Воскресенье, 19.05.2024, 03:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Август » 16 » ЛЪИК1АЛ ИШАЗУЛ К1УДИЯВ НУХМАЛЪУЛЕВ.
11:19
ЛЪИК1АЛ ИШАЗУЛ К1УДИЯВ НУХМАЛЪУЛЕВ.

Т1ануси росу нек1о заманалдаса нахъего машгьураб буго Дагъистаналда. Гьениб бук1ана Нуцал Г1алил наслу-тухумалъул гучал ханзабазул т1оцебесеб тахшагьар, жинца г1асруялъул ункъил бут1аялъ Г1арабазул халифаталде данде дагъистанияз гьабураб рагъуе нухмалъи гьабураб. Хадуселги къват1исел улкабазулгун гьарурал къеркьеязда т1анусдерица рихьизаруна бихьинчилъиялъул ва бах1арчилъиялъул хасиятал. Имам Шамилил бищунго лъик1ал наибзабазда гъорлъги рук1ана т1анусдерил г1адамал. Жакъа рик1к1ине бегьула гьеб росу ва гьединго т1олабго Дагъистанги раг1изабурал гьанжесел г1адамазул г1емерал ц1арал. Гьезул бет1ералда рехсезе бегьула Шагьрудин Шамхаловасул ц1арги.

Дун талих1ав ва ч1ух1арав вуго бащадаб г1асруг1ан заманаялъ нижер гьудуллъи бук1иналдаса. Дун вохарав вуго гьесул унго-унгоял гражданлъиялъулал ва инсанлъиялъулал ишазул, Дагъистаналъул ц1аралъе г1оло гьес гьабураб гьалдолеб х1алт1ул нуг1лъун вахъиналдаса.

1943 соналъ дун нахъе ах1ана армиялдаса ва Дагъистаналъул лъайкьеялъул наркомлъун т1амуна. Шагьрудин Мух1амадович Шамхалов вук1ана х1укуматалъул вакиллъун, нухмалъи гьабулеб бук1ана республикаялъул ц1атариялъул промышленносталъе. Гьелда т1адеги ниж ратана мадугьалзабилъунги, г1умру гьабулеб бук1ана цо подъездалда гуребги, цо этажалдацин. Нижеца байбихьана, абухъего «рукъзабазул гьудуллъи» гьабизе. Гьениб дида цебе рагьана Шагьрудинил г1амал-хасияталъул г1ат1илъи ва унго-унгояб рух1ияб сахаватлъи.

Нижер мадугьаллъиялъул халатал соназ дун вук1ана гьесул нуц1а я къад яги къаси къалеб бук1инч1олъиялъе нуг1лъун. Рит1ун чаг1и гурел-гьудул-гьалмагъзаби рач1унаан гьесухъе гьоболлъухъ. Гьеб бук1ана Дагъистаналъул киналго шагьараздаса ва районаздаса г1адамазул гьесухъе зиярат гьаби. Киназдаго батулаан гьесул рокъоб рек1ел хинлъи ва разилъи.

Рик1к1ун х1ал к1веларо Шагьрудинил кумек щварал гьесде мугъч1вай гьабурал г1адамазул ц1арал. Гьесул к1удияб ва ракълилаб хъизан къалъизабун буго гьесул г1умрудул божарай гьудул, росасеги, лъималазеги, гьезул лъималазеги рак1-рак1алъ йокьулей унго-унгояй ч1ужуг1адан Мисейил лъик1лъиялъги, рак1 разилъиялъги.

Шагьрудин Шамхалов ккола гвангъараб хасияталъул машгьурав инсан. Гьев вуго г1акъилав, г1адатияв, рит1ухълъи бокьулев маг1арулав. Гьесул буго г1ажаибаб хасият: мустах1икъал г1адамал рати, гьел жиндехунго ц1ай, гьелгун цадахъ гьабулеб х1алт1улъ ва цоцадехун гьарулел гьоркьорлъабазухъ «шамхаловасулаб» рекъон ккей бук1инаби Шагьрудиние миллаталъул к1вар бук1унаро. Гьесие к1вар бугеблъун ккола чиясул вак1а-вахари, ишалдехун бугеб рокьи-Шамхаловасе жиндиего хасиятал г1аламатал.

