Воскресенье, 19.05.2024, 06:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Сентябрь » 7 » «Г1АЛХУЛАБ ДИВИЗИЯ» Г1УЦ1АРАЛДАСА НУСГО СОН Т1УБАНА.
16:03
«Г1АЛХУЛАБ ДИВИЗИЯ» Г1УЦ1АРАЛДАСА НУСГО СОН Т1УБАНА.

23 августалда Мах1ачхъалаялда рак1алде щвезаруна Дунялалъул т1оцебесеб рагъулъ рагъарал кавказиял. Москваялдасаги т1олабго Кавказалдасаго тарихчаг1иги жамг1иял х1аракатчаг1иги данделъун гьениб т1обит1ана г1елмияб форум.

Исана нусго сон т1убала дуня­лалъул т1оцебесеб рагъ лъуг1ун. Гьедиг1анасебго заман ана Кавказалъул чот1ахъабазул дивизия г1уц1аралдасаги. «Г1алхулаб дивизия» х1исабалдаги лъала гьеб. Рагъде рахъунеб мехалда гьез тушман ах1и-х1урги гьаркьалги гьарун х1инкъизавулев вук1иналъ рек1анин гьезда гьеб ц1аринги абула.

Гьеб дивизиялда гъорлъе унаан Кавказалъул республикабаздаса рагъухъабаздаса данде гьарурал къокъаби. Масала, гьезул цояб кколаан Дагъистаналъул чот1ахъабазул к1иабилеб полк.

«Хур бекьизег1ан росулъ ч1езег1ан, рагъде унго лъик1»

Имам Шамил асир гьавун хадуб Россиялъул х1укуматалъ т1адаблъун гьабулароанин дагъистаниязда пачаясул армиялда хъулухъ гьабизе, г1иц1го магъалоги т1ад лъун толаанилан бицана тарихчи Доногъо Х1ажимурадица. Амма г1езег1ан чиясе бокьун бук1анила Дагъистаналъул к1иабилеб полкалде лъугьине, бук1аниги, киналго гурила гьенире росулелги рук1арал.

Х1ажимурад Доногъо: «Цин бугони, лъик1 г1арац кьолаан гьенир рагъаралъухъ. Цогидал къокъабазда солдатасе анц1го гъурущ кьолеб бук1ун батани, Дагьистаналъул полкалда 20-25 гъурущ кьолаан. Гьеб кутакаб г1арац бук1ана доб мехалда. Гьединлъидал, маг1арухъги рук1ун хур бекьулел рук1иналдаса, кодоб ярагъги ккун рагъизего т1аса бищулаан г1емерисез. Жидерго г1амал-хасияталда рекъараб пишалъун бихьулаан гьезда гьеб. Гьелда т1адеги хъизан хьихьизе ресги гьеч1ищха гьеб. Амма дагь-дагьккун Россиялъул армиялда патриотизм абураб жо къине байбихьана. Гьеб бук1ана 1916 абилеб сон. Россиялда инкъилаб ккеялде г1агарлъулеб бук1ана иш. Гьедин хехаб куцалда рагъизе г1адамал ралагьизе Дагъистаналъул муг1рузде рит1ун рук1ана гlypyc офицерал. Амма гьезда гьенир г1адамал данде гьаризе к1веч1о. Щайин абуни, гьеб заманалдехун гьединги г1емер чи ун вук1ана рагъде,  маг1арухъ  хут1ун  рук1ана  рагъизе гьунар г1оларел, г1олохъанал  яги херал  чаг1и. Гьединго цогидал бихьинал бет1ербахъи гьабизе Дагъистан тун къват1ире ун paтана гьезда».

