Пятница, 26.04.2024, 08:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Жиндирго хъулухъалде лъугьун вахъиналдего нижер Г1ахьалч1и росу разиял ишал гьарулел руго районалъул администрациялъул бет1ер Саг1ид Юсуповас:  гьев чанц1улго щвана жамаг1атгун дандч1вазе, гьабсаг1ат росулъ унел руго газ бачиналъул  х1алт1аби. К1удияб рохел сайгъат гьабуна районалъул нухмалъулес нижер Ахтини хъутаналъулазеги – гьал къоязда гьениб х1алт1изе кьуна ц1ияб, квег1енаб спортзал. Нижер ц1акъ жигарал, бажарарал волейболистал – ясал рук1ин лъиениги балъголъилъун батиларо. Хьул буго Саг1идица росулъ рук1инесел  чемпионазе спорталъе киналго шарт1ал г1уц1илилан ва, Ахтинибго г1адин, къокъидго Г1ахьалч1и спортзал баялъул суалги раг1алде  бахъинабилилан. 

Просмотров: 539 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Зульфия Х1ажиева.Сентябрь 2014с.
23 августалда Мах1ачхъалаялда рак1алде щвезаруна Дунялалъул т1оцебесеб рагъулъ рагъарал кавказиял. Москваялдасаги т1олабго Кавказалдасаго тарихчаг1иги жамг1иял х1аракатчаг1иги данделъун гьениб т1обит1ана г1елмияб форум.Исана нусго сон т1убала дуня­лалъул т1оцебесеб рагъ лъуг1ун. Гьедиг1анасебго заман ана Кавказалъул чот1ахъабазул дивизия г1уц1аралдасаги. «Г1алхулаб дивизия» х1исабалдаги лъала гьеб. Рагъде рахъунеб мехалда гьез тушман ах1и-х1урги гьаркьалги гьарун х1инкъизавулев вук1иналъ рек1анин гьезда гьеб ц1аринги абула.

Просмотров: 1004 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Р.Х1амзатов.Сентябрь 2014с.

Гьале т1аде щвана сентябрь моц1-ц1идасанги лъаялъул к1алг1абазде нуц1биги рагьун ц1алдохъаби жиде-жидер классазда парахалъулеб заман. Киса-кибего улкаялдаго г1адин, районалъул школаздаги байбихьана ц1ияб ц1алул сон. Районалъул нухмалъулесул х1аракаталдалъун исана г1емерисел школазда гьабуна капиталияб ремонт, цо-цо росабалъин абуни ц1ияб соналъул т1оцебесеб дарсиде ц1алдохъаби анна ц1ирагьарал школазде. Капиталияб ремонталдаса хадуб Ч1ондокь, Байкь байбихьулал школал рагьулел, Бакьагьеч1и, Г1обода, Харахьи ц1алул сон байбихьиялъул рохалилал данделъабазда г1ахьаллъана живго Саг1ид Камилевичги. Щибаб росулъе рес рекъеч1ониги, «Росдал зах1матчи» газеталъул ва бак1алъулаб телевидениялъул вакилзабиги щвана цо-цо школазде гьеб къоялъ. 

Просмотров: 893 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2014с.

Сентябрь… Гьанже раг1ила школалдаса рач1унел лъималазул ч1иргъи-хъуй, рихьила релъа-рохун унел гьезул ч1ит1ирал,  бач1ина рак1азулъе ч1аголъи… Гьел пикрабазда централияб  къот1носан уней дида данде школалъул азбаралъусан ран рач1ана г1емерал  ц1алдохъаби - ясал ва васал. Гьезухъ хаган ялагьун хут1ана дун  къват1 бакьулъги  ч1ун. Цо ч1ух1араб лицеялъул яги къадру бугеб колледжалъул студенталин кколел рук1ана гьезухъ ялагьидал. 

Просмотров: 498 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.09.2014 | Комментарии (0)

Гьал г1агарал къоязда г1ехьелдерил Ахтини хъутаналда рагьана цойги социалияб объект-хъутанчаг1азул г1емерсоназулаб анищлъун жиб бук1араб, гьезул г1олилазе пайдаяб спортивияб зал. Спортзал рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе «мустах1икъал» гьеч1еллъун ниж, редакциялъулал рихьаниги, гьениб лъугьунеб-толелъул интернеталъе суратазда гъоркь комментарий хъвазе ункъго чиги вит1ун газеталъул редакторалъе машинаялда бак1 батич1ониги, нужеда районалъул г1умруялда к1вар бугеб лъугьа-бахъин лъазелъун, бахъулеб буго Ахтини хъутаналдасан гьаб информацияги. 

Просмотров: 497 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Р.Х1амзатов.Август 2014с.

Г1адатлъун батухъе, август моц1алъул ахиралда районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъаби данделъула араб ц1алул соналъул х1асилалги гьаризе, ц1ияб соналда цереч1арал масъалабазулги бицине, хадубккун гьабизе-тезелъул дандги базе. Гьедин араб хамиз къоялъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул педагогазул августалъулаб совещание.

Просмотров: 584 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Халилбегов.М-Х1.Август 2014с

Исана ц1алул сон лъуг1игун т1олалго школазул ц1алдохъабаз  жидеего щвараб  лъайги бажариги  х1алт1изабун, кинаб бук1аниги къват1исеб кумекги гьеч1ого кьуна ЕГЭ. Ахирал соназ умумузул жигаралъ ва учительзабазул «бажариялъ» ЕГЭ кьун ругьунлъарал нилъ, киналго х1инкъун рук1ана гьелъукьа. Цо-цоял божулелцин рук1инч1о гьеб гьедиг1ан кьварун бук1ине бугилан абиялда. Районалда ЕГЭялъул х1асилаз ц1акъго пашман гьарич1о.  Исана районалда ЕГЭ кьолев вук1ана 245 выпускник, гьездасан 56 ясда гьеб кьезе к1веч1о. ЕГЭялда гьоркьохъеб балл г1урус мац1алъе  районалда ккана 40,6 , математикаялъе-21,6. Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе щун буго бищунго ц1ик1к1араб гьоркьохъеб балл гьеб к1иябго предметалъе районалъул школазда гьоркьоб, г1урус мац1алъе-52,5, математикаялъе-32,7.  Рехсараб школалъул  гьединал лъик1ал х1асилал ккейдал пикру бач1ана гьеб школалъул коллективалъул  ва къогоялдаса ц1ик1ун соназ гьелъие нухмалъулев  Къурамух1амадов Мух1амадбегил х1акъалъулъ хъвазе.

Просмотров: 564 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2014с.

Дица киданиги пикру гьабулароан жидерго махщалиде лъугьунелъул тохтурзабаз кьолеб Гиппократил гьаялъул щиб маг1на бугебали. Гьеб гьабизе дун т1амуна к1иц1улго инфаркт ккарай эбел больницаялда сах гьайизе егизайизелъун тохтурзабазухъе ккедал. Къадахъа т1аде ххарунедухъ рак1ги унтун, цин г1одобе, цин гьаваялде к1анц1он давление рук1алиде ккезабизеги к1оларого, чара хун гьабизе жо т1аг1ун йик1ана дун лъабго  анкьг1ан заманаялъ. 

Просмотров: 670 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.08.2014 | Комментарии (0)

Гьал къоязда Нак1к1икь росулъ рагьана 30 ц1алдохъанасе х1исаб гьабураб ц1ияб школа. Гьеб рагьиялъул рохалилаб данделъиялда г1ахьаллъана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсупов, лъай кьеялъул управлениялъул начальник Залимхан Г1умаров, архитектураялъул, ЖКХялъул, ракьул ва мал-мукалъул гьоркьорлъабазул  управлениялъул специалист Камил Г1умаров, школалъул директор Жалалудин Х1амидов, Хунзахъ администрациялъул бет1ер Хизри Т1алх1атов ва цогидалги х1урматиял гьалбал.

Просмотров: 614 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2014с.