Республикаялда Шамхалов х1алт1ана бищунго т1адег1анал нухмалъиялъул бут1абазда-вук1ана обкомалъул секретарьлъун, Дагъсовнархозалъул председательлъун, Министрабазул Советалъул председателасул т1оцевесев заместительлъун, Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун , РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул членлъун, РСФСРалъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун, кив вугониги, кидаго гьев вук1ана сверун ругезе хайир бугевлъун. Шагьрудин цогидаздаса ват1а вахъулаан г1иц1го вижудасанго гьесие кьураб цевехъанасулаб махщалидалъун, Дагъистаналъе ва дагъистаниязе пайдаял ишал т1уралелъул гьес бихьизабулеб жигарчилъиялдалъун. Шагьрудинида киданиги рах1ат лъалароан. Гьесда кибго киве кканиги батулаан жиндирго гьалдолеб гуч, жан-жигар х1алт1изабизе бак1. Ва, рак1алде кколеб буго жакъа Шагьрудин талих1ав вугин жив къеркьеялдаса-кинабго гьабизе рак1алда бук1арабщинаб гьабиялдаса.

Кидаго рак1алде кколаан Шагьрудин икъбал бугев, гьабулеб данде бортулев чи вугин, г1умруялъул нухда гьесие кинабго бигьаго ва г1адатго щолилан. Г1иц1го гьесда аск1ор ругел г1адамазда лъалаан кин гьесул бет1ер х1алт1улебали, кин гьесул нервал сверулел рук1арал дугъдарал квараздеяли, кинаб бугониги к1вар бугеб иш гьабулелъул гьесул нухда бюрократиялъулаб чали цебе ч1араб мехалда, кинаб цебет1ей гьабулеб бук1араб гьесул кинабго къинабулеб жигаралъали ва кин гьесие кумек гьабулеб бук1араб т1абиг1ияб г1уц1арухъанлъиялъулаб махщелалъ ва киналго ишазулъ гьесул къин гьеч1еб рак1ч1еялъ. Хрущевасул реформабазул заманалда г1уц1араб Дагъистаналъул совнархозалъе, т1асахун г1аммал нухмалъиялъулал буюрухъал гуреб, кумек щолеб бук1инч1о. Унго-унгояб, миллатаздасан г1уц1араб, къуркьи гьеч1ев лидерасул нухмалъиялда гъоркь х1алт1улеб «Шамхаловасулаб команда» к1олаан доб заманалда жеги рихьич1елг1адал масъалаби т1уразаризе. Гьаб жакъа къоялдаги республикаялъул индустриялъул ц1ик1к1араб бут1а ккола совнархозалъул заманалда г1уц1араблъун.

Дир рак1 ч1ола жакъасеб зах1матаб заманалдаги Шагьрудин Мух1амадовичасда к1велаанин кризисалъулаб ах1вал-х1алалдаса рорч1изе нух батизе,- ян. Гьев киданиги ч1олароан лъик1аб бералдалъун доба-анисан кумек щвелилан. Шагьрудин х1алт1улаан ва бергьунаан Дагъистаналъул халкъалъул, гьесул гьудул-гьалмагъзабазул жиндирго зах1мат бокьиялъул махщалил кумекалдалъун.

Гьабсаг1аталда г1емер чиясда гуро лъалеб, Дагъистаналъул прикладнияб г1елму цебет1езабиялъулъ Шамхаловас лъураб к1удияб бут1аялъул х1акъалъулъ. Республикаялъул промышленнияб потенциал борхиялда цадахъго, цебе т1олеб бук1ана г1елмуги: Дагъистаналда чанго г1елмиялгин хал гьабиялъулал бут1аби, институтал ва лабораторияб г1уц1и бук1ана совнархозалъул нухмалъиялъул т1алабалдалъун рагьарал. Дица г1емер халат бицинаро Шагьрудинил рек1елъ Дагъистаналдехун бук1араб рокьул ц1а киг1ан бух1араб бук1арабали, кинаб жигаралда гьев гъорлъе лъугьунев вук1арав культурияб г1уц1иялъул суалал т1уразариялде, Мах1ачхъалаялда телецентр ва ц1ияб театр, шагьаразда, районазда кинотеатрал, культураялъул к1алг1аби рай, ВУЗазда ц1иял творческиял факультетал рагьи, миллияб кьурдул ансамбль «Лезгинка» ва г1емераб цогидабги бухьараб буго Шамхаловасул ц1аралда.

Гьесул к1удияб г1ишкъу бук1ана спорталде. Шагьрудиница киданиги гьоркьор толароан ч1ах1иял спортивиял къецал. Гьабсаг1аталда гьезда г1ахьаллъулел руго гьесул кумекалдалъун к1удияб спорталде арал, жал дунялалъул чемпионазул ва Олимпиялъулал х1аязул пьедесталалде рахарал спортсменал лъимал. Жалго рарал бак1алги-ДГПУялъул ва «Дагдизелалъул» спорткомплекс, «ТРУД» стадион, централъул директивиял нахъч1ваял рук1аниги, ран рук1ана Шамхаловасул г1ахьаллъиялдалъун.