Доногъо  Х1ажимурадица бицухъе, цо полкалда вук1ун вуго анлънусиде г1агарун дагъистанияв. Рагъухъаби камун хадуб, щуц1улниги ц1и-ц1и гьабун буго гьеб. Тарихчиясул   раг1абазда  рекъон, т1оцебесеб дунялалъул рагъда  к1уди-к1удияб даражаялъул шапакъатал щварал дагъистаниял г1езег1ан раг1ула, амма гьезие гьедиг1ан к1вар  бук1унароанила гьелъул. Каранда балеб орденалъул, масала, Станиславил, Аннал ва Владимирил ц1аразда  орденал кьолеб мехалда гьез абулаанила жидее г1арцудалъун кьезе бегьуларищан. Щайгурелъул,доб заманалда маг1арухъ г1адамал язихъго рук1анила. Гьедин цо-цо орденалъухъ лъаб-лъаб гъурущ щолеб бук1ун буго гьезие. Амма гьел шапакъатазда гьоркьоб т1адег1анабин рик1к1унеб Георгиясул хъанч босиларинги ч1олел  рук1ун руго дагъистаниял. Жидер диналда данде кколеб г1аламат гурин гьебилан. Гьеб мехалда бусурбабазе риччан рук1ун руго Россиялъул герб бахъарал шапакъатал. Амма гьелдаги рак1 рекъеч1ого, багьадурги вахъун кьейин жидее медаль-киласин ч1олел рук1анила дагъистаниял.

Хъах1абросулъа Мах1муд - полкалъул къади

Дагъистаналъул  чот1ахъабазул к1иабилеб полкалда вагъулев вук1ун вуго шаг1ир, Хъах1абросулъа Мах1мудги. Гьеб полкалда къадилъун вук1ун вуго гьев.

Къадиясул рук1унаанила ко­мандирасда ращадал ихтиярал. Мах1мудил х1акъалъулъ Москваялда тарихалъулгун рагъулаб музеялда бугеб документалда хъван батун буго

Мух1амад Х1асановасда. Гьев ккола Хъах1абросулъа Мах1мудил фондалъул нухмалъулев. Мух1амад Х1асанов: «Гьеб полкалда рук1ун руго Дагъистаналъул киналго миллатазул г1адамал. Мах1мудида лъалел рук1ун руго гьезул мац1ал, гьединго шариг1аталъул арканал. Гье­дин тарав вук1ун вуго гьев къадилъ­ун. Гьесда цадахъ рук1ана Хунзахъа Г1алидада, Юсуп, Ц1ат1анихъа Сулейманил Мух1амад, Мух1амахан.

Гьезул хъвай-хъваг1аял ратана нижеда. Гьез хъвалеб буго Мах1муд кутакалда как-диналда т1ад ч1арав чи вук1анила, какги ах1улаанила, имамлъиги гьабулаанила. Амма рагъудехун к1вар буссинабулев чи вук1инч1ила. Гьес жинцагоги хъвалеб буго цо коч1олъ, рокьи гъорлъ гьеч1ел кьалул харбаца, кьоларила жиндий кеп, кин бицаниги». Мах1муд лъабго соналдаса вуссун вуго рагъдаса. Гьенив лъукъунги вук1ун, дагьалъ къулунги хьвадулаанила.

«Нижер Михаил»

Дагъистаналъул чот1ахъабазул полк г1уц1араб 1853 соналдаса нахъе гьелъул нухмалъиялда рук1ун гьеч1о дагъистаниял. Командираллъун рук1ун руго гуржиял, эрмениял, хъазахъал, асат1инал, г1урусал. Г1иц1го Россиялда инкъи­лаб ккелалдехун, 1917 соналъул байбихьуда дагьабго заманаялъ тун вуго дагъистанияв гьенив нухмалъуда – Г1арацхан Х1ажимурад.

Дивизиялъул нухмалъулевлъун вук1ун вуго гlypyc пачаясул вац Михаил. Рек1елъ ч1ег1ерлъи гьеч1ел кавказиял кутакалда божулел рук1ун руго гьесда, гьесдехун к1удияб адабги бук1ун буго. «Нижер Михаил» абун рук1унаанила гьесда. Гьедин Россиялда инкъилаб байбихьизехъин бук1ин раг1идал, Кавказалде вач1айин, жидеца дуе киналго шарт1ал ч1езарилин рук1унаанила кавказиял гьесда.

P. S. Кавказалъул чот1ахъабазул дивизиялда рагъулаго рагъда камурал дагъистаниязе памятник лъезе х1исабалде босана 23 августалда Мах1ачхъалаялда т1обит1араб форумалда.

Просмотров: 1011 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz