11 сентябралда Дагъистаналда ахиралде бахъана халкъазда гьоркьосеб Расул Х1амзатовасул «Хъах1ал къункърабазул къоял» литературияб фестиваль. Исана гьеб т1обит1улеб бук1ана ХХХ III нухалъ. 8 сентябралда республикаялъул нухмалъулезул, хъвадарухъабазулгун поэтазул делегация шаг1ирасул хабаде бахиналдасан байбихьана фестиваль. Гьебго къоялъ Ц1адар рещт1ана исана ич1абилеб нух т1обит1араб, Расул Х1амзатов рак1алде щвезавиялъул автопробегалъул г1ахьалчаг1иги.
9 сентябралъ, г1адатлъун лъугьахъе, творчествалъулаб десант рещт1ине кколаан: шаг1ирасул г1агараб Хунзахъ районалда, Гъуниб ва Дербент шагьаралда. Квачараб къо бач1ана гьеб къо хундерил т1алъиялде. Бугониги радалго рихьулаан «Хъах1ал къункърабазул» мемориалалда школлъималги, районалъул г1уц1абазул х1алт1ухъабиги. Кват1ич1ого рещт1ана творчествалъулаб интеллигенциялъул къокъаги. Гьезда гьоркьор рихьулаан: Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул правлениялъул т1оцевесев секретарь Геннадий Иванов, ДРялъул хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв Мух1амад Патах1ов, Бунинил премиялъул лауреат Вячеслав Куприянов, Чувашиялъул Халкъияв поэт Валерий Тургай, Сириялдаса таржамачи ва хъвадарухъан Ибрагьим Истанбули, лезгиязул шаг1ир Владик Батманов ва гь. ц.
Санайил жидерго шаг1ирасдехун бугеб рокьи загьир гьабизе рач1уна нилъер миллатцоял ясал-шаг1ирзаби: Манарша Г1исаева, Умарагьи Салих1ова, Залму Мух1амадова, Джамиля Пахрудинова. Исанаги берцин гьабуна гьез тадбир. Хъвадарулеб къавмалъул щивас рак1алде щвезавуна к1удияв шаг1ир, рик1к1ана жиде-жидер мац1алда гьесул асарал. Г1араб мац1алъ И. Истанбулица Расулил кеч1 рик1к1унелъул, сагьвил гьабун бук1ана т1олабго зал. Рик1к1адаса вач1арав гьоболас бицана жидехъ ц1акъ машгьураб бугила поэтасул творчество. Жиндицаги чанго т1ехь таржама гьабунила гьесул. Шаг1ирзабазул к1алъаязда гьоркьоб Р. Х1амзатовасул куч1дул рик1к1ине цере рахъана Г1арани ва Бакьагьеч1и гьоркьохъел школазул ц1алдохъаби, «Г1акаро» ансамблялъул кьурдухъабаз рихьизаруна маг1наял композициял, Г1айшат Тажудиновалъ ва Чаран Султ1анбеговас ах1ана шаг1ирасул раг1абазда патриотикиял куч1дул. Жиндир имг1ал к1одо гьавун рач1аралщиназе хъизан-лъималазул ва г1агарлъиялъул рахъалдасан баркалагун к1алъазе вахъана академик Х1. Х1амзатовасул вас Мух1амадги. Официалияб бут1аялдаса хадуб гьалбал къокъана шаг1ир жанив г1ураб, Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб рукъ-музеялде. Гьелдаса хадуб гьоболлъиги бан, творчествалъулаб десант ана республикаялъул тахшагьаралде, гьенисан жидерго ват1аназде к1удияб улкаялъул бат1и-бат1иял регионаздегун, къват1исел пачалихъазде. Иргадулаб нухалъги Расулил гъанситухъ – Ц1ада цолъизаруна бат1и-бат1иял миллатазул, диналъул, г1умруялъул г1адамал гьесул хвел гьеч1ел хъах1ал къункърабаз.
Ф. Мух1амадова
|