К1одолъун бук1инаро Дагъистаналъул спортсменал бищунго т1адег1анал спортивиял рейтингазда церерахъин-Ш. М. Шамхаловасул х1алт1ул цо бут1а кколилан абуниги. Бицинч1ого ч1езе к1олеб гьеч1о дир гьудуласул бихьинчилъи ва г1амал-хасияталъул къвак1и бихьизабулеб цо х1ужжаялъулги, щай гурелъул гьелъ дир къисматалдаги къвак1ун кьабидал.

Жакъа цебе ч1езабизе зах1матго буго рак1бац1ц1адал ва пикру гьабулел г1адамазе Сталинилаб эпохаялъул идеологиялъулаб зулму-х1ал щиблъун кколеб бук1арабали. Рах1ат гьеч1еб, гьединго х1инкъи бугеб ах1вал-х1ал бук1ана Дагъистаналда, имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь маг1арулаз гьабураб эркенлъиялъул рагъул къадру-къимат г1одобе ккезабиялъул мурадалда, кьварараб провокация гьабулеб заманалда.

Газетазул гьурмаздасан, радиоялдасан, бат1и-бат1иял тадбиразул трибунабаздасан кидаго кьолел рук1ана к1удияв маг1аруласул ц1ар х1акъир гьабулел, пачаясде данде гьес гьабулеб рагъалда хурхарабщиналдехун мац1илаб бербалагьи гьабулел баянал.

Шамилил х1акъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабурав чиясе киг1ан гьеб тарихияб рит1ухълъиялде данде кколеб бук1аниги, мац1ал гьарун, хадурч1ун, рах1ат толарого бук1унаан.

Дир профессорасул ц1ар нахъе бахъулеб бук1ана ва г1елмияб ишалдаса ват1а т1езавун вук1ана х1адурулеб бугеб партиялъулаб тамих1 сабаблъун. Цадахъ х1алт1улел т1урулел рук1ана дидаса.

Шагьрудин Шамхалов, партиялъул обкомалъул секретарасул т1адег1анаб хъулухъалда вук1аниги, х1инкъич1о дие х1алае вахъине. Гьес рес бугеб бак1алдасан ч1езабулеб бук1ана, тарихияв г1алимчи х1исабалда, дир пикру бит1араб бук1ин, ва г1елмиял пикрабазе г1оло тамих1 гьабизе бегьунгут1и. Дир рак1 ч1ола г1иц1го Шамхаловасул къвак1иялдалъун хут1анин дун партиялдаса нахъе рехич1огоян.

Цебего г1адин дунгун к1алъалаго, гьес дида абулаан бихьинчияс кинабго х1ехьезе кколин. Ва кидаго хабар лъуг1изабулаан: «Пашманлъуге, кинабго жиндир заманалдасан г1одобцуна»,- ян абурал раг1абаздалъун. Шагьрудин, рит1ухълъиялъе г1оло, г1емерал х1инкъи бугел ишазде гъорлъе жувалаан, къвак1ун рахъ кколаан Шамилил багъа-бачариялъул халкъияб г1аламат бугилан абураб пикруялъул.

Гьес рагьун абулаан ахиралдаги гьесде данде гьабулеб компания жалго дагъистаниязе заралияблъун бук1унилан.

Нижер минаялъуб, цо этажалъ гъоркьехун, г1умру гьабулеб бук1ана Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатица. Шагьрудин гьоркьоса къот1ич1ого унаан гьесухъе ваккизе. Х1амзатил рокъоб бан бук1ана рукъалъул хважаинас к1удияб къимат кьолеб, Шамилил сурат. Ва х1алуцараб Шамилиде данде ч1еялъул заманалда, херав Х1амзатица, рек1екълъун ва ццим бахъун бицунаан жиндирго халкъалъул къадру-къимат ва цебесеб ц1унулареб заманалъул г1адамазул. Гьелъул х1акъалъулъ дие бицун бук1ана Шагьрудиница, гьелъ кумек гьабулеб бук1ана дие къуркьич1ого къвак1ун ч1езе.

Дица рик1к1уна дагъистаниязе к1удияб бит1ккейлъун кканин г1емерал соназ Дагъистаналъул нухмалъулезда гьоркьов Шагьрудин Шамхалов вук1ин.

Ч1ух1изе ккола, нилъ гьесул заманалда рук1иналдаса. Гьесул Ват1ан бокьи ва интернационализм-бац1ц1адаб ва г1адатияб буго. Гьесул т1олабго г1умру ккола-х1урмат-адаб гьабиялъул мисаллъун. Щибго к1одо гьавич1ого, берцинлъи кьеч1ого, гьесда лъун буго Дагъистаналъул васасул бищунго лъик1аздасан цоявин абураб ц1ар.

                                                                                                                                                                                     

Просмотров: 520 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz