роль х1арав) халкъалъе гьа балеб лах1заталъ, бачунеб зикрудул сасалда гъоркь гьанжесел г1адамаздехун руссун аманаталгун хундерил лебалал наибзабазул церерач1иналъ, К1удияб Ват1анияб рагъул кьог1лъи бихьизабураб сценаялъ. Киназго х1аракат бахъулеб бук1ана 90-сонилаб тарихалъул щибаб лах1зат божиледухъ, х1акъикъияб куцалъ бихьизабизе. К1удияб экраналдасан, данде ккезарун, паркъулел рук1ана Хунзахъ район жидеца машгьур гьабуразул сипатал.

Х1ухьбахъиялда цадахъ х1алт1иги ккезабун, республикаялъул нухмалъиялъул делегация щвана «Къункъраби» мемориалалъухъе Ц1адаре, «150 школа» проект кин ине бугебали халгьабизе Т1ануси школалде, паркал ралел бак1азде, малъа-хъваял, т1адежураял гьаруна х1алт1абазул иналда т1асан.

Бакъанидехун, Тобтил раг1алда лъик1аб гьоболлъиги бан, т1аде рач1арал нухарег1ана. Амма кватизег1анги къот1ич1о районалъул 90 сон т1убай к1одо гьабулезул релъи-хъуйги ихтилат-кепги райцентралда. Жеги г1емерлъаги дур юбилеял, дир бокьулеб район, къо бахъанаг1ан т1егьаги мун.

Ф. Мух1амадова

Просмотров: 428 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz