1 октябралда Харахьи росулъ т1обит1ана районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комитеталъул АТК иргадулаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ерасул х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель Х1амид Гьит1иновас, райсобраниялъул председатель Хважа Хважаевас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Г1абдулпатах1 Х1амзатовас, АТКялъул специалистаз, Харахьи участокалда ругел росабазул советазул бегавулзабаз ва лъай кьеялъул учреждениязул нухмалъулез.
Данделъиялда гьоркьор лъурал суалаздасан рук1ана лъайкьеялъул объектал терроризмалдаса ц1униялда, 2019-2023 соназда РФялда терроризмалъул идеологиялда данде къеркьеялъул рахъалъ комплексалъулаб планалъул тадбирал Хунзахъ районалда т1орит1иялда, терроризмалда хурхарал такъсиразухъ тамих1 гьабурал, гьанже эркенлъуда ругел г1адамазда хадуб халкквей, гьелгун профилактикияб х1алт1и гьабиялда хурхарал суалал.
Т1оцебесеб суалалда хурхун баян кьуна Г1абдулпатах1 Х1амзатовас. Гьес бицана лъайкьеялъул 11 учреждениялда хут1изег1ан (8 школа ва 3 ясли-ах), цогидазда видеокамераби лъун ругилан. Цох1о Г1орк1ач1и школа хут1ун, цойгидал лъайкьеялъул объектал сверунги къан руго ва киналго учреждениязда раг1ула рук1к1араб мехалъ рек1унел чирахъал. Г1абдулпатах1 Абакаровичас лъик1аб къимат кьуна лъайкьеялъул х1алт1ухъабаз гьеб рахъалда хурхун гьабулеб бугеб х1алт1уе.
К1иабилеб суалалъул бицана Х1амид Гьит1иновас. Гьес киналго ах1ана гьабулеб х1алт1и мух1канго гьабизе. «Киназго к1вар кьезе ккола жакъа нилъеца гьаниб бицунелде. Щайгурелъул, нилъеда лъала гьеб х1алт1уде т1аса-масагояб бербалагьиялъ кинаб балагь т1аде бачине бегьулебали. Цох1о Бесланалда ккараб лъугьа-бахъин нилъее дарслъун хут1изе ккола кидаго. Гьединал балагьал такрарлъич1ого рук1ине ккани, нилъ рук1ине ккола кутакалда ц1одорго, к1вар кьезе ккола щибаб г1иси-бикъинаб жоялдецин, щайгурелъул гьединал г1исинал жалаздасан лъугьуна х1асил. Гьал ахирал соназда цебег1адин х1алуцараб ах1вал-х1ал гьеч1ониги, нилъеда лъаларелъул хадубккун щиб бук1инебали. Гьединлъидал, киг1ан дагьабниги тасамах1лъи биччазе бегьуларо. Гьединго х1алт1и гьабизе ккола отчетал роц1ц1инаризе гуреб, т1оцебесеб иргаялда нилъерго лъималазул х1инкъи гьеч1олъи бук1инабизелъун. Гьединлъидал, х1алт1и чучлъизе тезе бегьуларо», - ян абуна Х1амид Мух1амадовичас.
Г1орут1а росдал бегавулас бицана терроризмалда хурхарал такъсиразухъ туснахъ гьарун рук1арал росулъа 3 чи гьабсаг1ат жидерго х1алт1и-пишаялде руссун ругин ва гьабураб такъсиралдаса гьезул рак1ги гурх1ун бугилан.
Гьединго данделъиялда борхана щибаб г1уц1иялъ кварталалда жаниб гьабураб х1алт1ул х1акъалъулъ справкаби жиндир заманалда районалъул АТКялде кьеялъул суалги. Г1ахьаллъараз кьуна жидерго суалалги.
Данделъиялда к1алъазе рахъараз бицаралъул х1исабги гьабун АТКялъул комиссиялъ чанго х1укму къот1ана.
|