10 июлалда Хунзахъ районалда к1одо гьабуна г1олилазул къо. Гьеб байрамалда хурхун т1обит1ана чанго бат1ияб бут1аялдасан г1уц1араб тадбир. Гьеб г1уц1ун бук1ана райадминистрациялъул г1олилазул ишазул комитеталъул х1аракаталдалъун. Гьез х1исабалде росун рук1ана лъималазулгун г1олилазул киналго мурадал. Гьедин, тадбиралъул программа байбихьана радалго Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда лъималазе мультфильмал рихьизариялдасан. Гьебго заманалда байбихьана Хунзахъ чвердолеб бассейналда г1олилазда гьоркьоб лъим ххаялъул, к1анц1иялъул ва турникалда ц1аялъул къецазде. Бакъанидехун администрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана г1олилазул районалъул нухмалъиялъулгун дандч1вай. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпион, нилъер ракьцояв, Гьоц1алъа Тимур Гайдаловасги. Данделъиялда к1алъараз бицана г1олилал цолъизе ва ц1алуде к1вар кьезе ккеялъул х1акъалъулъ. Кидагог1адин лъик1аб, маг1на бугеб к1алъай гьабуна тарихчи Г1алибег Хъазамбиевас.
Гьелдаса хадуб культураялъул рукъалда цебе бугеб майданалда байбихьана тадбиралъул официалияб бут1а «Нужеда, ай жакъаги школалъул ц1алдохъабазда, студентазда, г1олохъанал х1алт1ухъабаздагун специалистазда, предпринимателаздагун жамг1иял х1аракатчаг1азда бараб буго цох1о нилъер районалъулги регионалъулги гуребги т1олабго улкаялъул бук1инесеб. Гьединлъидал, жакъа, г1олилазул къоялъ дун хасго вохарав вуго нужеца творческиябгун профессионалияб цебет1еялъул нухде т1оцересел галаби т1амулел рук1иналдаса, г1елмуялъулъ ва бизнесалда т1оцересел к1вар бугел бергьенлъаби росулел рук1иналдаса, гьаб заманалъул т1алабазде жавабги кьолаго жамг1иялгун спортивиял ва социалиял проектал г1умруялде рахъинарулел рук1иналдаса. Хунзахъ районалъул руго г1емерал г1асрабазул зах1маталъул г1адаталги, бечедаб маданиятги, к1удияб тарихги бугеб ракьалда куцарал г1олилал. Божула нужеца ч1ах1иял г1елазул лъик1ал г1адатал г1одоре рехизе гьеч1еблъиялда ва гьезго г1адин нилъер г1агараб районги Дагъистанги Россияги т1егьазабиялъе бажарарабщинаб гьабизе бук1иналда. Баркула нужеда г1олилазул къо ва школа лъуг1и. Гьарула щулияб сахлъи ва гьабулелъулъ бит1ккей!», - ян абуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас. Исана районалда школа лъуг1аразда гьоркьоса 7 медалистазе кьуна меседил медалал. Гьелги ккола Г1абдурах1манов Мух1амадг1али ва Мух1идинова Пат1имат (к1иялго Г1арани гьоркьохъеб школалъул выпускникал), Батирова Зарипат, Ниматулаева Г1айшат ва Цахаева Г1айшат (лъабайго Хунзахъ гьоркьохъеб т1оцебесеб школа лъуг1арал), Ахсагова Урузманг (Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школа), Гьит1иновасова Пат1имат (Бакьагьеч1иб гьоркьохъеб школа). Хасал сайгъатаздалъун к1одо гьаруна ЕГЭялда ц1ик1к1арал балал росарал 7 выпускник: Мух1идинова Пат1имат ва Г1абдурах1манов Мух1амадг1али (к1иялго Г1арани гьоркьохъеб школалдаса), Закарьяева Индира ва Мах1мудова Шуг1айнат (Хунзахъ гьоркьохъеб т1оцебесеб школа), Жах1барова Пат1имат (Гьамущи гьоркьохъеб школа), Г1умаров Мансур (Г1обода гьоркьохъеб школа), Батирова Таибат (Хьиндахъ гьоркьохъеб школа). Гьоркьор теч1о гьел ц1алдохъабазе тарбиягун лъай кьурал учительзабиги. Районалъул бет1ерасул ц1ар т1ад хъварал саг1тал кьуна эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпионал, Бакьагьеч1иса Г1алиев Мурадие (тренер Гъазиев Мух1амад) ва Г1оч1лоса Нурмух1амадов Аслудиние (тренер Г1исаев Мух1амад), гьебго эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъул к1иабилев призер Шуг1айбов Мух1амадие, ушу-сандаялъул рахъалъ Россиялъул вице-чемпион, К1ахъа росулъа Мух1амадов Салих1ие (тренер Дибирдадаев Мух1амад) ва социалиябгун жамг1ияб г1умруялъулъ лъураб к1удияб бут1аялъухъ Хунзахъ Ц1ахаева Г1айшатиеги. Гьединго хасал шапакъатаздалъун к1одо гьаруна спортивиял къецазда бергьарал ва призалъулал бак1ал ккуралги. Хадуб байбихьана тадбиралъул байрамалъулаб бут1аялде. Г1олилазе концерт кьезе рач1ун рук1ана республикаялъул эстрадаялъул машгьурал ц1ваби Х1ажилав Х1ажилаев, Т1авус Мух1амадова, Г1айшат Айсаева ва Апанди Исмаг1илх1ажиев. Сордо нахъалъизег1ан халатбахъана г1олилазул ихтилат-кеп.
И. Мух1амадов
|