Г1елмугун лъай босиялде - шарт1алгун
Исана районалъул школазда т1оцебесеб нух т1оцебесеб классалде гали т1амизе буго 300 гьит1ичас. Батаги гьеизе г1елмудал к1алг1адухъе нух г1урччинаб, жидедаса умумулги учительзабиги рохараб, пайдаяб!
Гьале т1аде щвана школлъималазул хъуй-хъаялъ г1ажаибго рак1 гъезабулеб, ч1агояб лъаг1алил г1уж.
Лъаялъул къоялда цебесеб къоялъ районалъул администрациялъул, ДРялъул Халкъияб Собраниялда Хунзахъ районалдаса депутат Хучбар Хучбаровасул, «Инсан» рах1муялъулаб фондалъул ва районалъул Жамг1ияб палатаялъул квербакъиялдалъун, т1обит1ана «Къач1ай лъимер школалде» ян ц1ар тараб рах1муялъулаб акция. Гьелда рекъон районалъул росабалъа 184 ресукъал хъизамаздаса лъимералъе кьуна т1оцебесеб классалде унезе къвариг1унебщинаб ц1алул къайи-ц1а.
Гьединго ц1алул соналда цебе Халкъияб Собраниялда вугев хундерил вакил Х. Хучбаровги районалъул т1алъиги щвана Шотот1а росулъ ц1ияб школа балеб бак1алде. Хал-шал гьабуна х1алт1ул иналъул, ц1ехана къвариг1араб-тараб. Школалъул т1убанго х1алт1аби лъуг1изе ккола лъаг1алил ахиралде. Т1адран унел руго х1алт1аби Лъаг1илухъ бух1аралъул бак1алда ц1ияб школа баялдаги. Ц1алул к1иабилеб четверть байбихьилалде гьенир х1алт1аби т1убанго лъуг1изе ругин раг1и кьолеб буго подрядчикас.
Росабазул ва шагьаразул школазда, гьезул цебет1еялда гьоркьоб бат1алъи (разрыв) дагь гьабизелъун х1алт1изе биччараб проект ккола «Точки роста» федералияб программа.
Жакъасел т1алабазе жаваб кьолеб ва киналго рахъаз квег1енаблъун г1адатаб росдал школацин бук1инаби ккола гьелъул мурадги. Гьамущи гьоркьохъеб школалда, программаялъул т1алабалги т1уразарун, къач1ан лъуг1ун буго к1иго кабинет. Гьанже хут1ун буго гьеб техникаялдалъун хьезабизе. Цебеккун нижеца газеталда хъвавухъе, «150 школа» проекталъул баракаталдалъунги лъик1ал х1алт1аби лъугьунел руго Гьоц1алъ, Моч1охъ, Т1ануси, Гьамущи школазда. Ц1ияб ц1алул соналде ц1иял квег1енлъабигун-шарт1алгун байбихьулеб буго районалъул лъайкьеялъул цо-цо учрежденияз. Гьарула гьел лъик1лъаби киналгоязде г1унт1ун школаздеги ясли-ахаздеги т1ирит1изе ва ц1алул сон муг1алимзабазеги ц1алдохъабазеги – к1иябго рахъалъе пайдаяблъунги рохараблъунги бук1ине.
Ф. Мух1амадова
|