Главная » Архив материалов
Жакъа къоялда районалъул сахлъи ц1униялъул учреждениязда х1алт1и г1уц1ун буго ц1иял модернизациялъулал къаг1идабаздаса пайдаги босулаго районалъул г1адамазе гьабулеб медицинаялъулаб хъулухъ лъик1лъизабиялде щибаб къойилаб к1варги кьолаго.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2014с.
Шагьрудин Шамхаловасулгун лъикаб гьудуллъи бук1аразул , гьевгун цадахъ х1алт1изе ккаразул цояв вуго нилъер районалъул ч1ух1илъун жив кколев, Социалистияб Зах1маталъул бах1арчи, к1иго Ленинил орденалъул кавалер, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи Мух1амад Махулович Махулов. Гьалмагъасул, г1елбащадасул х1акъалъулъ жиндирго рак1алдещвеял рикьана Мух1амад Махуловичас нужее, х1урматиял газета ц1алулел.
|
Адабияталъул вакилзабаздалъун Хунзахъ район цох1о нилъер республикаялда гуребги, улка тун къват1ибехунги машгьараб буго. Дунялалдаго раг1ана жакъасеб заманаялъул к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул гьаракь. Улкаялдаго лъана Бакьагьеч1иса Ч1анк1ал, Ц1адаса Х1амзатил, Фазу Г1алиевалъулги ц1арал, Дагъистаналдаго машгьурлъана Заид Х1ажиевасул, Г1абасил Мах1амадил, Мух1амад Сулимановасул, Асадула Мух1амаевасул, Х1ажи Гъазимирзаевасул ва г1емерал цогидазулги асарал. Диналъе эркенлъи щведал ц1идасан нилъехъе т1ад руссана Гиничукьа Х1аживдибирасул ва Х1айдарбегх1ажиясул, Г1ахьалч1иса Муртазаг1алих1ажиясул шиг1рабиги назмабиги. Нилъер районалдаса щуго шаг1ир мустах1икълъана Дагъистаналъул халкъияв поэт абураб т1адег1анаб ц1аралъе.
Пасих1ал куч1дуздалъун, харбаздалъун машгьурал руго: З. Батирова, М. Патах1ов, А. Мух1амаев, М. Сулиманов, Х1. Гъазимирзаев, Гъ. Гъалбац1ов, Х1. Х1ажиев, Х1. Х1абибов ва гь.ц.
Авар адабияталъул классик ккола Бакьагьеч1иса Тажудин-Ч1анк1а.
|
Автор.И.Мух1амадов.Октябрь 2014с.
Районалда нагагьавги ватиларо Сивухъа Къурбанг1али Патах1овасул исламиял назмаби ва куч1дул ц1алич1ев чи. Исана октябралда Къурбанг1алица т1убала г1умруялъул 80 сон. Къурбанг1али Патах1ов гьавуна Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъ 1934 соналда.
К1удияб Ват1анияб рагъдаса эменги вуссинч1ого, гьит1инго лъана г1ет1 т1ун босараб чед-хинк1алъул къимат. Армиялъул налъи т1убан хадуб, Буйнакскиялда механизаторазул к1иго сонилал курсалги лъуг1изарун, къогог1ан соналъ х1алт1ана г1агараб росдал «Ц1ияб г1умру» колхозалда трактористлъун. Хасавюрталъул росдал маг1ишаталъул техникум лъуг1ун хадуб, Къурбанг1али т1амуна гьеб колхозалъул хурухъанлъиялъул бригадирлъун. Гьелдаса г1емер мехго иналде т1ад къана производственнияб участкаялъе нухмалъи гьабизе, гьенибго божилъи гьабуна колхозалъул председателасул заместителасул х1алт1иги. Чанго соналъ вук1ана «Ц1ияб г1умру» колхозалъул председательлъунги.
|
Автор.П.Гунашева.Октябрь 2014с.
