Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2019 сон.
Араб шамат къоялъ Хунзахъ район г1уц1аралдаса 90 сон т1убай к1одо гьабуна райцентралъул Г1урдада майданалда. Хундерида байрам баркизе республикаялъул т1алъиялъ вакил гьарун рач1ун рук1ана: ДРялъул Бет1ерасул ва Х1укуматалъул Администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, гьесул заместитель В. Деревянко, республикаялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Абулмуслим Абулмуслимов, Муг1рузул территориалияб Округалда вакил Мух1амад Камилов, Халкъияб Собраниялъул депутат Х. Хучбаров ва гь. ц. Х1урматияб делегациялда гьоркьор гьединго рихьулаан цере районалъе нухмалъи гьабуралгун мадугьалихъ районазул бут1рул.