16 октябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана муг1рузул районал церет1еялъул бицараб данделъи-семинар. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул Жамг1ияб палатаялъул х1алт1улаб къукъаялъул нухмалъулев Деньга Халидовас, районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас, администрациялъул отделалъул начальникзабазгун х1алт1ухъабаз, росабазул бегавулзабаз, районалъул предпринимателаз ва фермераз.
Деньга Халидовас бицана гьадинаб тадбир г1уц1иялъул г1илла бугин, жакъа зах1матаб г1умруялда муг1рузда ругел г1адамал гьеб х1алалдаса рорч1иялъе нухал ралагьи. Жакъа Дагъистаналъул муг1рузда 1000 ялдаса ц1ик1к1ун росулъ г1умру гьабун вуго 900 000 чи. Амма гьезул къадар дагьлъулеб буго ва х1инкъи буго росаби лъуг1иялда. Руго т1убанго рехун тарал, ч1унтарал росабиги. Гьелъие аслияб г1илла бугин росабалъ чара гьеч1ого х1ажатал шарт1ал ва х1алт1улал бак1ал гьеч1олъиян абураб пикруялде рач1ана данделъиялъул г1ахьалчаг1и. Амма гьеб суал т1убазе ккани гьабизе кколел ишазда хурхун щивасул бук1ана бат1и-бат1ияб пикру. Рук1ана советияб заманалъул х1албихьиялдаса пайдаги босун, росабалъ г1адамазе х1алт1и-пишаги бук1ине, колхозал-совхозал ч1аго гьаризе кколин абулелги. Камич1о СССРалда хурхараб жо жидее щибго к1варич1илан лъугьаралги. Гьединаз абулеб бук1ана жиндир заманалда халкъалъул бидут1а г1уц1арал колхоз-совхозалдасан баракат бахунарин ва росдал маг1ишат цебет1еялъе цоги бат1ияб къаг1ида ургъизе кколилан. К1алъазе рахъарал фермераз ва предпринимателаз бицана жидедаго дандч1валел ругел зах1малъабазул, х1укуматалъул рохъалдасан заг1ипго гурони гьеч1еб кумекалъул, х1ат1ал рагьизег1ан рекерахъдун, откатал гъоркь тун гурони щоларел грантазул ва гь. ц. Семинаралъул г1ахьалчаг1аз муг1рузул районал церет1еялъе лъик1аблъун бихьизабуна туризм цебет1езабиги. Амма гьелъиеги цох1о берцинаб т1абиг1ат бук1ин г1олеб гьеч1о, г1уц1изе кколел руго х1ажатал, жакъа къоялъул т1алабазе жаваб кьолел шарт1ал.
И. Мух1амадов
|