Щибаб росдал бук1уна жидерго г1амал-хасият, г1адатал, мац1алъул хаслъи, тарих. Цо-цо бак1азда росдал администрациялде гъорлъе уна чанго росу. Г1езег1ан жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1и ккола росдае, хасго чангоялъе, нухмалъи гьаби. Х1ариколо росдал администрациялде гъорлъе уна Х1ариколо, К1ахъ росаби ва х1арисезул «Баг1араб росу» хъутан. Гьанже г1агар гьеб администрациялъул нухмалъулевлъун вищана Х1ариколо росулъа Х1айбулаев Саг1адула Мух1амадович. Гьанжего гьанже х1алт1уде байбихьулеб бук1аниги, гьев г1олохъан чиясда ч1ван къот1ун лъалел руго жинцаго нухмалъи гьабизе кколел росабазул г1адамазул г1умру-яшав лъик1лъиялъе гьаризе кколел х1алт1аби, щибаб росдал ругел г1узраби. Росабазе х1ажаталъул ва жиндаго гьабизе рак1алда бугелъул С. Х1айбулаевас бицана диргун бук1араб гара-ч1вариялда.
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2014с.
Милициялъул майор, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Т1айгибов Х1ажимурад Г1абдулманапович нилъер районалъул жанисел ишазул отделалде х1алт1изе вач1аралдаса г1иц1го бащадаб лъаг1елг1ан заман гурони инч1о, амма гьев х1алт1уде вач1аралдаса нилъер райотдел республикаялдаго такъсириял ишал рагьиялъул рахъалъ т1оцебесеб ва к1иабилеб бак1алде бач1ун буго. Жакъа районалда бугеб ах1вал-х1алалдаги, райотделалъул коллективалъул цадахъаб х1алт1удаги хурхун нижедаги гьесдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.
|
Хириял диналъул вацал ва яцал! РакI-ракIалъго баркула нужеда
бусурбабазе хирияб ГIид-аль-aдxla-Къурбаналъул байрам.
ТIадегIанав Аллагьас нилъер хъуралкъурбаналги гьабураб лъикIаб гIамалги азариде бахинабун къабул гьабеги.
Нилъер хIажизабиги къабулаб хIежгун тIадруссаги, гьезул баракат нилъееги щвезабеги.
Аллагьас кинавго бусурманчиясул рикъзиги хIалалаб бакIалдасан
цIикIкIинабеги.
Хунзахъ районалъул бетIер
С. ЮСУПОВ.
|
Автор.П.Гунашева.Октябрь 2014с.
Г1ун вач1унев инсанасул г1амал –хасият лъугьинабула гьесда сверухъ лъугьунебщиналъги, рокъоб эбел-инсул, школалда учительзабазул тарбия-лъаялъги киналъго цадахъ. Гьезда гьоркьоса бищун аслияблъун, к1вар ц1ик1к1араблъун ккола учителасул тарбия-лъай. Учитель ккола г1олев инсанасдаги к1удияб дунялалдаги гьоркьоб бугеб кьо. Лъик1ав муг1алимасдаса мисал босун гьесул нухдасан уна ц1алдохъаби. Гьез мисал босизе ккани учителасул бук1ине ккола лъик1аб лъай гуребги, т1адег1анаб рух1ияб рахъги, г1одобе биччараб, сабруяб, кьуч1аб, ч1ух1и гьеч1еб г1амал-хасиятги ва аслияб-лъимал ва жиндирго махщел пиша бокьиги. Гьеле гьединаб г1амал-хасияталъул, лъималазеги цадахъ х1алт1улезеги йокьулей, гьез адаб гьабулей г1аданлъун кколаХунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул г1урус мац1алъул учительница Хъазанбиева Нупайсат Хъазанбиевна.
|
Районалда социалияб к1варалъул бак1ал раялде к1удияб к1вар кьолеб буго ахираб заманалда. Хасго гьеб бихьула росабалъ рарал, ц1и гьарурал школазул, ясли-ахазул, фельдшерлъиялъул пунктазул мисалазда.
Гьале цоги ц1ияб объект. Г1обода росулъ бан лъуг1улеб буго ц1ияб типовияб, киналго шарт1ал жанир г1уц1араб 140 лъимадуе бак1 бугеб, к1ит1алаяб ясли-ахалъул мина (сураталда). Кват1иларо жанисел х1алт1абиги лъуг1ун гьениб гьит1ичаз жидерго бак1 кколеб заман.
|
Автор.Ж.Жамбулаев.Октябрь 2014с.
Хунзахъ район кибего лъала росдал маг1ишат цебе т1езабиялъулъ ч1ах1иял бергьенлъаби росарал зах1матчаг1азул багьадурал ишаздалъун. Районалъул экономикаялъул гьеб бут1аялда бугеб жакъасеб х1акъикъаталъул бицунеб буго «Дагестанская правда» газеталъул мухбирасулгун районалъул бет1ер С. Юсуповасул бук1араб гара-ч1вариялда.