Арал г1одоркъояз нилъер районалда Макьасда абураб бак1алда Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул,  Шималияб Кавказалъул ишазул РФялъул министрасул заместитель Андрей Резниковасул, «Сумма» къокъаялъул директорзабазул  советалъул председатель, нилъер ракьцояв олигарх Зиявудин Мух1амадовасул ва гь.ц. х1урматиял гьалбадерил г1ахьаллъигун т1оцебесеб гамач1 лъуна 2017 соналде жиб бан лъуг1изе бугилан инвесторас (З. Мух1амадов) рак1ч1езабулеб бугеб «Макьас» курорталъулабгун туристазулаб комплекс

Просмотров: 586 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Август 2014с.

Цебеккун лъазабун бук1ахъе, 9-10 августалда Хунзахъ росулъ т1обит1ана росдал администрациялде гъорлъе унел росабазда гьоркьор спортивиял къецал. Къецал ана ц1акъ интересаб ах1вал-х1алалда.

Хунзахъ росдал администрациялде гъорлъе г1езег1ан росаби унел рук1аниги, спартакиадаялда г1ахьаллъи гьабуна г1иц1го лъабго росдал командабаз: Хунзахъ ва Гъонохъ росабазул к1и-к1и ва Заг1иб росдал цо командаялъ. Къецазул г1ахьалчаг1и саназухъ ралагьун рикьун рук1ана лъабго къукъаялде: ич1абилеб классалде щвезег1ан, 9-11 классазул ц1алдохъаби ва ч1ах1иял.

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Маг1арул мац1алде буссинабуна Н.Г1алиевалъ.Август 2014с.

Т1ануси росу нек1о заманалдаса нахъего машгьураб буго Дагъистаналда. Гьениб бук1ана Нуцал Г1алил наслу-тухумалъул гучал ханзабазул т1оцебесеб тахшагьар, жинца г1асруялъул ункъил бут1аялъ Г1арабазул халифаталде данде дагъистанияз гьабураб рагъуе нухмалъи гьабураб. Хадуселги къват1исел улкабазулгун гьарурал къеркьеязда т1анусдерица рихьизаруна бихьинчилъиялъул ва бах1арчилъиялъул хасиятал. Имам Шамилил бищунго лъик1ал наибзабазда гъорлъги рук1ана т1анусдерил г1адамал. Жакъа рик1к1ине бегьула гьеб росу ва гьединго т1олабго Дагъистанги раг1изабурал гьанжесел г1адамазул г1емерал ц1арал. Гьезул бет1ералда рехсезе бегьула Шагьрудин Шамхаловасул ц1арги.

Просмотров: 516 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2014с.

Дица къо бахъанаг1ан х1исаб-суал гьабула дагьал церег1ан соназ рук1арал г1олилазулги жакъасеб къоялъул г1олилазулги г1умруялде бугеб бербалагьиялъул, к1удияздехун гьабулеб адаб-х1урматалъул, г1умруялда гьез цере лъурал  масъалабазул. Бит1араб бицани, цебехун авторас хъвараб макъалаялда  рихьизарурал х1ужаби дидагоги чанги дандч1вайдал, киналгоязде г1унт1ун реццизе бач1унаро жакъасел г1олилал.

Просмотров: 564 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Х1ажидадаева Аминат.Август 2014с.

Гьал къоязда «РИА новости» сайталдасан дида лъана Калининградалда т1обит1араб т1олгороссиялъул учтарзабазул (ювелиразул) конкурсалда, Гьоц1алъа Мух1амадг1алиев Султ1анах1мадие «Махщел камилав устар» абураб диплом ва гьелдаго цадахъ хасаб премия щванилан.

Районалда Султ1анах1мад лъала г1емерал соназ Гьоц1алъ художественнияб комбинаталъул директорлъун ва бет1ерав художниклъун х1алт1улев вук1иналдасан.

Рак1алде ккун бук1инч1о, гьанже пенсиялде ун хадусаги, гьев творческиял х1алт1аби гьарулев ватилилан.

Просмотров: 685 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.08.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2014с.

Районалда ФСБялъул ц1ияб мина х1алт1изе кьуна.

Ниж – бац1ц1адаб районалъе г1оло!

Райцентралда кинотеатр – бук1ине!

Просмотров: 523 | Добавил: NiGMaT | Дата: 16.08.2014 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 58 59 60 61 62 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz