Автор.И.Мух1амадов.Июль 2019 сон.
10 июлалда Хунзахъ районалда к1одо гьабуна г1олилазул къо. Гьеб байрамалда хурхун т1обит1ана чанго бат1ияб бут1аялдасан г1уц1араб тадбир. Гьеб г1уц1ун бук1ана райадминистрациялъул г1олилазул ишазул комитеталъул х1аракаталдалъун. Гьез х1исабалде росун рук1ана лъималазулгун г1олилазул киналго мурадал. Гьедин, тадбиралъул программа байбихьана радалго Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда лъималазе мультфильмал рихьизариялдасан. Гьебго заманалда байбихьана Хунзахъ чвердолеб бассейналда г1олилазда гьоркьоб лъим ххаялъул, к1анц1иялъул ва турникалда ц1аялъул къецазде.