- Саг1ид Камилевич, республикаялъул бет1ерасул «Рахъи бугеб АПК» проекталъул х1акъалъулъ дур пикру. Бугищ гьелдаса районалъе кумек?
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2014с.
Учительзаби. Гьел руго бат1и-бат1иял-рак1 разиял ва къваридал, х1еренал ва хъач1ал, кидаго киреялиго г1едег1улел ва х1инцал. Ина заман киналиго хехго к1очон тела, киналиго дагьалго рак1алда ч1ела. Амма руго гьезда гьоркьор кидаго рек1елъа унарелги. Щайгурелъул гьезул рокьи ккун бук1унелъул жидерго махщалихъ, ц1алдохъабиги гьезие рат1а гьарич1ого г1адатго рокьиялъухъ.
|
Автор.Алиса Алдашева.Сентябрь 2014с.
Унсоколо мухъалъул Временный абураб бакIалда хасаб операция тIобитIулеб бугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. 18 абилеб сентябрялъ 1000 гIанасел рагъулаз федералияб нухлул бутIалъун кколеб Гендерил тоннельги къан сверун ккун буго Генуб росу ва аскIоб бугеб Временный абураб бакI. 22 сентябрялъ гьенир чIухьал ранин ва ралагьулел рукIанин изну гьечIого яргъид гIуцIарал ва гьезул кумекчагIийилан лъазабулеб буго батIи-батIял информ алатаз амма гьеб гьереси бугин, цере-цере ралаанин чIухьал Генуб росулъ, амма гьанжесалалъ щибго чIухь бачIин Генуб, гьеб гIицIго сверунккун бугин рагъулаз жал вагьабиязаса цIунизейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Генуб росулъа цIар абизе бокьичIев чияс.
|
Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.
Цо-цо г1умруялда дандч1вала кутакалда ц1ар раг1арал г1адамаллъун рахъинч1ониги, г1адатиял, амма г1ажаибго берцинаб, гвангъараб, интересаб къисматалъул г1адамал. Къасилъи-къадлъи гьеч1ого, к1вах1-свак лъач1ого, г1иц1го жидерго бет1ерги х1алт1ун, квералги квалквадун ч1обогояб бак1алда г1уц1ун бук1ана гьез беролеб, т1егьалеб г1умру. Кин цох1о чиясухъа чанго бак1алде пикруги г1унт1улеб, квер-берги щолебали х1исаб гьабизе зах1матаб буго.Раг1ун бук1ана нек1сияб Рималъул император Гай Юлий Цезарихъа бажарулаанин цого заманалда жаниб чанго бат1ияб х1алт1и цадахъ гьабизеян. Гьесул г1адинаб даражаялде вахун гьеч1ониги, чанго бат1ияб х1алт1и т1адег1анаб къаг1идаялда г1уц1ун, берцинго, жиндиегоги г1адамазеги хайир бук1унедухъ нухда бачине махщел г1олеб буго Самилахъ росулъа – фермер Ибрагьимов Мух1амадрасулил.
|
23 сентябралъ т1обит1ана районалъул фермеразул данделъи. Жалго фермерал гуребги гьелда г1ахьаллъана Россиялъул ва Дагъистан республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствабазул консультациялъул отделазул нухмалъулел Н. Александрова, М. Г1абдулаева, районалъул бет1ер С. Юсупов, гьесул заместителал ва цогидалги мурад цоял г1адамал. Россиялда ва гьелдаго гъорлъ Дагъистаналдаги рекьарухъабазулгун фермерлъиялъул г1уц1абазда бугеб ах1вал-х1алалъул, гьезда цере ч1арал масъалабазул, г1олел-г1оларел рахъазул ва жакъасеб къоялъ улкаялда т1олабго росдал маг1ишаталъул к1варалъул бицун халатбахъараб к1алъай гьабуна т1адег1анаб идараялъул вакилалъ.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2014с.
ТIаса рищана бищунго лъикIал.....
Районалъул ясазе-бергьенлъи......
Централда радио хIалтIана.....
|
« 1 2 ... 56 57 58 59 60 ... 84 85 » |