Гьал къоязда Нак1к1икь росулъ рагьана 30 ц1алдохъанасе х1исаб гьабураб ц1ияб школа. Гьеб рагьиялъул рохалилаб данделъиялда г1ахьаллъана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсупов, лъай кьеялъул управлениялъул начальник Залимхан Г1умаров, архитектураялъул, ЖКХялъул, ракьул ва мал-мукалъул гьоркьорлъабазул управлениялъул специалист Камил Г1умаров, школалъул директор Жалалудин Х1амидов, Хунзахъ администрациялъул бет1ер Хизри Т1алх1атов ва цогидалги х1урматиял гьалбал.
Школа рагьи кколилан абуна Саг1ид Камилевичас, бищунго лъик1аб байрамлъун, щайгурелъул щивав инсан вижун вугин ц1ализе, х1алт1изе, жидерго лъай ва х1албихьи цояс цоясухъе кьун т1ибит1изабизе. Щивав чиясда т1адаб бугила гьадинаб берцинаб, г1ат1идаб школалда лъик1 ц1ализе, к1удиязул адаб-х1урмат гьабулеллъун, гьит1иналгун рекъон рук1ине.
Лъай кьеялъул управлениялъул начальник З. Г1умаровасги ц1алдохъаби ах1ана лъик1 ц1ализе, жидеда т1ад къараб иш рак1бац1ц1адго т1убазабизе. Учительзабазеги гьарана ц1ияб къаг1идаялда, лъай кьеялъул ц1иял стандартазда рекъон лъимал ц1ализаризе бажариги, къуватги.
Рохалилаб данделъиялда г1ахьаллъарал нак1к1икьдерица рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна жидер лъималазе гьединаб гьайбатаб школа барав Саг1ид Камилевичасе ва т1олалго гьениб кьуч1 лъуралдаса школа лъуг1изег1ан х1алт1улъ г1ахьаллъи гьабуралщинал г1адамазе. Киназулго рак1ал рохизарураб тадбирданделъи ана г1уц1адго, умумузулги лъималазулги г1орхъи гьеч1еб баркалаги разилъиги загьир гьабулаго.
|